Лъугӏулеб буго 2017 сон

Щиб цӏияб бачӏараб гьелъ ва сунде кӏвар кьураб нижеца газеталъул гьурмазда?

Республикаялдаги улкаялдаги гӏемер рукӏана лъайкьеялъе кӏвар бугел лъугьа-бахъинал. Нижеца хӏаракат гьабуна «Мактабалдаги» «Лъайкьеялдаги» гьезул хӏакъалъулъ бицине.

Аслияб темалъун, кидаго гӏадин, букӏана рахьдал мацӏ. Нижеца бицана, гьеб кӏодогьабун, гьеб цӏунизелъун гӏуцӏарал мажлисазулги тӏоритӏарал къецазулги хӏакъалъулъ. Масала, тӏубараб лъагӏелалъ газеталда рахъана «Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» ва «Рахьдал мацӏазе – кӏиабилеб хӏухьел» абурал къецазда гӏахьаллъарал учительзабазул дарсил конспектал. Хьулги буго, росабазулги шагьаразулги учительзабаз гьездаса пайда босиялде. Методикиялги цӏалулги тӏахьал гьечӏеб заманалда, гьединал конспектаз учительзабазе кумек гьабизе бугин абураб пикруялъ рахъунги рукӏана гьел.

Рахьдал мацӏалъул бечелъиги, кӏодолъиги, гьеб нилъее хӏажатаб алат букӏинги бицун рачӏарал макъалаби рахъана газеталда. Амма рахьдал мацӏалъул учительзабазеги гьеб мацӏалда рахъулел газетазулгун журналазул хӏалтӏухъабазеги халкъалъул рухӏияб бечелъи хӏажатго гьечӏин абураб пикру тӏибитӏизабулел чагӏазул хӏал бергьиналъищали лъаларо, редакциялъул ахӏи рагӏулеб гьечӏо нилъер халкъалда. Хӏисаб гьабеха, магӏарул районазул бутӏруздаги, лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулездаги, школазул администрацияздаги кинго бичӏчӏулеб гьечӏо, мацӏ гьечӏеб миллат букӏунарин абураб пикру. Районазул бутӏрузул хӏалтӏуе, ЕГЭялъул хӏасилалъухъ балагьун, къимат кьезе бугин бицаралдаса нахъе гьезулъеги ккана рахьдал мацӏалде рокьукълъиялъул унти. Гуребани, миллаталъул хазина кколин мацӏилан тӏоритӏулел кӏудиял тадбиралги рукӏаго, кин кӏолеб умумузул ирсалъул бищун аслияб бутӏалъун кколеб мацӏ школалдаса бачахъизе? Гьединаб ккана мацӏ цӏунизе кколин балеб ахӏул хӏасил.

Улкаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильева щвана Дагъистаналде. Гьелъ школазда гьарурал сапаразул хӏакъалъулъги бицана нижеца. Учительзабигун ракӏрагьараб гара-чӏвариги гьабун, гьезул унтаби-гӏузрабазухъги гӏинтӏамун, бецӏлъукьан бакараб чирахъ киниги, школалъул хӏалтӏухъабазул ракӏазулъ анищалъул хӏенехӏги кунчӏизабун, тӏадюссана гьей Москваялде. Гьанжениги нижер захӏмалъабазул унти рагӏана федералияй хӏакималдаян рукӏун ратила учительзабиги. Амма… Абизе бегьула, министралъул сапаралдаса хадуб байбихьанин рахьдал мацӏалде данде унго-унгояб рагъ. Махӏачхъалаялъул школазул учительзабаз бицана, дарсидеги рачӏун, битӏахъего цӏалдохъабазда кодоса рахъун анила цӏалул тӏахьал. Эбел-инсуца жидерго гӏарцухъ ричун росаралцин течӏила. Тӏехьги кодоб гьечӏого, кинха кьелел дарсал? Ресал, шартӏал ругел учительзабаз пайда босила интерактивияб хъорщодаса, Интернеталдаса. Гьеб гьечӏез щиб гьабилеб?

