Кӏодолъулеб буго Дагъистаналъул тахшагьар, амма гьелъул сипат, сурун гурони, берцинлъулебго гьечӏо

Шагьаралда гӏемертӏалаял минабиги, хӏухьбахъиялъул бакӏалги, квана-гьекъолел залалги ралеб мехалда, архитектуриял нормативалги эстетикияб искусствоги цӏуниялъул хӏакъалъулъ цо чанго суал кьуна нижеца архитектор, минабазул къватӏисел къадазул дизайнер, художник Сайгид Мухӏамадовасе.

— Сайгид, Махӏачхъалаялда, къанагӏат гурони батуларо цоцада релълъен-хъвай бугеб кӏиго мина. Тахшагьаралъул архитектураялъе щиб къимат дуца кьелеб?

— Мина базе байбихьарав чияс живго рикӏкӏуна архитекторлъунги, дизайнерлъунги, устарлъунги… Гьединлъидал кинаб тайпаялъул бакӏ базе бугебали, гьес лъиданиги дандбаларо. Абизе бегьула, гьединаб халгьаби гӏуцӏулеб идараги хутӏун гьечӏилан. Щивасда ракӏалда букӏуна, мадугьаласулалдаса лъикӏаб, цогидазда релълъинчӏеб бакӏги бан, жиндиего цӏар щвезе.

— Гьезда рагӏи абуларищ шагьаралъул архитектураялъ?

— Архитектураялъул комиссиялъ яги цогидаб идараялъ гӏицӏго къабул гьабула бан бахъараб бакӏ, хасго гьеб жалго бетӏергьанаб бакӏ бугони. Сверухъ ругел объектазда гьоркьоб гьеб рекъонкколищалиги халгьабуларо. Гьез бицунеб батила, минаялда хӏалтӏизарурал материалазул стандартал цӏуниялъулги, лъелгун газалъул мухъал рекъезариялъулги – гьеб иш дида лъаларо. Амма ранги рахъун къабул гьарурал минабаз тахшагьаралъул сипат тӏубанго хисизабун бугеблъи киназдаго бихьулеб буго.

20 соналъ хӏалтӏулев вуго дун Махӏачхъалаялда. Кумек гьарун вачӏарав чиясда дица гьикъула щиб гьабизе ракӏалда бугебин мина бан бахъиндал. Ресторан батаниги, гостиница бугониги, тукен гьабуниги – щибаб объекталъул букӏине ккола гьелда рекъараб сипатги.

— Шагьаралда объектал ралеб мехалда пачалихъалъул букӏунищ гӏахьаллъи?

— Бюджетиял бакӏал ралеб мехалда гурони, букӏунаро. Школал, лъималазул ахал ралеб мехалдаги кӏочонеб буго, къватӏисеб рахъалъулги берцинлъи букӏине кколеблъи. Советияб заманалда щибаб балеб бакӏалъул гьабулаан экспертиза. Доб заманалда киналго бакӏалги ралаан пачалихъияб заказалда рекъон. Гьанже гӏемерисеб буго жалго бетӏергьанал компаниязухъ. Амма Россиялъул чӏахӏиял шагьаразда гьабсагӏатги биччаларо жидее бокьухъе бакӏал разе. Масала, Москваялда, Санкт-Петербургалда, Белгород областалда цониги бакӏ гьечӏо, ахирал соназда бараб батаниги, шагьаралъул сипат хисизабулеб хӏалалда бараб. Жигар бахъула къватӏалъул, майданалъул, шагьаралъул тарихияб сипат цӏунизе.

— Сунда бараб бугеб шагьаралъул сипат цӏуни – улкаялъул законалдайищ, щибаб шагьаралъул администрациялъ къабул гьарурал законалъул актаздайищ, яги шагьаралда гӏумру гьабулел гӏадамазул пикруялдайищ?

