М. Хӏажиев:
«Гӏадамал дагь-дагьккун «гӏорцӏана» информациялъ»
«Нур-ул Ислам» газеталъул бетӏерав редакторасулгун гара-чӏвари
Араб анкьалда «Нур-ул Ислам» газеталъ кӏодо гьабуна жиндирго 20 сонил юбилей. Хӏакъикъаталда тӏоцебесеб исламияб газета къватӏибе бачӏана 20 соналъ цебе гуреб, 26 соналъ цебе, гьелда цӏар букӏана «Исламалъул ахӏи». Кӏиябго газеталъе кьучӏги жакъа къоялде щвезегӏан гьезда «рухӏги» лъурав чи ккола Бакълъухъа Мухӏамад Хӏажиев. Гьесулгун дандчӏвай букӏана нижер дагьал церегӏан къоязда.
— Динияб гӏелму цӏали сабаблъун гӏадамал туснахъалъур лъолел дол соназ Аллагьасул гӏорхъи гьечӏеб рахӏматалдалъун дица балъго цӏалана гӏелму. Дида гьеб батана батӏияб, гӏажаибго берцинаб «дунял». Дица мугӏалимасда гьикъунцин букӏана гьадинаб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ щай гӏадамазда рагӏун бицунаребилан. Къватӏиб кин бицинеб, гьеб малъараблъи лъаницин жив жанив тӏамизе бегьулилан велъана гьев. Гьеб мехалъ дица диего щулияб къотӏи гьабуна, рес ккарабго, Аллагьасул диналъул хӏакъалъулъ гӏадамазда бицине.
Цинтӏаго гучаб СССР биххана ва эркенлъиялъул карачелазда 1990 соналъ цӏияб басмаялъул хӏакъалъулъ закон къабул гьабуна. Гьеб цӏалидал, дун гӏажаиблъана. Гьениб хъван букӏана цензура гьечӏого газета биччазе бокьарав чиясул ихтияр бугилан. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида гьеб законалъ дир анищалде нуцӏа рагьараблъи, ай гӏадамазда Аллагьасул диналъул берцинлъиялъул хӏакъалъулъ бицине рес кьолеб букӏин. Гьебго къоялъ вахъун Махӏачхъалаялде ана, Республикаялъул басмаялъул комитеталъул председателасда дица абуна исламияб газета биччазе бокьун бугилан. Гьеб букӏана жеги коммунистал щулаго чӏараб заман, гьев вихха-хочун лъугьана, гьеб бегьулеб иш гурилан. Гьедин дагӏба-рагӏиялда чанго моцӏ ана, ахир-къадги «Исламалъул ахӏи» газеталъул хъвай-хъвагӏай гьабуна. Палхӏасил, квеш-лъикӏ газета къватӏибе бачӏана. Битӏараб бицани, гӏемер гӏакъубаги бихьана гьеб биччалаго, тӏоцебе гьабулеб иш букӏун цӏакъ кӏудияб жавабчилъи букӏана — ян ракӏалдещвезабуна Мухӏамадица газеталъул бицунаго.
— Газеталда цӏар хисиялъе гӏилла щиб ккараб?
— 1997 соналда байбихьана бусурбабазул «Нур» хӏаракат. Гьелъие цебехъанлъи гьабулев, мунагьал чураяв, Макъсуд Садикъовас дида гьарана Дагъистаналъул «Нур» хӏаракаталъул отделениялъе бетӏерлъи гьабеян ва газетаги гьелъул органлъун теян. Гьедин 1997 соналъул 4 февралалдаса нахъе газета бачӏана «Нур-ул Ислам» абулеб цӏаралда гъоркь. Доб заманалда газеталъул гӏаммаб тиражги 50 азаргоялде бахун букӏана, гьеб биччалаан гӏурус, авар, лъарагӏ, дарги, лезги, тум ва чачан мацӏазда.
Абичӏого гӏоларо, тӏоцебе газета биччаялъе нижее кумек гьабурав чи вукӏана Камалов Гӏали. Гьес нижее кабинетги бихьизабуна, кагъатги кьуна, азарабго баркала буго гьесие.
— Диналъул хӏакъалъулъ хъвалел гӏадамалго гьечӏеб заманалда, динияб газета биччазе ракӏалде ккейги кӏудияб таваккаллъун рикӏкӏуна дица…
— Цӏакъ захӏмат букӏана, газета биччазе гуребги, гьеб гӏадамазухъе щвезабизеги. Газета биччазе унел харжал дагь рукӏинелъун, дирго врачасулаб гьитӏинабго харж гурого гьечӏого, дагьабго учуз кколеб букӏун, гьеб кьабулаан Унсоколо ва Шамил районазда. Гӏемерисеб нухалъ, рекӏине транспортги щоларого, нухда ватарав чияс вачиналде хьулгун, кагътил рулоналги росун, вахъунаан къватӏиве. Гьеб гуребги, гӏемер ургъизе кколаан газета кин гӏадамазе бокьулеблъун гьабилебали.
Магӏарул мацӏалда биччалеб газеталъ «хьихьун» рукӏана цогидал мацӏазда риччалел газеталги. Щванщинаб гӏарац, аслияб къагӏидаялъ, цогидал мацӏазул газетазде унеб букӏана. 1998 соналда ккана кризис, гьединлъидал кӏиго мацӏалда рахъулел газетал гурони цӏунизе кӏвечӏо.
— Дуца абунаха газеталъул гӏаммаб тираж 50 азаргоялде бахунеб заманги букӏанилан. Жакъа 15 азарго буго. Щиб хисараб?