Лъагӏалицаго бицана нижеца рахьдал мацӏ цӏунизе кколин, гьеб гьечӏони, миллат хутӏуларин, мацӏалъулъ цӏунун букӏунин халкъалъул рухӏги, тарихги маданиятги. Амма «лъукъ-лъукъараб» хӏанчӏил къисмат жеги бигъинабуна ахираб заманалда улкаялдаго бахъараб ахӏиялъ. Рахьдал мацӏиланги абун, миллияб мацӏ малъизе бегьуларин, цӏалдохъабазул эбел-инсухъа гьелъие ихтияр босизе кколин, улкаялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, миллиял республикабазул школазда халгьабиял тӏоритӏана федералияб прокуратураялъги Рособрнадзоралъги. Гӏажаиблъи – нилъер цӏалдохъабазул умумузе хӏажатцин батичӏо рахьдал мацӏ. Татарстаналъул улбузги интеллигенциялъул къокъабазги рагьун лъазабуна, жидер лъималазда рахьдал мацӏ малъулареб школа хӏажат гьечӏилан. Нилъералин абуни, кӏалдибе лъим босарал кинигин, руцӏцӏун чӏана. Гьелде тӏадеги, рахьдал мацӏ хӏажат бугищан гьабураб цӏех-рехалда гӏахьаллъарал умумуз абуна, гьелъул бакӏалда гӏурус яги ингилис мацӏалго бокьилин жидер лъималазда малъизеян.

Хиса-басиял

Ольга Васильевалъ щулияб рагӏи кьун букӏана учительзабазул харжалги хӏакъикъаталда цӏикӏкӏинаризе ругин ва къваригӏелго гьечӏел кагътал цӏезариялдасаги гьел эркен гьаризе ругин. Амма гьеб иш жеги рагӏалде бахъинчӏо. Министралъ кьурал рагӏабазул чангояб гӏумруялде бахъинабунги бажарана. Масала, цогоял пачалихъиял экзаменазда гьоркьоса нахъе бахъана тестазулаб бутӏа. Химиялъулги, биологиялъулги, физикаялъулги экзаменазул тӏадкъаязда тӏаде журана къокъаб жаваб кьезе кколел тӏадкъаял. Экзаменалъул хӏалтӏи тӏубазабизе кьуна 180 минуталъул бакӏалда 210 минут. Экзаменазул тӏоцересел бутӏабазде тӏаде журана таблицабазул яги схемабазул камун ругел бутӏаби рахъизе. Улкаялъул цо-цо регионазда гӏурус мацӏалъул кӏалзулаб бутӏа кьезабуна. Гьелъул хӏасилал лъикӏал ккани, 2018 соналдаса нахъе кӏалзулаб бутӏа гьабизе буго киназего гӏаммаблъун.

Байбихьана «Доступная среда» абураб программа гӏумруялде бахъинабизе. Гьелда рекъон, лъайкьеялъул идарабазда гьаруна сакъатал лъималазе санагӏатал шартӏал: школазда ва вузазда чӏезаруна пандусалги, классазда лъуна сакъатазе квалквал гьабуларел партабиги. Хӏалтӏизе байбихьана цӏиял школал раялъул хӏакъалъулъ программаби – гьезие бихьизабун буго 10 сон. Школазде тӏадбуссинабулеб буго астрономиялъул дарс. Цӏалдохъабазда тӏадкъалеб буго классаздаги школалъул азбаралдаги рацӏцӏалъи гьабиялъул ишги.

Исана байбихьана школазул цӏалул тӏахьазул халгьабиги. РАНалъул гӏалимзабазул пикру хӏисабалде босараб гурони цӏалул тӏехь школалда хӏалтӏизабизе гьукъана цӏияй министралъ. Цоязул ракӏбохизабуна гьеб пикруялъ: гьез абуна, хьул бугин кьочӏолаб гӏелмуялъул хӏасил букӏиналда цӏалул тӏахьазулъин. Цогидазул буго гӏаксаб пикру: гьез абулеб буго, цӏалул тӏахьазул экспертиза гьабулинги бицун, пуланал чагӏазул чванта цӏезабизе багьана батанилан.

