2019 соналъул ахиралда цо къоялъ дихъе кӏалъан вачӏана Гумбет районалъул Гьарадерихъ росулъа Юсуп Мухӏамадов. Гьес бицана жиндирго мурад — гӏахьаллъулев вуго «Хӏакъикъат» газеталда цӏар хисиялъе лъазабураб къецалда. Юсупица абуна жинда берцин бихьун бугила ИРС абураб цӏар. Щибаб хӏарпалъул магӏнаги бицана гьес.
ИРС – Инсул Росулъе Сапар. Дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна хӏарпазул магӏнаялъ – гьеб букӏана дун магӏарухъе, инсул росулъе къачӏалей йигеб талихӏаб лахӏзат. Пикрабаз гьелчезайизе лъугьарай дида цоги нухалда ракӏалде щвана гӏагараб росуги, росдал къватӏалги, гьенирго тарал кӏарчамаб лъимерлъиги, гогьаб гӏолиллъиги, дун ячӏиналъухъ балагьун чӏун бугеб инсул минаги, умумузул заналги.
Гьалеха дандего гьулчун бачӏана магӏаруллъиялъул махӏ. Бацӏцӏадаб гьаваялъги, гӏагараб Тӏануси росдал балазда тӏавап гьабулел ругел цӏумазги, цӏумазул борхалъиялде цӏаруцӏине къваригӏарал хӏайранаб хунздерил тӏалъиялъул росабазги майилан кодоре кьолел рукӏана дихъе инсул росулъе гьабулеб бугеб сапаралъул хулжал.
Щинкӏун ине къачӏадилеб бугеб бакъул чӏоралги лъугьана недегьго дир пикраби реэдизе. Гӏазухъ урхъун бугеб тӏабигӏаталъулъги гӏажаибаб чӏаголъи бугин кколеб букӏана. Маркӏачӏул заман гӏагарлъулеб букӏана, дун росулъе щолелъул. Цинги цо цӏакъго бакӏаб ва къваридаб лахӏзаталъ цӏамхӏалаб магӏуялъул кумекалдалъун ячун, пикрабазул айгъирги кьолон, щвезаюна инсул минаялде. Талихӏ ккана рукӏкӏун букӏин, гуребани, кӏвезе букӏинчӏо дида росуцоязул саламалъе жаваб кьезе. Бецӏаб дунял рогьун араб гӏадаб асар гьабуна, Шамай – адайиланги абун, гьитӏинал мадугьалзаби Шумайсатги Аминатги, хӏатӏида гӏицӏго, дандего рекерун рачӏиндал. Пикрабазулъа накӏкӏалги ана, ракӏги рагьун ана, анищалги роцӏана.
Амма хулжазул кӏал рагьарабго, цӏидасанги пашманлъиялъ ханлъи гьабуна рекӏеда. Гьениб батарабщинаб хазина: росдал гӏадамалги, гьезул гӏадатал-гӏамалалги, гьитӏинаб ватӏаналъул тарихги, тарихалда гугьар бекьулел росуцоялги, мацӏги, цӏарги…
Гьале доб умумуз ирсалъе тараб хвел букӏине ресго гьечӏеб хазина. Умумузул росабалъе сапарал цӏикӏкӏани, цӏикӏкӏине буго рахьдал мацӏалдеги ватӏаналдеги рокьи. Нилъ рикӏкӏалъанагӏан, рикӏкӏалъулеб, гӏа-гарлъанагӏан гӏагарлъулеб букӏуна гӏумруялъул аслулъун жиб кколеб
рокьи.
Гьединал сапарал цӏикӏкӏани, чӏаголъизе буго магӏаруллъи.
