Цӏаруе бикьараб
садакъаялъул,
Сиратӏалъул кьода щиб
дуй батилеб?
Реццалъе гьабураб
гӏаданлъиялъул
Гӏакӏа ахӏанани,
кири кин щвелеб?
Ццингун жахӏдаялъул
жанисан цӏураб
Рекӏелъ гурхӏел-рахӏму
кинан лъугьунеб?
Гӏарац — боцӏи гуреб
мацӏалда гьечӏес,
Къулгьу цӏалулилан,
кин къабуллъулеб?