Советияб заманалда рукӏарал пионеразулги комсомолалъулги къокъабазул бакӏалда гӏуцӏана Россиялъул цӏалдохъабазул хӏаракат (РДШ). Гьабсагӏаталда Россиялда буго 80 регионалияб отделениеги 200 хасаб школаги. Гӏуцӏана гьелъул бутӏаби Дагъистаналдаги. Кинаб бакӏ кквелеб рехсараб хӏаракаталъ цӏалдохъабазе тарбиякьеялъулъ – жеги лъаларо.

Учительзабазул хӏалтӏи хӏалуцинабуна Тӏолгороссиялъул контролиял хӏалтӏаби (ВПР) тӏоритӏиялъги. Цин гьеб кьезабуна 10-11 классазул цӏалдохъабазда (географиялъул). Киналго школазул цӏалдохъабазе чарагьечӏеблъунги кколароан гьеб. Хадуб ВПР хъвазе тӏамуна байбихьул класс лъугӏулел цӏалдохъаби.

Щиб букӏине бугеб

2018 соналда?

3-4 проценталъ цӏикӏкӏинаризехъин руго вузазда бюджетиял бакӏал. Бищунго хӏажаталлъун рикӏкӏунел руго программирование (компьютеразул технологиял), промышленниябги гражданиябги бакӏал рай, юриспруденция ва гь.ц. махщелчагӏи.

Бакӏал цӏикӏкӏинаризе руго къватӏисел улкабаздаса Россиялде цӏализе рачӏунел студентазеги. Нилъехъе цӏализе рачӏине руго Китаялдасаги, Казахстаналдасаги, Туркменистаналдалдасаги, Тажикистаналдасаги студентал. Бищун гӏемер – 13 проценталъ цӏикӏкӏун – къабул гьаризе руго Сириялдаса студентал (455 чи). 20 студентасе букӏине буго «Гӏурус мацӏ ва адабият» абураб махщелалъе цӏализе ихтияр.

2018 соналда школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазда мализе буго «финансалъулаб лъай букӏин». Гӏисинлъималазда малъизе руго Россиялъул гӏарцул сипат ва цогидал жал.

ЕГЭялда хиса-басиял рукӏине гьечӏо. Гьедин лъазабуна РФялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда. Букӏана хабар, историялъул экзамен чарагьечӏеблъун гьабизе бугин абураб. Цӏалул стандартал хисизаризе кколеблъиялда бан, гьеб масъала нахъе бахъана. Гьединабго къисмат букӏине бегьула физикаялъулги, обществознаниялъулги, адабияталъулги, къватӏисел улкабазул мацӏазулги. Бицунеб буго, чарагьечӏел экзаменал рукӏине ругин школалда кьурал киналго дарсазул, амма дагь-дагьккун. Ракӏалда буго, экзаменал кӏиго бутӏаялде рикьизе: цоял кьезе ккола ичӏго класс лъугӏараб мехалда, цогидал – 11 классалдаса хадуб.

2018 соналда 5-9 классазул цӏалдохъабазда малъизе буго «робототехникаги» астрономияги. Бицунеб буго, школалдаго малъизе кколин психологияги: хасаб дарс хӏисабалда яги ОБЖялъул бутӏа гӏадин. Гьелъие гӏиллалъун рехсолеб буго цӏалдохъабазда гьоркьор гьекъолдулезулги наркотикал хӏалтӏизарулезулги къадар гӏемерлъи.

2017-2018 цӏалул соналда байбихьулеб буго «Основы кибербезопасности» абураб дарс кьезеги. Гьелъул мурад буго Интернеталдасан рукӏунел хӏинкъабаздаса лъимал цӏуни.

Хӏадурун буго хасаб проект – 23 сонил ригьалде рахинчӏел, цо лъимерги бугел улбузе тӏадегӏанаб лъай щвеялда бараб. Гьеб проекталда рекъон, гӏолохъанал улбузе рес кьезе буго заочно цӏализе ва хадубккун очнияб къагӏидаялде тӏадруссине.

Кавсарат Сулейманова