Магӏаруллъи даим чӏаго букӏина
Миллияб мацӏ. Миллияб маданият. Щалха кколел гьеб кӏиялъулго гӏаммал рахъал. Магӏарул маданиятги магӏарул мацӏги. Цоцаздаса тӏезе рес гьечӏеб кӏиго жавгьар. Миллаталъул кӏиго кваркьи. Цояб гьечӏони, цоялъул роржен загӏиплъулеб. Мацӏалдаги миллаталдаги кьаву чӏвазе толареб нилъер гӏумруялъул цо бутӏа. Миллаталъул маданияталъ борцуна миллаталъул къадруги тӏадегӏанлъиги. Маданият галадани, миллаталдаги мацӏалдаги бегӏ букӏунаро. Щибха гьабизе кколеб жакъа нилъеца хадусел гӏелазе нилъерго маданият цӏунизе ккани? Магӏарул халкъалъул гӏадаталги гӏамалалги, дунялалъги жидее бутӏрул къуларал.
Гьалеха, хӏурматиял магӏарулал, ана тарихалде цоги сон. Щиб хӏал букӏараб исана миллияб маданияталъул гъасда? Нижеца хӏаракат бахъана газеталъул гьурмаздасан магӏарул маданияталъул гъанситохъ тӏоритӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ нужее бицине. Гьелин абуни, дагьал рукӏинчӏо. Маданият цӏунулеб аслияб гъанситолъун, кидаго гӏадин, букӏана Магӏарул театр. Гьенир чанго нухалда данделъана магӏарулал — бицана миллаталъулги, мацӏалъулги, маданияталъулги хӏакъалъулъ. Берцинаб гӏадаталде сверана гьениб магӏарул мацӏалъул къо кӏодо гьаби. Магӏарул миллияб автономиялъ ва магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъ миллатги, мацӏги, маданиятги церетӏезариялъулъ жидеца бутӏа лъурал магӏарулазе исанаги кьуна шапакъатал. Жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна республикаялъул шагьаразул ва районазул школазул рахьдал мацӏалъул учительзабаз ва цӏалдохъабаз. Театралъул артистал магӏарулазде цере рахъана цӏиял спектаклялгун. Магӏарул маданияталъе кӏвар бугеб лъугьа-бахъинлъун рикӏкӏине бегьула Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъе памятник рагьи. Гьеб ккола магӏарул шагӏирзабазе рагьараб лъабабилеб ва чӏужугӏаданалъе рагьараб кӏиабилеб памятник. Гьел памятниказ цоги нухалда ракӏалдещвезабулеб буго нилъеда халкъалъул чӏухӏилъун кколел шагӏирзабаз магӏарулазул цӏар цӏвабзазда аскӏоб хъвараблъи. Амма лъаларо щиб хиса-баси ккарабали магӏарул кочӏол маданияталдаяли. Добго фонограммаялда гъоркь ахӏулеб добго кечӏги долго кочӏохъабиги. Бугониги ана рокьулел кочӏохъабазул концертазде. Жидерго кочӏол гъасде магӏарулал ракӏарана Мухӏамадтӏамир Синдикъовас, Хӏажилав Хӏажилаевас, Къурбан Кӏулизановас. Гъуниб районалдаса Къурамухӏамад Бигачевасе щвана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар. Гьединго жиндирго юбилеялъулаб концерт тӏобитӏана Цӏунтӏа районалдаса кочӏохъан Халисат Хӏамидовалъ. Ратила магӏарул кочӏохъабазда гьоркьор реццалъеги, рокьуеги, адабалъеги мустахӏикъалги. Амма рагӏулел гьечӏо цӏиял, чӏагояб гьаркьидалъун кечӏ ахӏулел кочӏохъаби. Исана Гӏурус, Магӏарул ва Поэзиялъул театразда кӏодо гьаруна Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса 140 сон, Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 85 сон, Гӏабасил Махӏамад гьавуралдаса 85 сон тӏубаялъул байрамал. Гьанибго бицинчӏого гӏоларо Дагъистаналъул бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповас миллияб маданият цӏилъиялъе гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъги. Гьесул квербакъиялдалъун нилъехъе тӏадруссана миллиял гӏадатал. Районазда ва шагьаразда рагьана Россиялъул халкъазул маданияталъул централ. Тӏоритӏулел руго гьунаралъулал десантал. Маданияталъул, адабияталъул вакилзаби уна республикаялъул батӏи-батӏиял росабалъе ва шагьаразде. Шагьаралдагицин гӏемер рихьула байрамазда миллияб партал ретӏарал гӏадамал. Гьелъул магӏна ккола магӏарул халкъ чӏаго букӏине ва хутӏизе бугин абураб. Цӏилъулеб буго нилъер маданият. Гьеб нурлъун рещтӏаги щивасул рекӏелъ. Кӏудияб кӏвар кьезе байбихьана магӏаруллъиялде, хасго чӏороголъулел ругел росабалъ гӏумру цӏигьабиялде. Цӏилъулеб буго маданият, цӏияб гьогьен чӏвалеб буго магӏаруллъиялдаги. Гьелъул магӏна ккола магӏаруллъи кидаго чӏаго букӏине бугин абураб. Гьелъие гӏоло нилъеца цадахъ лъугьун свине тезе бегьуларо миллияб маданияталъул гъасда бакараб мацӏалдеги миллаталдеги бугеб рокьул цӏа. Нилъ рукӏине ккола гьелегьараб гьеб цӏадул хӏенхӏаллъун…
Шамай Хъазанбиева