Ясаз васал толел гьечӏилан тел бачӏун буго «Бахьикъосалде» Мичӏчӏикӏкӏалахъ росдал семилеткаялдаса.

Суал:

— Битӏахъе ахир заман рещтӏун буго, ваккун вас толев гьечӏо ясаз. Щиб дарман гьабилеб, хӏалкӏолев Аллагь? — илан гьикъулеб буго Магал эбел Гуляца.

Жаваб:

Ясаз васал толареб

Тамашаяб замана-

Интернет – тушман къайин

Тел битӏе Тӏад вугесухъ

Тӏокӏаб выход гьечӏоха, хирияй Гуля. Иначе, гуляй, Васяйинги абун, ина дур вас ясаз по рукам.

Суал:

Гӏемерал рос-лъади ратӏалъулел руго ахираб заманалда. Щиб гӏилла гьелъие, нужер пикруялда?

Жаваб:

Хъизаналда гьоркьоб кьватӏел ккеялъе

Кьури гьечӏеб буго цохӏого гӏилла:

Чӏужуялъулъ буго чӏужулъи бергьун,

Росасулъ ссун буго сонисеб рослъи.

Карочи, эбелхвадазул гьава цӏикӏкӏун буго, эмехвадазул — цӏан гӏодобе ккун буго.

ЭБЕЛАБ СУАЛ:

Дир чӏужу лъимаде йикӏун 13-абилеб моцӏ буго.

Лъил гӏайиб гьеб — тохтурзабазулищ, дирищ, дунялалда бугеб атмосфераялъулищ?

ЭБЕЛАБ ЖАВАБ:

Чӏужу лъимаде йикӏун,

Лъабго сон балеб буго,

Лъимер бачӏунеб гьечӏо…

Бакъараб улкаялде.

Рес букӏарабани, цо бакӏ нижецагоги балагьилаан рахча-хьван чӏезе. Пайда щиб, гьединаб бакӏ гьео…ургьиб гурони.