— Кинабго букӏине ккола законалде рекъон. Амма гьабулеб буго жидеего бокьухъе. Масала, Махӏачхъалаялда цебегоялдаса нахъе чӏобого хутӏун буго Гьудуллъиялъул минаялда аскӏоб бараб гӏемертӏалаяб мина. Берцинаб минаги буго гьеб. Амма къадаздаса къанал гъенезе байбихьун руго. Гьелда хьолбохъ машинаби лъалхъизаризе хӏинкъуледухъ лъугьун буго гьеб. Гӏилла, къадал берцин гьарулаго, нормативал цӏунунгутӏи. Дида, мисалалъе, кодобе босараб щибаб ганчӏил тарих лъала. Амма лъай гьечӏел гӏадамаз кинабго гьабулеб буго ракӏалде кковухъе.

— Цоги кинал гӏунгутӏаби ругел, дур пикруялда, шагьаралъул архитектураялъул?

— Цониги бакӏалда цӏунулеб гьечӏо нилъерго миллияб сипат. Умумуз ралел рукӏана берцинал, гӏасрабаз риххун унарел минаби. Щай бегьулареб Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги миллиял хаслъаби гъорлъ рессарал минаби разе? Бегьулаан, миллияб рукӏа-рахъин гӏуцӏизе рестораназда, гостиницабазда. Гьединал бакӏал гӏемер руго Россиялъул шагьаразда. Цӏунулеб гьечӏо бакӏалъул материалалдаса пайда босиялъул гӏадатги. Тӏабигӏияб ганчӏил бакӏалда, масала, хӏалтӏизарула гьанжезаманалъул технологиязул кумекалдалъун хӏадурарал материлал. Гьезул букӏунеб заралалъул пикруго гьабуларо.

— Духъе проектгун вачӏарав чияс цебеккунго хӏисаб гьабулищ, пуланаб бакӏ балаго, кинаб материал хӏалтӏизабизе бокьун бугебали? Масала, гӏемер бицуна, букӏине кколелдаса тӏеренаб арматура хӏалтӏизабулин, хашаб цемент букӏунин, мехго балелде, гьел минаби риххизе байбихьулин.

— Дир иш ккола, тӏабигӏияб ганчӏица бан бахъараб минаялъул къватӏисеб рахъ берцин гьаби. Гьединлъидал, дихъе вачӏарав чиясда дицаго бицуна, кинаб гамачӏги, цогидал алаталги дие хӏажалъулелали. Дица бицуна гьесда дирго пикру: гьаб рекъон гьечӏин, гьаб цоялъе гьадинаб материал босизе кколин.

— Дур хӏалтӏухъабаз къачӏарал минабазул цонигияб бугищ Махӏачхъалаялда?

— Нижер ахирисеб хӏалтӏи ккола «Россия – дир тарих» абураб музеялъул мина. Гьелъул гъоркьияб рахъ гьабуна Викри росулъа устарзабаз. Гьеб букӏана захӏматаб хӏалтӏи – сордо-къоялъ рукӏунаан гьенир. Каспийскалда, «Барзу» абураб рестораналда аскӏобги бан буго мина. Гьелъул къватӏисеб рахъ къачӏана кӏиго батӏияб стильги хӏалтӏизабун. Тахшагьаралъул ралъдал рагӏалда рарал бакӏалги къачӏана нижеца. Рукӏана Чачан Республикаялдасаги Россиялъул цогидал регионаздасаги заказалги.

— Нужер хъулухъ хӏажат бугин вачӏарав чияс диплом бугищали цӏехолищ?

— Гьеб цӏехола хадуб. Цин рачӏуна, цебеккун гьабураб хӏалтӏи бихьун хадуб. Гара-чӏварулаго, хӏалбихьула, дирги дир хӏалтӏухъабазулги кинаб бажари бугебали лъазабизе.

— Гьабураб хӏалтӏухъ мухь кьечӏого яги кьезе бокьуларого рукӏунищ?

— Дагъистаниял руго гьеб рахъалъ цӏакъал чагӏи. Нилъер щивасе кӏудияб кӏваралъул ишлъун ккола бацӏцӏадаб цӏар цӏуни. Лъиениги бокьуларо, пуланав чиясул хӏакъалъулъ квешаб хабар тӏибитӏизе. Гьединлъидалги батила, гьабураб хӏалтӏухъ букӏине кколеб заманалда кьола гӏарацги.

Гара-чӏвари гьабуна

Кавсарат Сулеймановалъ.