Ахӏи базе ккараб хӏал
ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана республикаялъул бетӏерасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул данделъи
Гьеб рагьулаго, рехсараб советалъул председатель Зикрула Илясовас бицана РФялъул президентасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул член Александр Бродилгун дагьаб цебе букӏараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ. «Гьеб данделъиялда кӏвар буссинабуна республикаялда инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалде ва къотӏи ккана цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе», — ян бицана З. Илясовас. Жакъа республикаялда цӏакъ захӏматаб ахӏвал-хӏал лъугьун буго миллиял мацӏазда сверухъ. «Гьабсагӏаталда Дагъистаналъул мацӏал ккун руго гӏурус мацӏалъул къоринире ва къойидаса къойиде рахьдал мацӏал лъалел чагӏи дагьлъулел руго. Щибаб жоялъул букӏуна гӏорхъи. Дир хӏисабалда, миллиял мацӏалги щун руго жал хӏажат ругищ ялъуни гьечӏищ абураб бакӏалде. Гьеб гӏорхъи бахани, хӏакъаб жо, гьел тӏадруссинаризе захӏмалъизе буго. Гьединлъидал къваригӏун буго щиб букӏаниги ургъизе. Ахирал соназда гьеб масъалаялда сверухъ республикаялда къабул гьабуна 5-6 документ, амма гьел гӏумруялде рахъинарулел гьечӏо», — ян абуна З. Илясовас.
Кӏалъазе яхъарай ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул заместителалъул ишал тӏуралей Альбина Аруховалъ бицана республикаялъул школазда миллиял мацӏал малъиялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. «Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ миллиял мацӏазул учительзабазе квалквалал гьаруларо. Амма, федералияб министерствоялъул тӏадкъаял тӏуразаричӏого тезе ихтияр гьечӏолъиялда бан, нижедаги гьездаги гьоркьор цо-цо ричӏчӏунгутӏаби ккечӏогоги рукӏунаро. Миллиял мацӏал церетӏезари мурадгун, нижеца тӏоритӏула батӏи-батӏиял конкурсал, къецал, олимпиадаби. Мисалалъе, рахьдал мацӏазул учительзабазда гьоркьоб щибаб соналъ тӏобитӏула «Лъагӏалил учитель» абураб конкурс, лъималазда гьоркьор рукӏуна олимпиадаби», — ян абуна гьелъ.
Зикрула Илясовас гьелда цӏехана школазул библиотекабаздаса рахьдал мацӏалъул тӏахьал нахъе ракӏарулел ругин абун социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб хабар уяб бугищин. Гьеб суалалъе жаваб кьун, Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогияб гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталъул директор Марина Хӏасановалъ абуна: «Федералияб Лъайкьеялъул министерствоялъул лъазабиялда рекъон, гьезул сияхӏалда гъорлъ гьечӏел издательствабазда рахъарал тӏахьал школаздаса нахъе ракӏарулел руго. Гьебго заманалда цӏалул пособияздаса инкар гьабулеб гьечӏо лъицаго», — ян.
Халкъияб Собраниялъул лъайкьеялъул, гӏелмуялъул, маданияталъул, гӏолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул комитеталъул председателасул заместитель Хӏамидулагь Мухӏамадовас бицаралда рекъон, ахираб ункъо соналда жаниб республикаялда къватӏибе бачӏун гьечӏо миллиял мацӏазда хъвараб цониги цӏалул тӏехь ялъуни пособие. «Гьеб буго нилъ пашманлъизе ккараб хӏужа. Щай магӏарул, агул, лезги ялъуни цогидал мацӏазда хъварал тӏахьал рецензия хъвазе, экспертиза гьабизе Москваялде ритӏизе кколел? Кир гьенир ругел Дагъистаналъул мацӏазул эксперталги гьеб лъалел чагӏиги? Гьеб иш буго цо-цо чагӏазул чванта биццат гьабизелъун ургъараб ришватчилъи. Россиялъул тахшагьаралда пуланаб тӏохьое рецензия хъвазе, гьелъул экспертиза гьабизе уна 300 азаргоялде гӏагарун гъуруш. Гьелъул бицун пайда гьечӏо, амма субъектаздаго тӏахьал рахъизе ихтияр тӏалаб гьабун къеркьечӏого ресги гьечӏо. Школазда миллиял мацӏал малъиялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицани, гьеб унго-унголъунги беццизегӏанасеб гьечӏо. Гьелде кӏвар директорзабазги буссинабулеб гьечӏо. ЕГЭялде кӏварги кьун, миллиял мацӏал квер хьвагӏун толел руго гьез», — ан абуна Хӏ. Мухӏамадовас.
Кӏалъазе яхъарай магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ бицана жий рахьдал мацӏалъул учительзабигун гьоркьоса къотӏи гьечӏеб бухьеналда йикӏунин. «Учительзабазул рахӏатхун буго рахьдал мацӏалъул тӏахьал гьечӏолъиялъ. Лъайкьеялъул кьучӏ ккола учитель, цӏалдохъан ва тӏехь. Хӏисаб гьабеха, учитель вуго, цӏалдохъан вуго, тӏехь гьечӏо. Кин кьезе бугеб дарс? Гьелдейищха ккун бугеб нилъер лъайкьеялъул даража?»
Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас абуна миллиял мацӏазул суал гьоркьоб лъезе бугин 2018 соналъул январалда тӏобитӏизе бугеб Халкъияб Собраниялъул данделъиялдаги. «Нижеца яхӏ бахъана гьебго суал марталда тӏобитӏизе бугеб Пачалихъияб Думаялъул иргадулаб сессиялда гьоркьор лъолезда гъорлъе ккезабизе. Лъаларо, хӏасил кинаб ккелебали, амма миллиял мацӏал цӏунун хутӏиялда щаклъи буго. Гӏалимзабаз абулеб буго, пачалихъалда унго-унгояб демократия чӏезабизе ккани, гьенир цо миллаталъул ва гьединго цо диналъул чагӏи рукӏине кколин. Нилъер республикаялдаги, нужеда лъалаха, руго батӏи-батӏиял миллаталги батӏи-батӏиял диналги. Гьединлъидал, гӏалимзабазул пикру ритӏухъаб батани, нилъер гьанибги я демократия букӏине гьечӏо, я мацӏал цӏунизе кӏвезе гьечӏо. Амма, гьел цӏунизелъун, къеркьечӏогоги гӏоларо. Учительзабазде, ясли-ахазул тарбиячагӏазде гӏайибги гьабичӏого, къваригӏун буго рахьдал мацӏ лъималазда щивав чияс рокъо-рокъоб малъизе», — ян абуна Гӏ. Камаловас.
Данделъиялда гӏахьаллъарай ДРялда йигей инсанасул ихтиярал цӏунулей вакил Умупазил Гӏумаровалъ бицана республикаялъул бетӏерасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъгун цадахъ гьабулеб ва гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьеб данделъиялда къабул гьабуна гьеб советалъул 2018 соналда гьаризе ругел хӏалтӏабазул планги.
Темирхан Хӏасанов