Жакъа нилъер улкаялда вуго 275 азарго беццав ва загӏипго канлъи бихьулев чи

1745 соналъул 3 ноябралда Франциялда гьавуна Валентин Гаюи — Парижалда ва Петербургалда канлъи бихьуларел гӏадамазе чанго школа рагьарав машгьурав педагог. Тӏолгодунялалъул сахлъицӏуниялъул гӏуцӏиялъул хӏукмуялдалъун, гьев гьавураб къо чӏезабуна канлъукъал (беццал) гӏадамазул къолъун.

Канлъукъал гӏадамазул ракӏазулъ рещтӏун букӏуна гӏажаибаб берцинлъиялъул нур. Гьел ккола сахлъи бугезе кӏудияб мисаллъунги. Дагьа-макъаб жоялдасагицин ракӏбуссунел гӏадамаз мисал босизе мустахӏикъал руго дунялалъул берцинлъиги, бакъул кунчӏиги, гӏурччинаб гӏидраги, гӏаздалал мугӏрулги, чвахулел гӏорал-лъаралги рихьизе рес жидехъа согӏаб къисматалъ бахъарал гӏадамал. Гьезда гьоркьорги ратула пагьму-гьунар бугел художникал, спортсменал, скульпторал, шагӏирзаби, хъвадарухъаби. Ахирал соназ пачалихъалъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго гьединазде. Хас гьабун гӏуцӏараб «Доступная среда» федералияб программаялда рекъон, канлъукъазе кумек хӏисабалда, шагьаразда гӏемерлъулел руго светофорал, хасал гьаркьазул сигналал, дандекколел шрифтаз хъварал таблицаби, ургъулел руго гьединал гӏадамазе гӏумру бигьалъиялъе шартӏал чӏезарулел цӏиял къагӏидаби.

Гъизилюрталда бугеб

гӏуцӏиялъе — 25 сон

Тӏолгороссиялъул загӏипго канлъи бихьулезул Гъизилюрталда бугеб цолъи гӏуцӏана 1992 соналъул ноябралда. Тӏоцеве гьенив вукӏана 90 чи. Гьелъул председательлъун вукӏана Мухӏамадхӏанапи Хӏусенов, хадув — Шамсулвара Шамсулвараев, цинги — Гӏабдула Гӏабдурахӏманов. 2008 соналдаса нахъе гӏуцӏиялъе нухмалъи гьабулеб буго Ахӏмад Гӏабдулаевас. Жакъа гьеб гӏуцӏиялда вуго Гъизилюрт районалдаса ва шагьаралдаса 400 чи. Гьезда гьоркьоса — Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ичӏго ветеран, 13 ВОСалъул ветеран, 12 захӏматалъул ветеран, рагӏи рагӏуларев ва канлъи бихьуларев 8 чи, тӏубанго канлъи бихьуларев 12 чи.

Гьенир тӏоритӏула гӏемерал тадбирал. Масала, санайил кӏодо гьарула Ватӏан цӏунулезул, Микьабилеб марталъул, херазул, эбелалъул байрамал. Жигараб гӏахьаллъи гьабула районалда ва республикаялда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбиразда. Хасго лъикӏал хӏасилал руго спорталъулъ. Цолъи гӏуцӏаралдаса 25 сон тӏубаялъул байрамалде республикаялъулаб даражаялъул гӏемер батӏи-батӏиял тадбирал, байрамал тӏоритӏана шагьаралда, хасго спортивиял. Масала, мини-футболалъул, шашкабазул къецал. Жигараб гӏахьаллъи гьабула Россиялъул канлъукъазул спорталъул гӏуцӏиялъ тӏоритӏулел тадбиразда. Ахираб щуго соналда жаниб тӏобитӏун буго 90 тадбир. Республикаялда тӏоритӏулел тадбиразда гӏахьаллъун вуго 60 чи.