Росулъе щведал, нилъер щивасул борчлъун ккола умумузул заназухъе щвей. Гьениблъидал нилъер гӏумруялъул ахирги бугеб. Гьениб ракӏалде щола нилъеда кинабго, регула нахъехун гӏумруялъул тӏехьалъул рухӏаралги цӏороралги тӏанчал. Эбел-инсулги вацасулги заназде къулидал, дидаги цебечӏола гьезиеги гьабичӏого гьоркьоб хутӏанщинаб лъикӏлъи, гьабизе ресги букӏараб. Гьабураб жого батулебги гьечӏо. Бутӏрул къулизе кколел руго, заназе гурел, чӏагоязе. Гьеб нилъер ирсилазда бичӏчӏичӏони, гьезул букӏинеселда гӏумруялъул бакъул хинлъи чӏвазе гьечӏо. Гьединаб наслуялъ хадусеб наслуялъе гӏицӏго чӏобоголъи тезе буго. Гьедин ккечӏого букӏине ккани, инсул росулъе сапарал гӏемер гьаризе ккола. Лъимал дандчӏвазе ккола умумузул заналгун, гьезда рихьизе ккола рорхатал мугӏрузул гӏаздалал тӏогьалги тӏогьода росарал расалъабиги. Гьезда лъазе ккола росдал щибаб гамачӏалъул тарихги, гьезда бичӏчӏизе ккола магӏарухъ рижулел тӏугьдузул мацӏги, гьенир хӏанчӏаз хӏайранго рачунел бакъназул магӏнаги, магӏу-релъиялъул багьаги.
Магӏарухъ щола магӏаруласе гӏумруялъул дарсалги. Гьениб, инсул росдал гъасда даим нилъехъ балагьун чӏун букӏуна гӏумруялъул рогьеллъунги къисматалъул нурлъунги кколеб умумузул цӏа. Гьелъ нилъ рачуна рахьдал мацӏалдеги умумузул нухаздеги букӏине кколеб гӏищкъул гъанситохъе.
Гьаб нухалда щвана кӏиабилеб рукълъун дие букӏараб, 22 соналъ дун хӏалтӏараб гӏагараб школалдеги. Гьенирго тӏупана дица гӏолохъанлъиялъул хӏасратал анищал. Гьениб дир рекӏелъ кунчӏун букӏана талихӏалъул цӏа. Гьениб къалъараб бакъалъул хинлъи жеги гӏолеб буго дие. Гьениб тана гӏолохъанлъиги херлъиги дир эбел-инсуцаги. Амма школалда дица тун букӏараб бакъул кунчӏи дагьабго сун батана. Гьечӏо гьелъул чӏоразда гьоркьоб бищун аслияблъун дие букӏараб кӏиго чӏор.
Школалъул азбаралдасан рихьулел руго лъимерлъиялъул лъалкӏал. Доле Гӏуртӏа майдан. Бокьун бугеб куцха цоги нухалда гьений тира-сверизе, гьенир рижулел хъахӏал, хъахӏилал, тӏогьилал тӏугьдузул квацӏи гьабун, эбелалъул зонохъе ине. Гьейгун цадахълъидалха дица квацӏаби гьарулел рукӏарал.
Гьалеха хӏорги, школалда цебе. Щибго къваригӏел гьечӏониги, бацӏцӏадаб парталги босун, уна гьение ясалгун черезеги, ясандизеги, гогьдаризеги. Гьединал ракӏалдещвеял рукӏуна киназулго. Гьеб киналъулго пикру нилъеца гьабула рахьдал мацӏалда. Гьединлъидал инсул росулъе сапарал цӏигьаризе нилъ журани, хӏасил лъикӏаб ккезе буго. Гьенисан роржуна нилъ цогидаб дунялалде, гьениб ахӏараб кочӏол саринахъе кьурдула нилъер талихӏ.
Ва гьале къо-лъикӏ гьабулеб буго гӏагараб росдалгун. Сардил сихӏкъотӏи. Гвангъун роцӏараб зодир кенчӏелел цӏваби. Доле бортун ана цо цӏва, гьелда хадуб – цогиги, цинги — цогиги, цогиги, цогиги… Гьанжеги чӏобого хутӏизехъин бугеб минаялъул азбаралъуйги эхетун йигей дун яс-ясун ялей йиго пикрабаз. Ва ахиралдаги — росдал хабзал. Гьаб нухалдаги хадур ралагьун толел руго инсул, эбелалъул, вацасул, ункъгӏалалъул, имгӏаласул, кӏодоэбелалъул занал. Гьезул хъвай-хъвагӏаяз цоги нухалда ракӏалде щвезабулеб буго дир гӏумруялъул ахирги гьезда хьолбохъ букӏин.