Улкаби, гӏадатал ва гӏадамал

Тӏоцебе Германиялда байбихьана Цӏияб соналъул елка расанкӏабаз къачӏалеб гӏадат.

Вьетнамалда елкаялъул бакӏалда рукъ берцин гьабула тӏегьалеб мокьрол гъотӏол гӏаркьалабаз. Некӏо вьетнамалъулал божулаан Цӏияб сон карп ччугӏил мугъалда лъедон бачӏунин абураб жоялда, гьединлъидал жакъаги гьениб гӏадат буго Цӏияб соналъ чӏагояб карп ччугӏа хӏоринибе яги гӏорулъе биччалеб.

ХӀX гӏасруялда Швециялъ дунялалъе сайгъат гьаруна тӏоцересел цӏорол расанкӏаби.

Парангаз бежулеб пирогалда жаниб лъола багӏаргьалил цо мугь. Гьеб щварав чи рикӏкӏуна багӏаргьалил къираллъун ва байрамалъул сордоялъ киналго гьесул буюрухъазе мукӏурлъула.

1895 соналда тӏоцебе Америкаялъул Хъахӏаб рукъалда аскӏор рана токалъ къалъизарулел гирляндаби.

Япониялъ дунялалъе сайгъат гьабуна, цӏияб ретӏелги ретӏун, Цӏияб соналда дандчӏвай гьабулеб гӏадат. Гьезул буго цоги гӏажаибаб гӏадат — Цӏияб соналда цебе кьохорхо босула, ай гьел божула кьохорхоялъ гӏемераб талихӏ данде хачалин абулеб биценалда.

Панамаялъулаз Цӏияб соналда дандчӏвай гьабула кӏудияб ахӏи-хӏуралда: ахӏдола, цӏурмал кьабула, машинабаз сигналал кьола, сирена биччала…

Цӏияб сон тӏаде щвараб лахӏзаталда, венграл кутакалда гьештӏола, гьел божула гьеб ахӏи-хӏуралъ квешаб нахъе ахӏулин ва лъикӏаб аскӏобе цӏалин абулеб жоялда.

Ираналъулаз Цӏияб соналда дандчӏвай гьабула тункӏал кьвагьиялдалъун.

Бищунго гӏажаибаблъун рикӏкӏуна байрамалъул къоялъ гордухъа къватӏибе щиб бугониги рехиялдаса байбихьулеб цӏияб соналъул гӏадат. Кубаялда, цебеккунго лъеца цӏезабун, хӏадурун букӏуна рокъоб бугебщинаб тӏагӏел ва къаси сагӏат 12-ялда кинабго лъим гордухъа къватӏибе чӏехьола. Гьелъул магӏна ккола лъим гӏадаб бацӏцӏадаб ва гвангъараб нух гьарулин абураб.

Италиялъулаз гордухъа къватӏибе рехула басрияб къайи-матахӏ ва, «гьалъул бакӏалда цӏияб кьеги» абун, дугӏаги гьабула.

ЮАРалъул тахшагьар Йоханнесбургалъул минабазул гордухъа къватӏибе рехула холодильникал ва басрияб къайи. Цӏияб сон гьениб къватӏаздасан унел гӏадамазул гӏумруялъе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏуна.

Непалалда Цӏияб соналда, тӏоцебе бакъ баккулеб гӏужалъ, чӏахӏиял цӏаязде тӏаде бан, басрияб къайи-матахӏ бухӏула.

Цӏияб соналъул тӏоцебесеб лъабго минуталъ болгараз киса-кибго канлъи свинабула.

Эквадоралда бихьиназ, руччабазул ретӏел ретӏун, ясаз гӏадин гьумер-кӏал белъун, къоролзабазул гӏоди гьабула. Эквадоралъулал божула, Цӏияб соналъул сагӏтица цӏумур кьабилалде, тӏогьилаб гъоркьан ретӏел ретӏине кватӏичӏони, ботӏроде балеб гӏазу гӏадин, гӏарац тӏаде чвахизе букӏиналда, багӏараб ретӏани – талихӏ кьезе букӏиналда, гьебго заманалда кӏудияб сумка яги чемодангун мина сверун векерани, тӏубараб соналъ сапаралда вукӏиналда.

17 соналъ, ай 1918 соналдаса 1935 соналде щвезегӏан СССРалда гьукъун букӏана байрамалъулаб елка. Хадуб Сталиница тӏадруссинаруна елкаги байрамалъул тадбиралги.

