Гьанжегӏагар ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас данде гьарун рукӏана пачалихъиял СМИязул бетӏерал редакторал.

Гьениве ахӏун вукӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановги.

— Гӏумахан, республикаялъул бетӏерас нуж данде гьариялъе гӏилла кинаб букӏараб?

— РФялъул президент Владимир Путиница санайилго Федералияб Собраниялде гьабулеб Хитӏаб гьоркьоб лъей букӏана гьеб дандчӏваялъул мурад.

Информация кодоб бугев чияс дунял квегъизецин рес бугилан абуларищха. Гьединлъидал республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасги бичӏчӏизабулеб букӏана, информация кодоб бугел чагӏи хӏисабалда, журналистаз халкъалъухъе битӏараб пикру щвезабиялъул мурад бугин жиндир.

Хасго Васильевас тӏадчӏей гьабуна миллиял проектазул бициналда. «Мой Дагестан — комфортная городская среда», «Мой Дагестан — моя вода» ва «Мой Дагестан — мои дороги» абурал проектазда рекъон, лъимгун газ рачунел, шагьранухал гӏатӏилъизарулел, социалиял объектал ралел ругелъулха кирго.

Араб соналда гьабураб хӏалтӏул хӏисаб гьабулаго, Васильевас абуна нилъее гӏицӏал тарихалги статистикаги гурин хӏажат ругел, хӏакъикъияб хӏалтӏи къваригӏун бугилан. Гьебго жо тӏалаб гьабулеб бугила нилъедаса президент Путиницаги.

Гьединго республикаялда чара гьечӏого тӏуразе ккарал суалазда гъорлъ Васильевас рехсолеб букӏана налогал ракӏари цӏикӏкӏинабизе ккейги. Анцӏ-анцӏ соназ балъго гьабун жидеего щолеб хайиргун, бюджеталде кьолел цӏакъго мукъсанал рукӏиндалха.

— Гьанже улкаялъул хӏукуматалъул бетӏерлъуде налогазул инспекциялъул нухмалъиялда вукӏарав Михаил Мишустинги вачӏун вугелъул.

— У, жиндирго иш лъалев чи вугилан гьесие лъикӏаб къимат кьуна доб дандчӏваялда Владимир Васильевасги.

Диегоги бищунго асар гьабуна хъулухъалде ккун чанго къоялдасан Мишустиница РФялъул хӏукумат федералиябгун пенсиязул цӏидасан бюджет хъвазе тӏамунин, гьелъие бихьизабураб заманги гӏицӏго кӏиго анкь гурони гьечӏилан абураб макъалаялъ. Ричча-рихъан тун ругьунал хӏакимзабаздаса иш тӏалаб гьабизе гьединав премьер лъикӏ гурищха?

Цинги цӏигьабун бюджет гӏуцӏун хадуб ирга щвезе рагӏула президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏаб гӏумруялде бахъинабизе.

Гьеб хитӏабалда гъорлъ ругел кӏвар бугел суалазул цояб «эбелалъул капитал» бугиланги бицана Владимир Васильевас.

Тӏоцебесеб лъимер гьабурал руччабазе гьеб кьезе букӏин кутакалда лъикӏаб пикру гьечӏищха. Хасго нилъер республика лъимал гӏемер гьарулеб регионазда гьоркьобги бугелъул.

Асар гьабулеб жо буго гьеб гӏарац хвезабизе, цебе гӏадин, лъимералъ лъабго сон базегӏан чӏезе кколел гьечӏолъиги.

ДРялъул бетӏерасул рагӏабазда рекъон, президент Владимир Путиница гӏаммаб куцалда губернаторазулгун пачалихъиял хъулухъазда, закон цӏунулел идарабазда ругел хӏакимзабазул жавабчилъи букӏине ккеялъул бицаниги, гьелъул магӏна буго улкаялъул халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизаби, лъай щвеялъе нухал гӏатӏилъизари, сахлъи щулалъизаби.