Салам алейчум, чарангӏан къвакӏарал некӏсиял магӏарулазул къатӏраги чорхолъ хутӏичӏел гьанжесел аварцал!

Бихьулищ цо боржун араб заман: сайгъаталъе гӏандадерил буртинаги, бархъалисезул хъабаги, хъалиянго бухӏуларев чиясе ансадерил муштукӏги босун нужер бахӏарчиял умумул дихъе рачӏаралдаса тӏубараб гӏасру сверана.

Жакъаги ракӏалда буго нужер кӏудияв поэтас хъвараб «Магӏарулал Ленинида аскӏор» абураб сарин.

Амма, гӏасраби свераниги, сонал аниги, дун добго Мавзолеялда, добго цӏулал ящикӏалъув, дунялалда бугебщинаб бальзамги тӏад бахун, хириял уколазги ворлълъун, иман бугел гӏадамаз кигӏан гьараниги, насранияб къагӏидаялъ вукъизеги гьукъун, «бакъалда» рехун вуго. Бахчун щай, гьоркьов-цеве свежий воздухалдеги ворчӏула, мехтун тӏутӏал лъугьарал Мавзолеялъул хъаравулзабиги гуккун.

Сапар байбихьула Эбелаб майданалда бугеб казият — журналазул киоскалдаса. Цӏехола рекӏее хирияб «Искра», «Ильичил правда», амма бачӏинахъего бер речӏчӏула, жидеде балагь рещтӏаял, «Единороссазул» «Бурий медведь» казияталдаги «Путинил тӏанчӏи» абураб журналалдаги.

Цо-цо къанагӏат «Бахьикъосги» щолаан, щибаб номер «Миллаталъулги» цӏалулаан.

Цӏакъ настроение хвана, дихъаги Михъичихъаги дабить гьаричӏого хутӏарал, махновцазги бандеровцазги цӏияв президент Зеленский зурулев вугилан, жиндир кӏал цӏорояй телематушкӏа Скабеева кӏалъайдал. Амма цӏакъ вохана дов цо дунялго сурарав Хрюша-«кукурузникас», коньякалъул рюмкаялда нахъ, копойго Украинаялъе сайгъат гьабураб Крым Володял къокъаялъ къахӏан кквеялдаса. Канешна, дагьа-ма-къабго ракӏги къварилъана, тӏубараб гӏасруялъ «бакъалда» лъурав, дие лъебелазул тӏехцин битӏизе кӏвечӏел нужер игитаз, Крымалъул гӏурусазе вагонал цӏун гуманитарни груз, ай магӏарухъ руге-гьечӏел парадуктал ритӏанилан Доктор Ватсонил донесение цӏалидал. Дагъистаналда дагьалищ ругел, нужерго классикас абухъе, «напакъадул къолоца къоял нухда тӏамулел» мискин-пакъирзаби? Гьединаб жоялда гурищ нужеца абулеб рукъ бакъараб садакъайилан?!

Салоялде ругьунал Махнол тӏанчӏахъе щвани щиб гьабилеб Кавказалъул мохмох?

Гуманитаркаги, Крымалде гуреб, дунялалъул ракъарал улкабазде битӏун лъикӏ букӏинчӏодайиланги ккола цин-цин. Севастополалдаги Симперополалдаги бандеровцал гурел болъонил тӏанчӏи рукӏаниги щиб пабальшому нужее? Карочи, умумузул цӏаралъ церехун цӏан унел рукӏин гурони, щибниги пайда гьечӏел чагӏи лъугьун руго гьанже аварцазул. Ей богу, абидна.

Коррупциялъги кланазги квана-леб Дагъистан хвасар гьабизе ва жагьиллъиялде данде къеркьезе Володяца витӏарав Гӏабдулатӏипилазул гьоркьохъев вас Рамазанги нахъего вачун анила Централъинги цӏалана Инстаграмалда. Гьелъие сабаблъун кканила, хирург Гӏабдулхабировас Рома кантӏизе хъвараб, «Гӏундулхалат сценаялда» абураб роман. Хӏасил щиб ккараб? Улкаялъул эбелаб сценаялде баханилан хӏамаги инжит гьабуна, божарав кӏиго гьудуласда гьоркьоб кутакаб гьогьенги ккана.

Гьанже Васильевас мадар гьабулеб бугила, бащдал чиновникал Читаялде ритӏун анилан «Черновикалъул» передовицаги цӏалана. Харбал руго Гӏабдуалиевич нахъе ани, «дедил» меседил горо гӏадав Мухӏамадсалам тӏадвуссинеги рес бугила, инсухъа хутӏаралда хӏур кӏутӏизе. Аварец ханлъуде вачӏин кутакалда щакаб жо бугилан хъвалеб буго обозреватель Заурица.

Цониги казият – журналалдаса лъазе кӏвечӏо, лезгиязул кӏиго росдае гӏоло президентасул тахидаса рещтӏине ккарав, коммуняга Муху Гимбатович гьанже кив вугевали.

Сталинист Беговги тӏагӏана политикияб аренаялдаса. Дагьав цевегӏан цо машгьурав зулмучиясе зурма пулеб бертин-туялда гьесда релълъарав чи вукӏанилан ракӏчӏезабулел макъалабиги рукӏана прессаялда, амма дунго божичӏо. Сталин хирияв чи хӏисабалда, хӏаталдаса ун вокьула дие Омарчик. Госдумаялда досул хъубухъун лъураб хъурайсин бихьарабго, Мавзолеялда вукӏинцин кӏочон толаан цо-цо мехалъ.

Эбелаб новость самсим кӏоче-нехъин букӏун буго.

Хъахӏаб рокъоса буюрухъги кьун, хъахӏилаб вертолеталъ вачун арав Россиялъул «бищунго лъикӏав мэр» къватӏиве виччаян Путин-ханасде хитӏаб гьабиялъулги хъвалеб бугоан тӏолабго интернет-ресурсалъ. Ханасги, жив ургъилин, бетӏер хъасун бугила. Бащдаб Дагъистаналда михир бачарав чи къватӏиве виччани, хутӏараб бащалъиялда щиб гьабилеб нужеца? Пенсионни фондалъул бетӏер тӏаса вихьизавизелъун тӏубараб самолеталде ПЗРКялъ ишан босизе къасд ккарав залимасе заман щвелелде амнистия лъазаби лъикӏаб галилъун рикӏкӏунаро дица.

Цо абундачги цӏалана басрияб-цӏияб «Бахьикъосалда».

Росулъа вехе уневги вехеса росулъе тӏадвуссуневги кӏиго гӏандисев дандчӏван вугила кардоналда. Росулъ батӏияб-цӏияб хабар щибин гьикъун бугила вехеса вачӏунес. Бицине гӏадаб жо гьечӏинха, метер кӏал кквезехъин бугин жаваб кьун буго вехе унес.

Вабабай, вададай, бихьулищин хваралдаса хвараб гурони хабарги рагӏулеб гьечӏин къварилъахъдун вуго вехеса вачӏунев.

Гьелъухъего, мугӏрузул улкаялдасаги пока лъикӏаб хабарго рагӏулеб гьечӏо.

Бикъа-хъами, чӏвай-хъвай, спец-операциял, боевикал, вагьабистал, салафитал — нормални чигойищ гьечӏев жакъасеб «Багӏараб Дагъистаналда».

Палхӏасил, дирги расги лъикӏ гьечӏо иш, диралдасаги тату хвараб хӏал нужерги буго.

Амма дирги нужерги цо гӏаммаб жо буго-«надежда» абураб. Гьеб, гӏурусаз абухъе, ахиралда гурони холаро.