• Гӏамрил Салманидасан (р.гӏ.) бачӏараб хӏадисалда аварагас* абулеб буго: «Гӏагарлъиялъе кьураб садакъаялъул кири кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун хъвала». (Тӏабарани)
• Абу Гьурайратидасан бачӏараб хӏадисалда аварагас* абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагӏдукь рукӏунел гӏадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хӏатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегӏаб квералдацин лъазе течӏел». (Муслим)
• Ибну Гӏаббасидасан (р.гӏ.) бачӏараб хӏадисалда бицунеб буго аварагас* абунила: «Аллагьас хӏакъир гьавизе вуго рихьдае жо гьабуравги гӏадамазда гьеб бицаравги. Гьединав чи Къиямасеб къоялда инжитлъизеги вуго, гьединал ишал гьаруни, гьелъухъ кириги щвезе гьечӏо». (Муслим)
• Ибну Гӏаббасидасан бачӏараб хӏадисалда аварагас* абулеб буго: «Алжаналде унел руччабаздаса ккола, гӏемер лъимал гьарулей, рос вокьулей, хехго гьесде юссуней, жинца росасе, яги жиндие росас зарал гьабуни, росасухъеги ячӏун гьесул кверги ккун абулей, Аллагьасхӏаги дица чадил рекел квинаро мун дида разилъизегӏан». (Насаи)