Пьесаялда релълъараб жо

Тӏоцебесеб пардав

Пардав рагьарабго бихьизе буго, казиятазги журналазги жаниб бугӏун цӏураб ва багӏарбакъ гӏадал мусудуз гвангъизабураб, «Миллат» газеталъул кутакалда гӏатӏидаб, эркенаб, берцинго къачӏа-кӏатӏараб кабинет.

Цӏуял жалазда гьоркьов, инсул рокъов гӏадин, эркенго хьвадулев вуго берцинаб куц-мухъалъул, къокъабго лага-черхалъул, даим релъанхъулел сихӏирал саяхъал беразул цо чанкӏкӏарав чи. Гьев вуго гьунар тӏокӏав журналист, блогер, эксперт, экс-президентасул экс-советник, ай кваранаб квер, киналго олигархазул кореш, частни газеталъулги госжурналалъулги бетӏерав Удаман Бисавгӏалиев Мухӏамад.

Гьасул кабинеталъул къадазда чӏвачӏев бахьикъосго гьечӏоан — Гӏибранил Хӏажиясдаса байбихьун, Лологъонилъа Хӏапизатиде щвезегӏан.

…Интернет-руччабазулги гьаний ячӏинчӏей гӏаданго гьечӏоан — я журналистал, я блогерал, я лингвистал, я администраторал, я модераторал.

Нусго батӏияб должность-цӏаралъул цӏвака-гӏанкарал барышняби гӏахьаллъулеб эбелаб мажлис бачине хӏадурго вугоан лъебелазул бис гӏадав вас.

Бисав (умний видги гьабун, киналго руччабазде беглый взглядги рехун).

Дир хириял руччаби, коллегаби!

Жакъа гьоркьоб лъолеб суал буго, цӏакъ тату хвараб, рекӏеда рекӏараб, рикӏкӏен гӏемерал цӏодорал гӏадамазги гӏемер бицараб, борцараб, цӏалкӏараб — «Кин цӏунилеб магӏарул мацӏ…магӏарулаздаса» абураб.

(Шефасул щибаб рагӏи, щибаб хӏухьел на ходу хватать гьабулеб бугоан творчески руччабаз, ай, гӏибадаталда муридзаби гӏадин, постоянно сайтазда сардал рорчӏулел чӏурканал интернет — матушкӏабаз.

Гӏурусаз абухъе, с особым трепетом гӏинтӏамун ругоан гьел Бисасул выступлениялъухъ).

Бисав. Миллаталъего кӏвар бугеб гьаб кӏудияб суалалъул важностги чувствоват гьабун, нилъеца даже Ассоциация гӏуцӏана мацӏ цӏунизе. Кӏудияй мугӏалим Мухидиноваги тӏамуна гьелъул Генералияй директорлъун. Мукӏурлъизе ккола, Баху Бикаца лъалеб туркӏи ккезабуна мацӏ цӏуниялъул ишалъулъ. Я макьу гуро, я квен-тӏех гуро — тӏубарал суткабаз сайтазда йиго гӏалимчӏужу .. магӏарул мацӏ цӏунулей.

Интернет-матушкӏа. Кинабго жо гьелда тӏад къачӏого, нижги хӏалтӏизареха, хӏалчӏахъаяв Шеф. Мисалалъе, дир творчествоялъул тӏубараб застой буго гьаб ахираб заманалда. Я сахаб, миллаталъего кӏвар бугеб, макъала хъвазе кӏолеб гьечӏо, я интересаб, тӏолалго блогерал бахиллъулеб, пост лъезе бажарулеб гьечӏо,

Цо Бахуе кумекалъе магӏарухъегӏаги щай дун йитӏуларей?

Бисав. Творчествояли дур кидаго тату хвараб букӏанин, тӏокӏав мадарав чи гьечӏолъиялъ аскӏой таниги.

Баху Бика щиб мухъалдехун мацӏ цӏунулей йигей?

Блогерша. Багу-чӏамалазул рахъалдехун уней йигилан кӏалъана радал. Тӏадюссуда Болъихъеги сверизе йигила, заман гӏунани, Гӏанди мухъалдеги яккилила.

Бисав. Гӏандадерие магӏарул мацӏ щай гурин, щакал сапаралги тун, Гӏахьвахъе сверейин абе магӏарул мацӏ бицунел Местӏерухъ, Ингердахъ росабалъе.

Ячӏинахъего Местӏерухъ Дом культураялда мунагьал чураяв Гӏабдулпатахӏил вечер памятиги гьабейин абе. Кутакалда магӏарул мацӏ хирияв чи вукӏанин.

