«Бахьикъосалде» гӏемер хъвадарулев вихьула гьав «Доктор Ватсон» цогидазул жал рицун. Жиндирго мунагьал чураяв инсул ккараб жо щай гьес бицунареб?

«Доктор Ватсонил» эмен Гӏу-марасхӏабил хур букӏана гӏадамал гӏемер хьвадулеб нухлул рагӏалда. Щивав нухлуласул салам буссинабизеги гьезул суалазе жавабал кьезеги кколел рукӏун, Гӏумарасхӏабил хӏалтӏи цебехун туркӏулеб букӏун гьечӏо.

Ахирги ццин бахъарав гьес чӏужу йитӏун йиго рокъоса хъорщол кесекги щакъи-къаламги босизе.

Хъорщол кӏиябго рахъалда Гӏумарасхӏабица хъван буго:

«Ва гӏалайкум салам, дунги квеш гьечӏо, гьале ражи чӏолев вугоха», — ян.

Ва гьеб щула гьабун буго нухлул бакьулъ.

Гьедин нухлулазул кӏалалги чӏезарун, хуриб ражи бекьиялъул хӏалтӏи ахирги рагӏалде бахъинабун буго гьес.