Цӏалдохъабазул эбел-инсуда бичӏчӏулеб гьечӏо лъималаздехун учительзабазул бергьалагьи щай хисарабали
Мадугьалихъ ругел магӏарулазул вас хьвадулев вуго анлъабилеб классалде. Дагьалъ цебе ккараб гара-чӏвариялда гьесул эбелалъ дида абуна, цере гӏадал учительзаби хутӏунго гьечӏин школалда. Лъавукъалищ ругел, сундулъ хиса-баси ккарабан гьикъидал, гьелъ гьадин бицана: «Чанго соналъ цебе школа лъугӏана кӏудияв васас. Гьесул учительзабазда аскӏоре араб мехалда, гӏагарал чагӏигун дандчӏварал кинигин, роха-хинлъун лъугьунаан ниж. Гьанжейин абуни, пуланаб дарс дида бичӏчӏичӏин абун, цӏалдохъан аскӏове ани, гьез абула, дарсаздаса хадув хьвадеян жидеда аскӏове, гьадигӏан мухьги кьезе ккелин гьелъухъ. Нилъер лъималазухъа щвезе ругел гъуршазул гурони, хӏисабго гьабулеб гьечӏо жакъасел учительзабаз. «Гьев вуго нужер вас, школа лъугӏизегӏан, дица хӏехьон вуго гьев. Гьесие лъикӏал къиматал щвезе бокьун батани, нужецаго хӏаракат гьабизе ккола», — ян абула учительзабаз нижеда».
Мелги доскаги –
камилаб лъай кьолеб технология
Нилъ ругьунлъун руго, заманалде гӏайибазул гъегъ базе: заман хисун бугилан, цебе гьедин букӏунароанилан бицаризе. Учительзаби хисиялъе щиб гӏилла ккарабали цо мисалалдалъун халгьабилин. Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ Махӏачхъалаялда хӏалтӏулей йиго Меседу. Гьей ккола байбихьул классазул учительница. Хӏалтӏул хӏалбихьи гуребги, камилаб лъайги, лъималаздехун гьуинаб бербалагьиги бугей учительница йикӏиналъ, гьелъухъе лъимал кьезе бокьарал умумул гӏемерал рукӏуна. Учителасул тӏабигӏат хисиялда бан, гьадинаб пикру загьир гьабуна гьелъ: «Советияб школалда учителасул къадру кинаб букӏарабали такрар гьабизе ккеларо. Нижее рес букӏана тӏадаб ишалде машгъуллъизе, ай дарсазде хӏадурлъизеги, музеязде, театразде, шагьаралъул берциналги тарихиялги бакӏазде лъималгун сапарал гьаризеги заман гӏолаан. Гьанже нижедаса щибаб моцӏалъ, хӏатта щибаб къоялъцин тӏалаб гьарула батӏи-батӏиял кагътал. Абизе бегьула, хӏалтӏи тӏубанго сверун бугин кагътал хӏадуриялде. Балъго гьабун щай, гӏемерал соназги хӏалтӏун, рекӏехъе лъала дида щибаб дарсил тема, гьединлъидал, дарсил къокъаб план хъвалеб заманги букӏана. Гьанже квералъ хъварал планазде гӏей гьабун чӏоларо – букӏине ккола компьютералда рахъарал, кьер-кьерал суратаз берцин гьарурал. Школалдаса свакан тӏадюссарай дир хӏал букӏунаро хъизамалде регӏараб. Интернет хъирщизе ккола, иргадулаб дарсие «дахӏаби» хӏадурулаго, заман уна. Гьединал дарсазелъидал гьанже лъикӏаб къимат кьолеб бугеб. Лъималазул лъаялъул даража борцунеб шартӏлъун лъугьун буго технологиял хӏалтӏизари. Амма мелги доскаги гурони технологиял рукӏинчӏеб заманалда цӏалдохъабазул лъай камилаб букӏана», — ян.
Нормативияб документалда
Учителасул гӏаданлъи букӏине кколин абун хъван гьечӏо цониги нормативияб документалда. Педагогасул хъулухъалъул хӏакъалъулъ хъварал кагътазда бихьизабун буго гьесул букӏине кколин камилаб лъайги гьеб лъай цӏалдохъанасухъе щвезабизе бажариги. Прессаялда гӏемер хъвала, учительлъун хӏалтӏизе бажарулев чи вугин гӏицӏго гьелде рекӏелъ рокьи цӏикӏкӏарав чи. Гӏурус мацӏалъул учительница Светланаца гьадинаб жаваб кьуна гӏаданлъи тӏагӏиналъул гьикъараб мехалда: «Учительги ккола чӏагояв чи. Анцӏ-анцӏ соналъ ракӏунтун, къасиги къадги хӏалхьи гьечӏого гьабулеб хӏалтӏи буго гьесул. Кинха гьев хисиларев? Гьединги хӏалтӏун, учителасе моцӏрое щолеб харжалъул пикру гьабеха. Гӏолохъанаб заманалда, лъималазде бугеб рокьуцаги бокьулеб пишаялде гъираялъги, батӏияб жоялъул пикру гьабулароан, сардал рорчӏунги хӏаракат гьабулаан. Сонал цӏикӏкӏанагӏан, тӏагӏунеб буго гъираги – баркала гьечӏеб, кири щолареб, жамгӏияталдаги нижер хӏалтӏул кӏвар бичӏчӏулареб иш гьабулеб бугилан пикру гӏемерлъула. Нужеда вихьанищ цониги хъулухъчи, учительго гӏадин, сардилъги жиндирго хӏалтӏуде машгъуллъарав? Гьебги Захӏматалъул кодексалда чӏезабураб заманалда гуреб, хӏалтӏудаса эркенаб мехалда. Гьединлъидал гӏаданлъи цӏунизе нижедаса тӏалаб гьабуге. Гьединаб рагӏи хъван гьечӏо цониги нормативияб документалда».