— Цолъи «чӏаго» букӏинароан, гьелъие кумек гьабулел сахаватал гӏадамалги батӏи-батӏиял гӏуцӏабиги рукӏинчӏелани, — ян абуна гьелъул председатель Ахӏмад Гӏабдулаевас. Гьединазда гьоркьор Ахӏмадица рехсана «Конгломериат» ЗАО, «Дагнеруд», «Кизилюрткарьерстрой», «ЮГСГЭМ» АОял. Гьединго гьес рехсана сундуего кумекалъе ратулел Къурамухӏамадова Рабиятилги Хӏасанова Асиятилги цӏарал.

Централъул байрамалда

Араб анкьалда цолъи гӏуцӏаралдаса 25 сон тӏубай кӏодо гьабуна Гъизилюрт шагьаралъул «Калинка» банкетазул залалда. Байрам баркизе рачӏун рукӏана республикаялъул шагьаразул ва районазул гӏуцӏабазул вакилзаби. Ахӏмад Гӏабдулаевас бицана цолъиялъ гьабураб хӏалтӏул ва тӏуразаризе ракӏалда ругел масъалабазул хӏакъалъулъ. Гӏуцӏиялъул жигарал гӏахьалчагӏазе кьуна сайгъатал ва дипломал. Гьезул жидерго ругоан кочӏохъабиги кьурдухъабиги. Гьезда байрам баркизе вачӏун вукӏана композитор, кочӏохъан Каримулагь Гӏабдулаевги.

Унго, цо берцинлъи

гьаб дунялалъул

Байрамалда гӏахьаллъизе рес щварай дун рухӏдаллъун йикӏана, гьеб захӏмалъи баччизе сабруги къуватги гӏурал гӏадамал рихьидал. Рухӏдаллъана гьезул ракӏазда гӏицӏго лъикӏаб гурони бихьулеб гьечӏолъиялда. Ва ракӏалде бачӏана, чан нухалъ гӏенекканиги, рекӏее гӏажаибго хӏайранаб асар гьабулеб гьаб бицен:

— Кӏиго унтарав вукӏуна больницаялда цо палатаялъув. Цояв радал хехго вахъунаан тӏаде. Гордухъанги валагьун, гьес чанго нухалда такрар гьабулаан, унго, цо берцинлъи гьаб дунялалъулин абун. Ва хадубго абулаан машаАллагьиланги. Бакъуде данде кенчӏолел рогьалил бацӏцӏадаб щуб тӏад ккарал гӏурччинал хурдулги, тӏугьдузул цӏураб сверухълъиги, сверухълъиялда, гӏурччинаб гӏалахалда кьурдулел кьагӏиги, гьезие хъат чӏвалел гӏорал-лъаралги…

Бицунго бахъунароан гьесул палата тун къватӏибехун бугеб, балагьун бергӏорцӏулареб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Заманалдасан унтарав хвана. Палатаялъув вукӏарав цоги унтарасеги бокьана щибаб къоялъ гьеб берцинлъиялъухъ валагьизе, дов хварасул бакӏалде вахъине. Гьес медсестраялда гьарула жив гьениве вахъинавейилан. Амма вихха-хочун лъугьана унтарав — гьесда цебе букӏана чӏобогояб авлахъги гьединго чӏобогояб больницаялъул азбарги. Кибха бугеб дов херасда бихьулеб букӏараб берцинлъи!? Бетӏер сверунцин букӏанадай досул? Палатаялъуе ячӏарай медсестраялъе бицана гьес херасда рогьалилъ бихьулеб букӏараб хӏикматаб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Медсестра дагьайги йихха-хочана — гьелда лъалаан херав беццав чи вукӏараблъи…

Хадурагӏи

Гӏажаибаб жо буго гьаб дунял. Цо-цо гӏадамал гьелъул берцинлъиялъухъ урхъун, цогидалин абуни, кодоб бугеб берцинлъи бихьуларого яги гьеб гӏоларого.

Бокьун буго гьаризе къисматалъул кьогӏаб ва согӏаб квачӏикье ккарал, амма гьелда цо лахӏзаталъгицин таризаризе кӏвечӏел, сахаватал гӏадамазеги гӏумруялъул берцинлъи гурони бихьуларел гьезул ракӏазеги талихӏалъул бакъги бакъулаб гвангъиги.

Шамай Хъазанбиева