Миллионал щоларо, амма нахгун чед камунги хутӏуларо

Советияб заманалдаса нахъего дида лъалаан Чӏегӏерчи Чӏегӏерчиев гӏадатияв инсан хӏисабалда гуревги, махщел бугев механизатор хӏисабалдаги. Гьабсагӏаталдаги 25 сон бараб Т-150 тракторгун гьев хӏалтӏулев вуго Богатыревка росдал «8 март» МУПалда ва гьелдаго цадахъ гьале 4 сон буго ижараялъе гьебго колхозалъул 100 гектар ракьалъулги босун (50 гектаралда ролъ ва 50 гектаралда люцерна), гьеб хӏалтӏизабизе лъугьаралдаса. Гьал къоязда дун дандчӏвана Чӏегӏерчигун ва гьесулгун гьабуна гьадинаб гара-чӏвари.

— Жакъа, гьаб квачараб къоялъги мун авлахъалда хӏалтӏулев вуго. Гьанирго рихьулел руго бульдозергун экскаваторги…

— Гьадинаб къоялъ хинаб бакӏалда чӏезе бокьарав чи хӏалтӏизе бегьула, радал 8-ялда ун, къаси 4-ялда вачӏун кабинеталда гӏодов чӏун тӏубазе бегьулеб хъулухъалда. Ракьалда хӏалтӏулев чи гьедин чӏун данде кколаро. Гьал руго цӏамхӏалал ракьал, гьел чуризелъун советияб заманалдаго бахъараб канал-коллектор бацӏцӏунел, къачӏалел руго бульдозергун экскаваторги.

— Мун вуго 30 соналъ колхозалда хӏалтӏарав, хӏалбихьи бугев механизатор. Дуе бигьаго букӏинчӏищ, малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун колхозалда хӏалтӏун чӏезе?

— Бигьаябщинаб гьабун чӏун данде кколарелъулха. Тракторалъул кумекалдалъун дица гьабула колхозалъул хӏалтӏи, гьеб букӏуна ихдал ва хасалихъе. Колхозалъул гаражалда гьабула махх регъолев чиясул хӏалтӏиги. Амма цохӏо гьел хӏалтӏабазухъ щолеб мухьалъухъ бетӏербахъи гьабунги хъизан-лъимал хьихьунги бажаруларо. Дие бокьула ракьалда хӏалтӏизе, гьеб бегизе, бекьизе, хьон хьазе, хьараб бижизабизе, гьединлъидал тӏаде босана гьаб ишги.

— Кинал шартӏазда босараб ижараялъе ракь?

— Ракь бегиялдаса байбихьун, тӏощел бакӏариялде щвезегӏан — кинабго хӏалтӏи (техника колхозалъул) гьабула дица. Моцӏрое чӏезабураб харж гьечӏо, колхозалъ мухь кьола ракь бегаралъухъ ва хьон хьаралъухъ. Дие щола бакӏарараб ролъул 7%.

— Кинабха ккараб исана соналъул хӏасил ва щиб гьабизе ракӏалда бугеб тӏадеялъул?

— Исана цо гектаралдаса бачӏана 26 центнер тӏощалил. Гьабсагӏаталда бугеб ахӏвал-хӏалги цебехун гьабураб кинабго хӏалтӏиги хӏисабалде босун, ракӏалда буго тӏадеялъул гӏага-шагарго 23-25-ялдаса дагь гьечӏеб центнер бакӏаризе.

— Кинабго хӏалтӏи, кумекалъе чи гьечӏого, дуцаго тӏубан бажарулищ, ва сезоналъул заманалда, гьоркьохъеб хӏисабалда, кинаб бугеб дур хӏалтӏул къо?

— Дун дове-гьаниве ине кколев вугони, боцӏудаса авлахъ цӏунизе вас витӏун гурого, къанагӏат гурони ахӏуларо кумекалъе чи. Гӏазу-цӏад бан гьава-бакъалъ гӏодор тун гурони, байрамкъоял-гӏодоркъоял авлахъалда хӏалтӏулев чиясул рукӏунаро. Радал 6-ялдаса, кватӏун ккани, 7-ялдаса къасилъизегӏан хӏалтӏула. Ракь бегулеб заманалда, къад 3-4 сагӏаталъ хӏухьбахъиги гьабун, рогьинегӏан хӏалтӏулеб мехги букӏуна. Хӏалтӏи хехго ва лъикӏ гьабурабгӏан, хӏасилги гьелда рекъараб букӏунелъул, дие лъицаниги чӏезабизе кколаро хӏалтӏул къо, лъицаниги хӏалтӏи гьабизе тӏамизеги кколаро.

— Дур буго 25 сон бараб трактор. Кин бажарулеб гьеб хӏалтӏизе кӏолеб хӏалалда чӏезабизе?