— Тӏоцере диниял газетал къватӏире рачӏарал сонал рукӏана диналъул рахъалъ информациялъулаб «ракъи» бугеб заман. Гӏадамазе ихтияр щвана дин гьабизе, амма диналъул хӏакъалъулъ лъалеб жо цӏакъ дагь букӏана. Гьединлъидал гӏадамазе кӏудияб интерес букӏана газеталъул. Къокъабго заманалда жаниб газета лъана, тираж цӏикӏкӏана.
Гьеб заманалда республикаялда киб гурин, тӏолабго Россиялдаго букӏинчӏо гьеб тун батӏияб исламияб газета. Хадур раккана батӏи-батӏиял газет-журналал. Гӏадамал дагь-дагьккун «гӏорцӏана» информациялъ. Гьединлъидал гӏодобе ккана тиражги. Гьабсагӏат бугеб 15 азарго газета хъваразул гӏемерисел руго дол тӏоцересел соназго рукӏарал «хисичӏел» цӏалдолел.
Газеталъулги буго цогидал газетазулго гӏадаб унти – почта. Почалъ гьеб цӏалулезухъе щвезабулеб гьечӏо, ялъуни цӏакъго кватӏун щвезабулеб буго. Бачӏунареб, яги кватӏун бачӏунеб газета хъвазе бокьилищха гӏадамазеги. Дица абиларо 50 азарго букӏинаанилан, амма почалъ жидерго хӏалтӏи мухӏканго гьабулебани, нижер газеталъул тираж 30 азаргоялдениги бахинаан. Нилъер гьаниб гӏадин почалъул иш хашго бугеб регионги батиларо кибниги.
Нижер газета хъвазе ва цӏалулезухъе щвезабизе «Ас-салам» газета тӏибитӏизабулел гӏолохъабаз лъикӏаб кумек гьабула. Аслияб къагӏидаялъ гьезул кумекалдалъун цӏунизе кӏвана газеталъул жакъасеб къадар. Аллагьас кӏодо гьареги гьел.
— Мун вуго тохтур. Кин тохтурасда ракӏалде ккараб динияб газета биччазе?
— Анкьабилеб классалдаса бахъараб цӏалана дица диналъул гӏелму. Школа лъугӏун хадув Мединституталде цӏализе шагьаралде ккана. Букӏаниги, гьитӏинго рекӏелъ диналде рокьи бижараб куц буго, институт лъугӏарав, хъизан-рукъ бугев чи дун цӏидасан исламияб гӏелму цӏализе лъугьана. Алхӏамдулиллагь, Аллагьас лъикӏаб пагьму кьун букӏана, гьедин школаги институтги щуйилазда лъугӏизабуна. Мугӏалимас абулаан цогидаз моцӏида жаниб босулеб лъай дица анкьида жаниб босулин.
Гӏемераз абула гьеб захӏмалъи щай дуеян. Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) хӏадис буго, гӏелму бахчарасул кӏалдиб Къиямасеб къоялъ цӏадул чӏолохъжо базе бугилан. Гьединлъидал Аллагьас дие цогидазе кьечӏеб гӏелмуги кьун бугин, щай гьаб гӏадамазухъе щвезабичӏебан цӏадул чӏолохъжо баялдаса хӏинкъана дун. Гьедин бижана пикру газета биччазе.
Газета биччай жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш буго. Цо гъалатӏ батани, гьеб кӏодо гьабула. Бицен буго гьадинаб: мугӏалимас хъвала анцӏго мисал, цоялъулъ ургъунго биччала гъалатӏ, мутагӏилзаби релъула гьесда. Нуж сунда тӏад релъулелилан цӏехедал, лъималаз абула гъалатӏалда тӏад релъулел ругин. Цинги мугӏалимас абула битӏун хъвараб ичӏго мисал нужеца тӏалабго гьабичӏого танин, цо ккараб гъалатӏ цӏакъ хехго бихьанилан. Гьединго батана гӏумруялдаги, хасго журналистасул хӏалтӏулъ – берзукье ккечӏеб цо гъалатӏалъ гьабурабщинаб хвезабула.
— Дур хӏисабалда, нужеца газета цӏалулел сундалъун «ккун» ругел?
— Газета цӏалулел гӏицӏго газета интересаб гьабиялъ гурого кквезе кӏоларо, хасго административияб ресурс гьечӏони. Материалал халат гьаричӏого, щибаб номералда Къуръан-хӏадис гьанжесеб гӏелмуялъ тасдикъ гьаби бихьизабун, гӏадамазул рахӏат хвезабурал суалал рорхун.
— Дур пикруялда, кинаб букӏинесеб бугеб газетазул, хасго миллиял газетазул?
— Гӏолеб гӏел унеб буго газета, хасго кагътилаб газета цӏалиялдаса. Бихьулеб буго, кигӏан интересаб гьабуниги, гьел газеталде руссинаризе кӏолел гьечӏолъи. Гьел гьитӏинаб къоялдасаго телефоназда, социалиял гьиназда жанир руго. Цӏакъго квешаб ахӏвал-хӏал буго рахьдал мацӏалда сверухъ. Дагьаб цебегӏан нижерго Бакълъухъ росдал школалда дандчӏвай букӏана дир. Гьениб бицунеб буго тӏоцебесеб классалде рачӏунел ругин магӏарул мацӏ лъаларел лъимал, гьелги росулъ гӏурал. Росулъцин магӏарул мацӏ лъугӏани, сундул бицинеб? Гьадин гьаб унеб бугони, 10-15 соналдасан рукӏинего рукӏинадай миллиял газетал-журналал? Гӏурусаз абула «Иван непомнящий родства» абун, гьединаб букӏинаха нилъер хадусеб наслуги. Миллиял газетал руго жакъа хутӏизего хутӏараб халкъияб хазина цӏунараб хъала, гьелги лъугӏун хадуб, щибха хутӏилеб миллаталъул?
Шамсият Султанбегова