Магӏишат гьабизеги захӏматаб, лъималазе тарбия кьеялдеги бищунго кӏвар кьезе хӏажатаб гьаб заманалда Дагъистаналъул руччабазе мугъ чӏвалеб бакӏлъун лъугьана руччабазул «Муслимат» абураб исламияб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул аслияб масъалаги ккола бачӏунеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьолел руччаби-улбул куцай.

Гьеб гӏуцӏиялъул нухмалъулей Хадижат Шихгӏалиевалъ кидаго абула: «Эбел гьечӏони, гьечӏо я бахӏарчи я шагӏир», — ан. Унго-унгоги эбелалъ кьолеб тарбиялда бараб батула лъимадул хадусеб гӏумру.

Рукӏинесел улбул ва лъудби куцалеб «Рухӏияб берцинлъиялъул школа» гӏуцӏаралдасаги исана 15 сон тӏубалеб буго. Исламияб лъаялде тӏадеги гӏолохъанал ясазда гьениб малъула гӏадамазда гьоркьор хьвада-чӏвадизе кколеб куц, ругьун гьарула батӏи-батӏиял махщелазе, малъула хъизан-рукъ данде бачине кколеб къагӏида.

2010 соналда гьенибго рагьана исламияб лъай кьолеб «Аманат» абураб лъималазул центрги. «Муслиматалда» Къуръан рекӏехъе лъазабиялъул мурадалда кьола дарсалги. Щибаб соналъ тӏоритӏула шайих Сагӏид-афанди ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда Къуръан рекӏехъе лъалел ясазда гьоркьоб къецги. Гьенир гӏахьаллъизе ва гьоболлъухъ рачӏуна нилъер улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса диниял хӏаракатчагӏи. «Рухӏияб берцинлъиялъул школалъул» цӏалдохъабаз ва хӏафизаз гӏахьаллъи гьабула республикаялъул ва гьеб тун къватӏирехун тӏоритӏулел Къуръан цӏалиялъул, как битӏун баялъул, хирияв Мухӏаммад аварагасул гӏумру лъазабиялъул рахъалъ тӏоритӏулел къецазулъги.

«Муслиматалъул» насихӏатчагӏи

ва кумекчагӏи

25 соналъ Аллагьасе гӏоло гьабулеб жамгӏияб хӏалтӏул бицунаго Хадижатица ракӏалде щвезарула байбихьудасаго нахъе цадахъ рукӏарал диналъул яцал: Курашова Патӏимат, Хӏамзатова Рукъият, Гъайирбегова Машидат, Идармачева Тӏавус, Гӏаливалиева Кавсарат, Къурбанова Гьапи, Мирзаева Зубаржат, Хӏайбулаева Патӏимат, Къурбанова Суайбат, Гӏабдулаева Аминат, Исхӏакъова Майсарат, Ибрагьимова Умагьани, Расулова Патӏимат, Абакарова Зульгия, Хӏусенова Умагьани, Гӏабдурахӏимова Забия, Ражабова Нурулгьуда, Султанбегова Хъистаман, Мухӏамадова Хӏабибат, Абакарова Шанисат, Къурбангӏалиева Патӏимат ва гӏемерал цогидалги. Гьезул цо-цоял жакъа нилъеда гьоркьор гьечӏо.

«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏалтӏи байбихьулелъул кӏудияб квербакъи ва кверчӏвай гьабуна Дагъистаналъул рухӏиял церехъабаз ва ресалда ругел гӏадамаз. «Муслиматалъул» руччабазул хӏалтӏуде гъира цӏикӏкӏана Чӏикӏаса Сагӏид-афандил баракаталдалъун. Байбихьудаса нахъе гьес малъа-хъваял гьарулаан руччабазе ва гьез гьарулел лъикӏал байбихьияздасаги разилъи бихьизабулаан.

