«Муслимат» гӏуцӏиялъ, магӏарул ва гӏурус мацӏазда, лъагӏалида жаниб кӏиго нухалда къватӏибе биччала руччабазул исламияб календарьги.
Гьенир ратула руччабазе пайдаял диналда хурхарал суалазе жавабал, исламалъул берцинлъигун гьайбатлъиялъул, хьвада-чӏвадиялъул къагӏидабазул, хирияв Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в), гьесул асхӏабзабазул, гӏалимзабазул, диниял церехъаби-руччабазул хӏакъалъулъ бицарал баянал. Гьединго гьелда руго богогьанлъиялъул ва халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги.
Щибаб къоялда рекъон лъун буго щуябго какил гӏужги, моцӏ цӏилъулеб заманги.