Емельян Пугачев, гьанжегӏаги щай
Шамил дургун гьудул гьавичӏев дуца,
Гьадав башкирияв Салаватида
Цадахъ бегьуларев чиги гурелъул
Р. Хӏамзатов
Я, хӏурматияв шеф гьанжегӏаги щай
Бисав дургун гьудул гьавичӏев дуца
Гьадав экс-редактор Гӏариповасда
Аскӏов бегьуларев чиги гурелъул.
Дуде дагӏба балев гуро, Камалов,
Коллективалъ буго тату хвезабун,
Магӏарул халкъалъул «Хӏакъикъат» дуца
Хӏакъалдаса кида махӏрум гьабилеб?
Мун вукӏуна даим ращалъи бугин
Бищун аслияб жо коллективалъе,
Мухбиразе шартӏал гӏуцӏулеб мехалъ
Цояв батӏа гьави битӏунищ бугеб?
Данделъабазда рецц — Патахӏовасе,
Памятник лъезе бакӏ — Гӏисаевасе,
Телефон, кабинет — Гӏандийскиясе,
Гӏарцулал сайгъатал — Бахумеседой.
Дунялалъул къоял къварид телаан,
Тарихалдениги виччалевани,
Дол къеда даларал портретазда гъорлъ
Цо гьитӏинаб сурат дирги седани.
Жал «дедал» ругила, мун «дух» вугила,
Даим гӏазаб кьола Нигӏматулаца,
Батӏаго бетӏерав гьечӏонаниги,
Редакторлъунгӏаги дун бегьуларищ?
Дун Лъаратӏасайин ватӏа гьавуге,
Гьадинги нижерал дагь ругин гьанир,
Нужер гъунисезул свериялда гъорлъ
Лъебеласги бакӏ кквей бакӏлъунцин гурищ?
Дун хӏалтӏуде восун лъагӏелги ана,
Лъелго хьвадулаго хьиталги хвана,
Хъахӏаб Волгаялъул бицинароан,
Цо гӏорцӏен босизе гӏарацниги кье.
Гӏаммаб рахъ рехсани, цӏакъ рази вуго
Цӏиял кабинетахъ гӏодов чӏезе щун,
Устулал росиялъ, бакӏал хисиялъ,
Халичаби тӏамун, жанахӏ къачӏаялъ.
Харж-мухьалъул суал борхараб мехалъ
Хадуб лъикӏ букӏинин хьул лъезабиялъ,
Жеги цӏакъ дудаса дун разилъана,
Собкоразул нуцӏби цӏорол гьариялъ,
Аквариумалъур ччугӏби кинниги,
Чалухал мусудул цере рукӏиналъ.
Цоги гьари буго, ясахъе унин,
Ине бакӏ тӏагӏарав, диде вагъуге,
Зульфиягун Ума абилароан,
Кумсиятгӏаги те керен чучизе