Гьал къоязда ниж щвана Ленинкент поселокалде. Гьенибе сапар бухьиналъул мурадги букӏана поселокалъул ветеринарияб участкаялъул фельдшер, Чӏарада районалъул Нукъуш росулъа Гӏабдулагь Гӏабдулаевасулгун накъит гьаби.

1980 соналда росдал магӏишаталъул институталъул зооинженерияб факультетги лъугӏизабун, Гӏабдулагь хӏалтӏана Астраханалда, Гъизляр районалъул Урицкиясул цӏаралда бугеб совхозалда. 2000 соналдаса нахъе гӏумру гьабун вуго Ленинкенталда.

— Гӏабдулагь, щиб хъулухъ тӏубалеб нужер участкаялъ?

— Нижер участкаялъул ветврачасулги дирги аслияб хӏалтӏи ккола гӏадамазул боцӏуе ветеринарияб хъулухъ гьаби, гьел унтабаздаса цӏуни.

Амма, ахираб заманалда, поселокалда боцӏи дагьлъулеб буго. Дир пикруялда, гӏадамазул ракӏбуссун буго росдал магӏишаталъул хӏалтӏудаса. Гьабсагӏаталда гьаниб буго азаргогӏанасеб бетӏер чӏегӏербоцӏул. Дагьал церегӏан соназцин букӏана къватӏибе гъолеб боцӏул лъабго рехьед, гӏемерал рукӏана гӏи-цӏцӏани, гьабсагӏаталда гьел гьезего гьечӏо.

— Аслиял унтаби кинал дандчӏвалел гьезда гьоркьор боцӏуе ва инсанасе хӏинкъи бугел?

— Риидалил заманалда тӏибитӏула харил унти. Гьаб заманалда гӏемераб боцӏи холеб буго авлахъалда пластикалъул къучӏби кванан, гьеб балагьалде данде гьабизе кӏолеб жоги гьечӏо. Хӏинкъи бугел, захӏматал унтаби гьанир гьечӏо – нижеца жидер заманалда бахъула би, халгьабула киналъухъго ва, нагагьлъун унтаби загьирлъани, тӏагӏинабула унтараб боцӏи. Гьединал унтабаз унтичӏого рукӏиналъе цереккунго гьарула тадбирал (вакцинация) – гьелъие дарабиги пачалихъалъ чӏезарула чӏорого.

— Аслияб хӏалтӏудаго цадахъ дуца хьихьулел руго гӏанкӏал. Боцӏуде, гӏияде ругьунав мун гьел хьихьизе лъугьиналъе гӏилла щиб ккараб?

— Мадугьалас кьун букӏана дие кӏиго гӏанкӏ. Захӏматго унтарав дирго васасе мадар лъугьана гьезул гьан, кьураб заманалда. Гьелдаса нахъе хиял ккана гьел хьихьизе. Гьабсагӏаталда гьезул 200-гӏанасеб бетӏер буго.

— Кигӏан кӏалцӏи-хер лъагӏалие къваригӏунеб, кин дуца гьеб хӏадурулеб?

— Дирго букӏарабани гьеб хӏадуризе рес, лъикӏаб букӏинаан, дие гьеб гӏемерго учузгоги чӏелаан, амма гьединаб рес гьечӏолъиялъ кинабго босизе ккола. Лъагӏалие хӏажалъула харил 200-гӏанасеб танг.

Кӏудияб гӏанкӏие мехелалъе къваригӏуна 100 грамм кӏалцӏул, гьитӏиналъе — 20-50 грамм.

— Щибха дуца гьезда гьабулеб?

— Гьел ричизе базаралде арав чиги дун гуро, хӏалтӏизарула рукъалъеги, гьанире рачӏун гӏадамазги уна росун. Гьезул гьанги бичула 400-450 гъурщиде кило хӏисаб гьабун, базаралда гьелъул багьа бахуна 600 гъурщиде.

— Советияб заманалда цӏакъ къиматалда букӏараб къехьалъул бугищ тӏалабго?

— Доб заманалда цохӏо гьелъул кумекалдалъун тӏубалаан кӏалцӏи-хералъул суал, бихьизабураб къадар гьезул кьуни, щолаан къанагӏатаб импорталъулаб къайи. Гьабсагӏаталда гьелъул кинабгӏаги тӏалаб гьечӏо.

— Гьел гӏемер унтулищ?

— Унтичӏого рукӏиналъе гьаризе ккола гьадинал дараби – гьекъезе кьолеб лъел литралде гъорлъе тӏезе ккола кӏиго миллилитр щуго проценталъул йодалъул, гьедин гьабизе ккола моцӏида жаниб лъабго къоялъ, тӏатӏалаго. Гьезие чара гьечӏого къваригӏуна рацӏцӏалъиги.

— Бихьулеб захӏматги, тӏад унеб харжги, гьел ричун щвараб хайирги данде босани, гьабизе бегьулеб, пайдаяб хӏалтӏи бугищ гьеб?

— Мисалалъе, мехелалда жаниб гьаб хӏалтӏуда тӏад дир уна кӏиго сагӏатгӏанасеб заман. Цӏикӏкӏараб харж тӏад унеб ишги гьаб гуро. Гьаб буго пенсиялде арав, жиндирго мина бугев чияс гьабизе бегьулеб, рекъараб хайирги кьолеб хӏалтӏи.

— Дур вуго лъабго вас. Дуца гӏуцӏараб магӏишат гьез кодобего босиладай?

— Дие кумек гьабула гьез, амма мухӏканго лъала гьаб хӏалтӏи гьез гьабизе гьечӏеблъи.

— Ракӏалда бугищ магӏишат гӏатӏид гьабизего?

— Буго. Гӏагараб заманалда цо-кӏиго лъикӏаб, тайпадулаб бихьинаб гӏанкӏ босизе ине вуго Богатыревкаялде, гьенир ругин рагӏана дида гьел ричулел.

Гьезул багьа-къадаралъул бицани, лъабазарго гъурщиде щвезе бегьула. Базаралда гьел ричулел рукӏуна анлъазарго гъурщидеги.