Нилъ кинаб гӏасруялда ругониги, бокьараб заман рагьдухъ рещтӏаниги, нухазул суал, ригъарал ругънал кинигин, кидаго хутӏулеб буго аслияблъун. Хашал нухал рукӏин лъугӏулареб бетӏер унти буго бокьараб муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏерасеги.
Бабаюрт мухъалда бугеб Цӏумада районалъул Шава росулъе унеб нух буго гьабсагӏат бихьизе нечараб хӏалалда. 1970 соналдаго бахъараб шагьранух букӏаниги, гьенибе жеги хъил киса гурин тӏолеб, букӏине кколедухъ ва киса-кибего чабахцин бан гьечӏо.
Грайвералъухъ балагьун салиги, салуда гурхӏун цӏадги чӏечӏо
Хӏарщулъ къан, церехун рорчӏизе ресги гьечӏого ругин гьенисан хьвадулел машинабигиян бицана «Хӏакъикъаталъе» Шаваялда гӏумру гьабун вугев Цӏумада райсобраниялъул депутат Исмагӏил Гъазимухӏамадовас:
— Бащдаб гӏасругӏанасеб заман аниги, лъабго-ункъо болжал ун буго гьеб нух букӏине кколедухъ къачӏачӏелдаса. Моцӏалъ цебе, декабралъул анцӏабилел къоязда, жамагӏаталъ гӏарацги данде рехун, нижецаго гьабун букӏана гьениб хӏалтӏи.
Росу бихьулеб бакӏалде щвезегӏан бугеб нухлул цо бутӏа къачӏан букӏана Бабаюрталъул ДЭПалъ (нухал къачӏалеб идара) ахирал соназда. Жидеца тӏаде чабах (грайвер) базе букӏине, гъоркье салиги бан къачӏан тейин, росулъе жанибе щвезегӏан бугеб нухлул гвендахарал бакӏалин абуна гьез нижеда. Бана нижеца гьенибе салиги, батӏи-батӏияб техникаги бачун букӏана гьенибе. Хӏасил щибха ккараб? ДЭПалъ грайверги баччичӏого, тӏаде цӏадги бан, салиги хӏарщуде сверана, машинабиги гьенир къан хутӏана, нижер хӏаракатги гӏадада ккана. Гӏага-шагарго 500 000 гъурущниги букӏана жамагӏаталъ гьенибе бакӏарун. Цо КамАЗ чабхил цӏезе ккани, 13 азарго гъурущ къваригӏуна. Цохӏо техникаялъе хӏажатаб цӏатари босизе харж гьабуна 200 000 гъурущ гӏарац.
«Безопасные и качественные федеральные дороги» абураб программа хӏалтӏизе лъугьана гъоркьиса республикаялда. Гьелда гъорлъ гӏахьаллъи гьабизе хӏалбихьичӏищ нужецаян гьикъидал, Исмагӏил Гъазимухӏамадовас квер хьвагӏана, гьелда жаниб кӏудияб сиясат бугин хӏалтӏулебиланги абун.
— Къануналда рекъон балагьани, Шава росдал хъутан бугеб бакӏ ккола, аслияб куцалда, гочинабураб гӏи-боцӏуе бетӏербахъиялъе бихьизабураб бакӏ. Ва гьезул тӏалаб-агъаз гьабулел гӏухьбуз яшав гьабун гурони, тӏубараб росдаего гӏумру тӏамизе изну рагӏуларо гьениб. Гьебги ракӏалде щвезабун, нуж гьаниса тӏуранго нахъе рахъинаризе кколин бичӏчӏизабуна нижеда тӏадчагӏаз. Гьаниса нахъеги гочинарун, гӏумру гьабизе нижее санагӏатаб бакӏ бугищха гьез хӏадурун? Ракӏчӏун абизе кӏола гьечӏилан. Доле Чачаналдаса нахъеги рахъинарун, Гӏавухъ росдал гӏадамал цӏияб бакӏалде гочинариялъул суалцин буго лъагӏалабаз халат бахъунеб, — ан бицана И. Гъазимухӏамадовас.
Бабаюрталъул ДЭПалъ къачӏан буго росу бихьулеб бакӏалде щвезегӏан бугеб нухлул цо бутӏа. Хутӏараб 13 километралда машинаби хьвадун бажарулеб хӏал гьечӏо гьабсагӏат.
Жамагӏаталъ бакӏарараб гӏарац гӏечӏо нухлуе, ДЭПги буцӏцӏун чӏана
Шава росдал бегавул Хӏажимухӏамадов Гъазимухӏамадица бачӏинахъего байбихьана Бабаюрталъул ДЭПалде гӏайиб гӏунтӏизабизе.
