Цо дур мегӏерлъун те дун
Магӏарул театралда данделъун рукӏана шагӏиралъул асарал рокьулел
Магӏарул шигӏрабазул иргадулаб байрам байбихьана Машидатил гӏумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. Цӏидасанги гӏагараб миллатгун кӏалъана кӏудияй шагӏир. Гьенив кӏалъазе вахъарав Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас бицана шагӏиралъул хӏакъалъулъ. Тубхӏат Зургьаловалъ ракӏалдещвезаруна шагӏиралъулгун рукӏарал дандчӏваял, цӏалана Машидатил кучӏдул. Гьединго шагӏиралъул хӏакъалъулъ кӏалъаял гьаруна гьелъул хӏакъалъулъ тӏехь гӏуцӏарай Каримат Гъалбацӏовалъ, шагӏиралъул гӏагарав чи Денга Халидовас, районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовас. Адабияталъул байрамалда жигараб гӏахьалчилъи гьабуна республикаялъул районазул школазул цӏалдохъабаз. Гьез пасихӏго рикӏкӏана Машидатил кучӏдул. Балагьаразе кӏудияб асар гьабуна Унсоколо районалъул Генуб росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабазул церерахъиналъ. Гьез бихьизабуна Машидатица имам Шамилил хӏакъалъулъ хъвараб асаралъул кьучӏалда гӏуцӏараб спектаклялъул бутӏа — имамасул вас Жамалудинилгун дандчӏвай.
Магӏарул кочӏохъабаз ахӏана гьелъул рагӏабазда кучӏдул. Байрам берцин гьабун букӏана шагӏиралъул рагӏабазда ватӏаналде букӏине кколеб кӏудияб рокьул хӏакъалъулъ хъварал кучӏдул ахӏараб чӏарадисезул бихьиназул хоралъ.
Гьал магӏарул кьурабаз кьабун цӏун буго дир ракӏ
Машидат. Гьадинаб цӏар кьун буго шагӏиралъул 90 сонилаб юбилеялде магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул редакциялда гъоркь къватӏибе биччараб тӏохьое. Материал данде гьабун, гьеб бахъун буго шагӏиралъул гӏагарай гӏадан, шагӏир, журналист, Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель Каримат Гъалбацӏовалъ.
Тубхӏатил цеберагӏиялъ дида ракӏалдещвезаруна Машидатихъе цӏалдохъабиги рачун унел рукӏарал лахӏзатал. Суратаздасан цӏалдолезухъ ялагьун йиго тӏадегӏанай магӏарулай, магӏаруллъиялъухъ рокьи ккарай, гӏагараб халкъалдаги ватӏаналдаги жидер мегӏерлъун тейилан ахӏи балей хутӏарай шагӏир.
Дун кисаян гьикъани,
Кверги борхун абила,
Лъол цӏвабзазде гӏагарал
Мугӏруздаса йигилан.
Мугӏрул щибан гьикъани,
Къосинчӏого абила,
Къвакӏиги гӏаданлъиги
Гӏемераб ракь бугилан.
Шамай Хъазанбиева