— Хӏалтӏуе кӏудияб квалквал гьабулеб хӏужа буго гьеб, техника басрияб букӏин. Чӏужугӏаданалъе хӏеренлъи бокьулин абухъе, гьебго бокьула техникаялъеги. Исана гьаб тракторалъ дица бегана ва хьон хьазе къачӏана ракьалъул 200 гектар. Хӏалгьабичӏого, къобихьизабичӏого хӏалтӏани, жиндир заманалда къачӏани, цӏунани, хӏалтӏичӏого букӏунаро басрияб бугониги техника. Тӏадеялъул дагьаб лъикӏаб трактор щвеялде хьул буго, гьеб тӏалаб гьабулеб буго колхозалъул нухмалъиялъги. Колхозалъул буго хер бецулеб косилка, кӏвана цӏияб сеялка босизеги. Букӏана Богатыревкаялда гектаралдаса 10-12 центнер бачӏиналъул щолебги заман. Исана цо гектаралдаса щвана — ролъул 26, пурчӏинадул — къогоялдаса цӏикӏкӏун центнер. Щибаб соналъ колхозалъ босизе кколаан 120-130 тонна кӏалцӏул, исана босизе кколеб хӏал гьечӏо. 90-абилел соназда гӏемерго нахъе кьабуна нижер колхоз, гьедин бугониги цоги бакӏазда гӏадин гьеб биххизе течӏо.

— Техникаялъе запчастал, цӏатари буго хиралъун. Гьедин бугеб заманалда захӏмалъулеб гьечӏищ хӏалтӏи гьабизе?

— Буго, мисалалъе, соляркаялъул багьа гӏагарлъулеб буго бензиналъул багьаялде. Бигьа гьечӏо хӏалтӏизе, амма, гьабуни, кӏола. Цӏикӏкӏарал багьаби ругониги, хаслихъе хьалел могьолал культурабазул бачӏин 20 центнералде бахани, мун къоларо. Берцинго хӏалтӏани, гьединаб бачӏин щвезе рес буго нилъер гьаниб.

— Духъ бугеб 50 гектаралда бекьулеб люцернаялъул къисмат кинаб бугеб?

— Люцернаялъулги буго добго хӏисаб — кинабго хӏалтӏи гьабула дица, къваригӏараб техника чӏезабула колхозалъ, гьениса бакӏарараб харил гӏаммаб къадаралъул 7 % щола дие. 20 гектаралда буго гъоркьиса ихдал хьараб люцерна, исана гьениса щвана, цо гектар рикӏкӏун, харил 4,5 тонна. 30 гектаралда люцерна дица хьана исана сентябрь моцӏалда.

— Дур пикруялда, ракь лъил бетӏергьанлъиялда букӏине кколеб: гӏаммал магӏишатазухъищ яги бетӏергьабазухъищ?

— Ракь букӏине ккола гӏаммал магӏишатазухъ. Богатыревкаялдаги руго гӏезегӏан чагӏи фермеразулал магӏишаталги гӏуцӏун, амма гьезда гьоркьов цо-кӏиго гурони гьечӏо ракь хӏалтӏизабулев чи. Хутӏарал руго, цере хӏалтӏизарулел рукӏарал ракьалги харибакӏазде сверизарун, гьениса щвараб херги бичун, разияб хӏалалда. Ракь хӏалтӏизабизе ккола, щиб бекьунги гьеб гӏадада тезе бегьуларо.

— Росулъ ругел гӏемерисезул, шагьаразда ругезулго гӏадин, гӏарзал рукӏуна, хӏалтӏи гьечӏин абун. Битӏараб бугищ гьеб пикру? Дур хӏисабалда, ракьалде руссиналъул бугищ магӏна-пайда?

— Кӏалдибе борта багӏаргӏечин чӏун ругони, гьеб бортуларо. Бортизе ккани, гъветӏ кӏобокӏунгӏаги, цо щиб бугониги гьабизе ккола. Хӏалтӏи гьечӏинги абун щибго гьабичӏого чӏун ругони, гьеб букӏунаро. Босе гектар, 10 гектар, бекье охцер-помидор, цогидаб, ай гьабе лъалес лъалеб, лъалареб, лъалесда гьикъун, лъазабе. Миллионал гьаниса рачӏунаро, амма нах бахараб чед камунги киданиги хутӏуларо.

— Дуца 57 сонги бан бугелъул, хадубккун щиб гьабизе ракӏалда бугеб?

— Гьаб хӏалтӏи телин абураб пикру цӏакъго добегӏан цун буго дица. Сахлъи-бажари букӏаго, вукӏина ракь хӏалтӏизабулев. Бикъизе дида лъаларо, бича-хисиялъул чиги дун гуро. Дие лъикӏ дида лъалеб ва бокьулеб, кигӏан къобихьун, гӏетӏтӏун гьабизе кколеб бугониги, дица гьабураб диего батулеб, Аллагьасдаги гӏадамаздаги гьоркьовги бацӏцӏадаб гьаб хӏалтӏи. Магӏарулаз абула, квер квализабураб бакӏалда цо жо камуларин абун, ракьалъ кьола чед…

Гӏабаш Гӏабашилов