15 январалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана №2 республикаялъул клиникияб больницаялъул (РКБ) бетӏерав тохтур Ибрагьим Мухӏамадовасулгун дандчӏвай. Гьес бицана №2 РКБялда гьарурал хиса-басиязул хӏакъалъулъ.

«Ахираб заманалда улкаялъулги республикаялъулги нухмалъиялъ кӏвар буссинабулеб буго халкъалъул сахлъи цӏуниялде. Масала, гьабсагӏаталда улкаялъул ФАПаздаса байбихьун больницабазде ва медицинаялъул центразде гӏунтӏун халгьабулеб буго материалияб рахъалъ гьел кин хьезарун ругелали, больницабазулгун ФАПазул минаби басралъун ругищали, тохтурзабазул рахъалъ къварилъи бугищали.

Кӏудияб рохеллъун ккана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасулги ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасулги квербакъиялдалъун гъоркьиса нижер больницаялъе гьабураб кумек. Гьенибе бачӏана тӏадегӏанал технологиязул медицинаялъулаб къайи. Гьанже нижее рес щвана гинекологиялъул, урологиялъул, рекӏел унтаби ругел гӏадамазе Дагъистаналдаго операциял гьаризе. Рагьана гинекологиялъулги, кардиологиялъулги, геронтологиялъулги отделениял. Азаргоялдаса цӏикӏкӏун операцияги гьабуна гъоркьиса.

Исана ракӏалда буго геронтологиялъул цоги отделение рагьизе. Гьелде тӏадеги бокьун буго химиотерапиялъул отделениеги рагьизе», — ян бицана И. Мухӏамадовас.

Гьес жавабал кьуна журналистазул суалазеги.

— Чанго соналъ цебе ахӏи бахъун букӏана улкаялда, гьелдаго цадахъ Дагъистаналдаги, гьересиял дараби гӏемерлъун ругин абун. Кинаб хӏал бугеб жакъа?

— Доб заманалда гӏемерисел дараби рачӏунаан къватӏисел улкабаздаса. Гьабсагӏаталда дарабазул 80 процент хӏадурула Россиялдаго – гьезде дир божилъиги цӏикӏкӏараб буго. Гьересиял дарабазе нух къан бугин абуни, мекъи ккеларо.

— Социалиял гьиназдасан бицунеб буго поликлиникабазда тӏадкъан бугин пациентазул анкетаби ракӏареян абун. Гьеб анкетаялда гъулбасарав чи захӏматаб хӏалалда больницаялде ккани, гьесул ихтияр бугинги абун, унтарасул лугбал рахъулила, цоги чиясда лъеялъул мурадалда. Дуца щиб абилеб гьелда бан?

— Дагъистаналда гьечӏо трансплантациялъулаб медицина. Унтарасул яги гьесул цебесеб гӏагарлъиялъул ихтияр гьечӏого лугбал нахъе къотӏизе гьукъун буго законалъги. Лугбалги рахъула, унтарасул гӏадалнах хӏалтӏуларого бугеб мехалда. Цогидал лугбал (ракӏ, ургьисалаби, тӏул ва гь.ц.) хӏалтӏизарун рукӏуна медицинаялъул аппаратазул кумекалдалъун. Унтарас яги гӏагарлъиялъ изну кьун бугони, аппаратаздаса ватӏагьавулеб мехалда рахъизе бегьула гьесул сахал, ай жагъаллъичӏел лугбал.