— Дица гьезда цебего абун букӏана, хасел тӏаде гӏунтӏидал, гӏазугун цӏад халатбахъани, нухазул иш лъугӏулин. Рачӏа хех гьабун, тадбир гьабизе бугин нухал къачӏазе. Киса, гӏинтӏамичӏо! 2017 соналда дирго хӏаракаталдалъун 390 азарго гъурущги бакӏарун къачӏан букӏана нух. 2018 соналъги бакӏарун букӏана 120000 гъурущ. 2019 соналъги бакӏарана 200000-гӏан гъурущ. Дица гьезда абулеб буго гӏарац дица кьелин, баче техникаги, байбихье хӏалтӏудейин. Гьелъухъги гьез гӏинтӏамичӏо. Араб кӏиябго соналда жаниб гьез щибниги хӏалтӏи гьабичӏо росулъе жанибе бугеб нух къачӏаялъе, — ян бицана Гъазимухӏамадица.
Шава хъутаналда гъорлъе унеб буго кинабниги микьго росу. Гӏаммаб куцалда гьениб гӏумру гьабулеб буго 3000-гӏанасеб цӏаракиялъ. Гьениб буго кӏиго школа, чанго ясли-ах, больница ва цогидалги идараби. Микьабго росдал гӏадамал жакъа хутӏун руго нухлул рагӏалда эхетун, къваригӏелалъ Махӏачхъалаялде ва цогидал бакӏазде ине ресги гьечӏого.
Федералияб шагьранухдаса Шава хъутаналде буго 36 километр. 24-абилеб километралде щвезегӏан къачӏан букӏун буго Бабаюрталъул нухазул идараялъ шагьранухлул цо бутӏа. «Дирги гьезулги къотӏи букӏана 29 километралде щвезегӏан гьезги къачӏан, хутӏараб анкьго километр дицаго къачӏан лъугӏизабизе. Амма гьебги гьез тӏубазабичӏо. Дица балагьараб чабахги буго гъунал гьарун нухде чӏехьон. Хӏарщуца гъанкъараб шагьранухги буго», — ян бицана хадубги Гъазимухӏамад Хӏажимухӏамадовас.
Амма ДЭП гӏайибалъе мукӏурлъичӏо
Бабаюрт мухъалда бугеб ДЭПалъул нухмалъулесул заместитель Арслангӏали Гӏумаровас инкар гьабичӏо Гъазимухӏамад Хӏажимухӏамадовас жидедасан гӏарз бахъулеб букӏиналде. Нухал хӏакъикъаталдаги чӏунтун ругин абуна гьес. Гӏицӏго гьев разилъичӏо жидеца щибниги хӏалтӏи гьабичӏин ахираб кӏиго соналда жанибилан Шаваялъул бегавулас жидеде гьабураб гӏайиб-гъвелалда.
— Гьел нухал тӏубан тӏаса квер босун танин нижецаян абураб баяналда дун разилъиларо. Гьаб моцӏрол байбихьуда, январалъул анкьабилеб къоялъги букӏана нижер техника гьениб хӏалтӏулеб. Амма нижер хӏалтӏул лъикӏаб хӏасил кколеб гьечӏо, гьенибе биччалеб гӏарац дагьаб букӏиналъ. Мисалалъе, гъоркьиса гьенибе бихьизабун букӏана 300-400 азарго гъурущ гӏарац. Гьеб гӏарцухъ букӏине кколеб даражаялда нух къачӏан бажаруларо, — ян бицана нухазул идараялъул вакилас.
Къокъаб хӏасил, Арслангӏали Гӏумаровас бицунелда рекъон, аслияб куцалда гьеб нух къачӏазе ккани, хӏажалъулеб буго гӏисинаб чабах. Гьеб чабхил цӏураб цо КамАЗ машина абуни гӏолеб гьечӏо нухлул цо километралде базецин.
Исана соналда гьениб лъазабун буго тендер. Гьеб бергьани нух къачӏан лъугӏизабизе кӏвеялде хьулги буго Гӏумаровасул.
Хадубрагӏи
Шавадерилго гӏадин, чӏунтарал нухал ругел росаби гӏемер руго жеги республикаялда. Хасго Цӏунтӏа, Цӏумада ва гьелго гӏадал, рикӏкӏадал ругел районазда гьел гӏузраби анцӏ-анцӏ соназ руго халатрахъунел. Техникаялъцин гуреб, нанотехнологияз щулаго квелъ ккураб гьаб заманалда, нухал къачӏалел гьечӏо. Гьелъие бергьун гӏемерал сурсаталги, бажари бугеб пачалихъ нилъер бугониги.
«Хӏакъикъат» газеталъ хадубккунги кӏвар кьезе буго гьединал масъалабазде.