Гьебго заманалда Цӏияб сонил гӏаламаталлъун лъугьана Цӏорол Дада ва Гӏазул яс. Официалияб къагӏидаялда Цӏорол Дадаца гӏумру гьабулеб буго Вологда областалъул Великий Устюг шагьаралда. Кӏудада гьавураб къолъун рикӏкӏуна 18 ноябрь.

Мухӏамад Мухӏамадов

Дугӏа

Щивасе гьарула лахӏ бахинчӏеб яхӏ, щивасе гьарула хӏур хъвачӏеб намус. Щивасе гьарула анищаб хъулухъ, щивасе гьарула ракӏ разияб харж. Щивасе гьарула мутӏигӏай лъади, лага бугей, щват бугей, чамасдакӏил гъветӏ гӏадай. Лажбаралъ бер къачӏачӏей, къула-йорхизе лъалей, лъималазул рукъ цӏурай, цӏурабакьалъ гӏорцӏарай. Щияй гӏаданалъеги гӏажаибав рос щваги, щвата ретӏизе лъалев, лъалиниб ханжар бугев. Чванта гӏарцуца цӏурав, бетӏер гӏакълудал цӏурав, аваданав, кополав, кепказ канлъи гьукъичӏев. Министерал гӏорцӏаги, гӏабдалзаби дагьлъаги, Дагъистаналъул хӏаким халкъалъ вищизе ккаги. Рищиязда бергьаги, рощнол гохӏал лъугӏаги, рахъухъирщазул рукъзал гӏункӏкӏаз пасат гьареги. Партияби цӏикӏкӏаги кандидатал рохизе, рагъ-кьал рикӏкӏад гьабеги халкъалда рухӏ речӏчӏизе. Хиялал зодой аги, хурзал тӏорщалил цӏеги, къваригӏарабщинаб щун, щваралда гӏей гьабеги. Вас цӏодорав лъугьаги, яс гӏакъилай яхъаги, инсуда цӏороберал даимго кӏочон таги. Гӏанкӏуял кванан чудук гӏорцӏараб къо бачӏаги, рокьи ккечӏев гӏолилас кучӏдул хъвазе ккогеги. Намусалъул магӏу цӏикӏкӏун, чогърол рогьо дагьлъаги, дандиясул кӏалдиса гьацӏул махӏ гьарзалъаги. Кӏудиязул гӏакълаби гӏолохъабаз росаги, росаризе лъачӏезул боцӏи бацӏаца чӏваги. Ясазул гӏертӏал рекугеги, гӏура-гӏурай рукъалде юссаги, налъулаз налъаби кьун махӏабат загьирлъаги. Нужеде хӏапдолареб гьведуе гӏумру кьеги, нужеде семуларев хӏаким хӏалхьун хутӏаги. Оцаца бачал гьарулеб заман лъугӏаги, тӏотӏода тӏикъва чӏвалеб заман мигьлъаги. Эбелалда гӏодизеги, гӏоралда чвахизеги малъизе ккогеги. Ццидалав чиясда макьилъ йокьулей гурони йихьугеги. Йихьа-йихьарай рокьулезул рукьбазда унти ккаги. Вачӏарав гьобол хехго аги, гьудулзабаз кьвагьулеб туманкӏ гӏужда щваги. Макьуги гьуинаб щун сордо халалъун ккаги. Сардилъ къватӏир рахъунезда лъикӏаб къо бихьугеги. Бикъи кӏочайги, гьари рихаги, роххнол гурони гӏоркь кквезе хъван батугеги. Тӏаргъал гӏемерлъаги, рагӏи дагьлъаги, дунги, мунги, гъовги гӏодов ккогеги. Лъади рихунгеги, лъимал рокьаги, рокьи гьоркьоб гьечӏеб кьал бачӏунгеги. Гъотӏода бугеб хӏинчӏ кквезейин абун, кодоб бугеб биччан гӏицӏ хутӏугеги. Лемагалъул къулагӏи къавулъа камугеги, МВДялъгун ФСБялъ ахӏизеги ккогеги. «Ле» — ян ахӏараб мехалъ, «я» — йилан жаваб кьезе кӏолареб къо щогеги. Чияр бадиб къараб гӏучӏ бихьугеги, нилъерго бадиб къараб бихьизе бахьи кьеги. Гьаб кинабго гьари къабул гьабеги, тӏаде жо жубазе нуж рохун таги. Тохлъукьего бараб чваххун цӏад гӏадин гьабунин гьаб дугӏа, воре, патихӏа.