Тӏоцеесей интернет-матушкӏа (нечон холаго)

Магомед Исмаилович, дур дандечӏей гьечӏони, дунги инаан Гумбет мухъалде магӏарул мацӏ цӏунизе….

Бисав. Гумбеталде гӏадамас гали бахъизе кколаро. Гьарадерихъа Хӏамзат эхеде аралдаса мацӏалъул суал бакълъулазул лъоба битӏахъе моцӏроде боржанилан абулеб буго халкъалъ. Цониги рухӏ гьечӏила жакъа гьениб гӏурусалъ кӏалъалеб.

Цӏилкьадерил цо-цо товарищал рукӏунила гьоркьор-цере мадугьалзаби-гӏандалгун гӏурусалъ гаргадулел, но гьебги временний жо бугилан ракӏчӏун вуго гьалмагъ Изудинов. Яги бацӏцӏадаб магӏарул мацӏ бицине тӏамилила жинца гӏандал, яги, Цӏиликьа гурел, жидерго чачаназул дораса хьвадизе ругила рехе-эхеде гьел хьиндалал рихарал ханыгаби.

Гумбеталъул главредасул гьеб гучаб лъазаби некӏого щун рагӏула гӏандадерихъе ва щибаб рухӏ тӏаделъун бугила тӏокӏкӏараб куцалда аварский язык изучат гьабиялде.

Модератор. Дирги буго цо идея. Давай нилъеца, бахьикъосазул удаман Гӏандийскийги гьоркьов цӏан, роцӏцӏинабизе авар мацӏ Гӏанди вилаяталда. Бахулги гьудул вуго гьев канкретний.

Бисав. Воре, воре гьев чи мацӏалда аскӏов къазего тоге. По образованию авар мацӏалъул мугӏалим вугониги, в душе конченный чачанав вуго. Объединенный номералинги абун, чачан мацӏалда райгазета биччалев чияс авар мацӏ кин цӏунилеб? Гьеб буго бацӏазда гӏи божизаби гӏадаб жо. Андийцы и в Африке андийцы…

Маарулацаги андадерил мацӏцӏи бицине ккола, Мугьамадилан чӏезеги нахъе къазе гьечӏо.

Витӏани тӏил, гьетӏани щайтӏан гӏадав Гӏандийскийги живго тун, нилъеца гьеб суал Сайпуев Хӏажиясда тӏад къала. Ичичӏалиса кьалбалги руго, Аллагьас пагьму- гьунар кьурав журналистги вуго, заочно букӏаниги, ДГУялъул русско-дурацкий отделениеги (РДО) лъугӏизабуна.

Блогер. Хъвадарухъанги вуго. Кьохъа Мухӏамадил хӏакъалъулъ саламатаб тӏехьги жоги биччарав.

Бисав. Палхӏасил, гӏандал Сайпуевасда тана. Гӏахьвалал-кӏкӏаралал тӏуранго тана, Местӏерухъ- Ингердахъ гьоркьосаги бахъун. Жал магӏарулал гурин ООНалде хъвадарулел чагӏазда магӏарул мацӏ малълъиги гьороде данде квешаб иш гьабиги цого жо буго.

Хьиндалазде гьоркьоре жал рехарав халкъалъул тушманилан, церего рукьби турарав, Данияловги толев гьечӏо гьез.

Жидерго басмаги бахъулеб буго, гӏалам урхъараб, Ашвадойин цо волшебный цӏарги лъун.

Тӏоцеесей Интернет-матушкӏа. Цӏумадисезда щиб все-таки гьабилеб? Цо Бахуда рехун тани, туркӏиго букӏинадай?

Модератор. Сасикьа Сайгидахӏмад вугогури бацӏцӏадго авар мацӏги бицунев, гӏезегӏан пагьму-гьунарги бугев чи. Амма руччабаздаса регӏиладай, эмехвад лъаларо. Тӏокӏав вахъинчӏого руччабазде рокьул саринал хъвалев вукӏунаха Фейсбукалда.

Бисав. Жакъаго чапар витӏила Гӏинкъасухъе нилъерго мажлисалъул мурадги бицун. Авар мацӏалдасаги цересел жалищ гьал руччаби, ничего себе?!

Первый делом самолеты, ну а девушки потом…

Лъабабилей Интернет-матушкӏа. Метер магӏарул мацӏ хвезе батани..

Хоралъ кечӏ ахӏулел Бисавги руччабиги.

Дагь-дагьккун къуна гьаркьал, ссуна канлъи ва къала пардав.