«Биччанте «Муслиматалъул» нуцӏбиги, нужер ракӏалго гӏадин, киназего рагьараллъун рукӏине. Биччанте гьеб божулезеги, къосун кколезеги, щакдарулезеги, амма гьебго заманалда хӏакъикъат балагьулезеги битӏараб нух бихьизабулеб бакӏлъун букӏине. Нужеца хӏеренго ва сабурго, руччабазул къагӏидаялъ бихьизабе гьезда исламалъул, нилъер гьайбатаб диналъул киналго тӏокӏлъаби. Кумек гьабе гьезие щибго чӏамучӏлъиларедухъ, щайгурелъул Къуръаналда бугелъул: «Диналъулъ хӏал гьаби гьечӏо», — ян, малъулаан Сагӏид-афандияс «Муслиматалъул» руччабазда.

«Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан»

25 соналда жаниб «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялде гӏемерал руччаби хьвадана динияб ва дунявияб рахъалъ кумек гьарун. Батӏи-батӏиял захӏмалъабазде ккарал, батӏи-батӏиял къисматалъул руччаби рачӏунаан гьенире. Гьениб рухӏияб ва динияб рахъалъ гӏемер кумек гьабулаан батӏияб диналда рукӏарал бусурбан дин босарал руччабазеги.

«Муслимат» гӏуцӏун хадубги чанго соналъ гьезул букӏинчӏо жидерго бетӏергьанлъиялда бугеб мина, чанго бакӏ хисизе ккана. Гьел захӏматал къоязда «Муслиматалъул» руччаби ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи данделъулаан Гьапи Къурбановалъул минаялъур. Гьезул хъизамалъулъ цоцазде бугеб гьуинлъиги, гьалбадеридехун гьабулеб адаб-хӏурматги, исламалъул нухда бугеб квербиччайги бихьун, гьезда рухӏдаллъулаан «Муслиматалъул» руччаби. Гьабсагӏаталда руччабазул жамгӏияб гӏуцӏи жаниб хӏалтӏулеб минаги Хархаровазул хъизамалъ кьураб буго. Хадижат Шихгӏалиевалъ жийго бетӏергьанаб минаги «Муслиматалъе» васият гьабун буго.

«Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан», — абун «Муслиматалъул» минаялъул къадада хъвараб, свалат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул хӏадис буго бусурбабазул руччабазул рухӏияб централъул хӏалтӏул аслияб ахӏилъун. 25 соналда жаниб щибаб хамиз сордоялъ салават битӏи, рабигӏул аввал моцӏалъ мавлидал ахӏи, анкьго сон баралдаса нахъе 70 сон базегӏан ригьалда ругел руччабазегун ясазда как базе, Къуръан цӏализе ва диналъул аслиял къанунал малъи гуребги, «Муслиматалъ» гӏахьаллъи гьабула рухӏияб рахъалъ республикаялъул гӏаммал суалал тӏураялъулъги.

Чӏужугӏадан-эбелалда хъатӏичӏого хутӏуларо жамгӏияталда кколел лъугьа-бахъинал, щайгурелъул, щивав бахӏарчиясулги щивав такъсирчиясулги йигелъул эбел. Гьелъ кьураб тарбиялда бараб букӏуна гӏемерисеб мехалда инсанасул къисматги жамгӏияталда гьоркьоб гьес кколеб бакӏги. Гьединлъидал, руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ гӏемерал соназда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго чӏужугӏадан-эбел рухӏияб рахъалъ куцаялде ва динияб лъай кьеялде.

Гьеб кири цӏикӏкӏараб жамгӏияб хӏалтӏуде гӏемерал руччаби ахӏана «Муслиматалъул» хиси гьечӏей председатель Хадижат Шихгӏалиевалъ. Гьелъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб буго «Муслимат» тӏегьаялъе къуват кьурал ва киналниги тадбиразулъ гӏахьаллъи гьабулел жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакилзаби: Мадина Керимовалъе, Патӏимат Мухӏамадовалъе, Камалат Амаевалъе, Хасибат Жамаловалъе, Фарида Ибрагьимовалъе, Гӏайшат Ахӏматӏиловалъе, Умузагьра Идрисовалъе, Казбат Хӏамзаловалъе, Марям Мухӏамадовалъе, Хадижат Ажубовалъе, Хадижат Бахтановалъе, Луиза Асхӏабовалъе, Эльмира Ибрагьимовалъе, Айбике Мухӏамадовалъе, Хадижат Ахъбердиловалъе ва цогидазеги.