Цӏалдохъабаздехун бербалагьи хисун буго Патӏиматилги (росдал школалъул учительница). Гьелъ бицана, цӏалдохъанасеги гьесул эбел-инсуеги камилаб лъай бокьун гьечӏони, гьеб кьун бажаруларила учителасухъаги. «Росабазул школазда хӏалтӏулел учительзабаз рекӏелъ жахӏдагун бицуна, шагьаралъул школазда ругел ишцоязе рес букӏунила цӏалдохъабазе мухьдахъ дарсал кьезеян. Росулъги рукӏун, киналго гӏага-божаралги ругеб мехалда, дарсаздаса хадуб щиб букӏаниги малъаралъухъ гьадигӏанасеб гӏарац кьеян абизе дида кӏоларо. Амма бербалагьи дирги хисана – бижана ургъел гьечӏолъи, бокьани – лъазабе, бокьичӏони – гьедин рукӏаян пикру гьабулей ятула дунги. Щай? Щайгурелъул хӏалгьабун дарс бичӏчӏизабизеги гьеб хӏажалъулеблъи рекӏелъ хъинтӏизабизеги цӏакъ захӏмалъулеб буго. Дида бадибчӏвай гьабиларедухъ хӏалтӏаниги бегьула жакъасеб школалда».
Лъида бугеб гӏайиб?
Дир пикруялда, учителасулъа гӏаданлъи тӏагӏиналъе квербакъана цӏалдохъабазул эбел-инсуца. Гьебги – ЕГЭ кьезе байбихьараб заманалда. Киназего хӏажалъана жидер лъимал вузазде рорчӏизаризе. ЕГЭялъухъ цӏикӏкӏарал баллал лъеялъул мурадалда, байбихьана учителасе мухь кьезе. Киданиги божиларо, щибаб дарсида малъулеб жо ботӏролъе биччаларев цӏалдохъанас, дарсаздаса хадуб, анлъго сагӏаталъ школалдаги вукӏун, гьевго учителас мухьдахъ кьураб дарс гьесухъа лъазабун бажарулин абураб жоялда.
Цоги гӏилла. Анцӏила хадуб соналъ учитель ругьун гьавуна, жив цӏалдохъанасе хъулухъалъе тарав чи кколин абураб пикруялде. Гьединал тӏалабал рукӏана лъайкьеялъул «цӏиял» хӏакимзабаз ургъун. Гьезда рекъон, «учителас кумек гьабизе ккола цӏалдохъанасе хӏажатаб лъай балагьизе», «учитель ккола цӏалдохъанасе лъайкьеялъул хъулухъ гьабулев чи». Ай, лъай кьезе гуреб, гьеб балагьизе тӏамизе ккола живго цӏалдохъан. Аслияб иш гьабулевлъун вукӏарав учитель ккезавуна щибали лъалареб бакӏалде. Бичӏчӏизе ккола, хъулухъалъухъ гӏарац кьезе кколеблъиги мухь кьечӏев чиясе хъулухъги лъицаниги гьабулареблъиги.
Лъабабизеги. Цӏалдохъабазул умумулги руго гьанжезаманалъул гӏадамал, гьезда рагӏула школалда цӏиял технологиял рукӏине кколинги дарсаздехун цӏиял тӏалабал рукӏунинги абулеб. Гьез, гьелго тӏалабал рукӏине кколин, бадирчӏваял гьарула учительзабазда. Учителасда гуро технологиязул хӏакъалъулъ цӏехезе кколеб – гьеб ккола лъайкьеялъул идараялда тӏадаб иш. Кабинеталда лъезе къайи-алат кьолеб гьечӏони, учителас кин чӏезабилеб?
Ункъабизе. Цӏалдохъабаздаги гьезул умумуздаги мухӏканго лъала жидерго ихтиярал, амма, щаяли лъаларо, кӏочон толел руго жидеда тӏадал ишал. Гьел мухӏканго хъван руго «Лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» №273 федералияб законалъул 44-абилеб статьяялда. Цониги эбелалъ абулеб рагӏичӏо, лъагӏалида жаниб жиндирго лъимадул анцӏгониги дарсида йикӏанилан, умумузул ракӏарияздеги гьел хьвадуларо, къанагӏат гурони. Школалда букӏунеб жидерго лъималазул хьвада-чӏвадиги бихьуларо гьезда. Гьеб унти цӏикӏкӏун буго шагьаралъул школазда. Росабалъги, нухда дандчӏвараб мехалданиги, учителасда жиндир лъимадул цӏалиялъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабулев чиги дагьлъун вуго.
Гьединаб буго жакъасеб школалъул пашманаб къиса. Учитель хисизавулев вуго сверухълъиялъги рукӏа-рахъиналъул масъалабазги. Дида ракӏалде ккола, хӏалтӏухъ мустахӏикъаб харжги кьолеб бугони, учителасда цадахърекъон умумулги хӏалтӏани, нилъер гӏолеб гӏелалъул сипат кьучӏдасанго хисилин.
Кавсарат Сулейманова