Гьал къоязда чехь-бакьазул унтигун ва цӏа-кан бахун Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялде ккана 102 чи, гьездаго гьоркьоб 50 лъимерги. Унтаразул «чехь-бакьазул инфекция» (ОКИ) букӏин чӏезабуна.
Гӏадамал унтиялъе гӏиллаги ккола чорокаб лъим гьекъей. Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул экспертаз ва ДРялъул Цӏех-рехалъулаб комитеталъул хӏалтӏухъабаз гьеб лъугьа-бахъиналъухъ халгьабулебги буго.
Гъизляр шагьаралда, чорокаб лъим сабаблъун, чехь-бакьалъул унти лъугьун гӏадамазул сахлъиялъе зарал гьабиялъул хӏужаялда бан, «гьарулел хъулухъазулъ гӏадамазул сахлъиялъе яги гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиялъул тӏалабал цӏунизе кӏунгутӏи» абураб статьяялда рекъон, уголовнияб делоги рагьана.
Дагъистаналда лъим сабаблъун гӏадамал унтиялъул хӏужаби тӏоцебесеб нухалда гуро кколел ругел. Гъоркьисаги, гьадинабго заманалда, ай цӏияб соналъул байрамалдаса хадуб чехь-бакь унтун больницаялде ккун вукӏана Казбек районалъул Ленинаул росулъа 77 чи.
Кидаго гӏадин гӏайиб буго гӏадамазда
Гьеб лъугьа-бахъиналда бан ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасул нухмалъиялда гъоркь Гъизляр шагьаралда тӏобитӏана данделъи. Гьениб ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас бицана унтаразухъ халгьабизе ва гьеб лъим хӏалтӏизабулел минабазда кинаб ахӏвал-хӏал бугебали балагьизе тохтурзабазулгун фельдшеразул 16 бригада ахӏун бугин.
ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр дандчӏвана Гъизляр шагьаралъул бетӏер Александр Шуваловгун ва дандрана халкъалъе гьабизе кколеб кумекалъул хӏакъалъулъ суалал.
Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялъул бетӏерав тохтур Станислав Обловас бицана чехь-бакь унтун рачӏаразул гӏемерисез гӏумру гьабулеб бугин, дагьаб цебегӏан бихъараб лъим унеб трубаялда аскӏоб. Чехь-бакьазул унти багъари бухьинабулеб буго гӏадамаз гьализабичӏеб лъим гьекъеялда.
«Лъел труба кьвагьараб бакӏалда аскӏор гӏумру гьабун ругел гӏадамаз ихтияр гьечӏого рачун ратана канализациялъул мухъал. Гӏадамаз хӏалтӏизабулеб лъелъе инфекцияги гьеб труба кьватӏиялдалъун ккун батизе рес буго», — ян бицана шагьаралъул мэрас.
Роспотребнадзоралъул баянал
Гъизляралда ккараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ цӏехон, ниж щвана Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялде.
Гьеб идараялъул баяназда рекъон, эпидемия байбихьун буго 2020 соналъул анлъабилеб январалдаго.
— Гъизляралъул ЦГБялде ккарал гӏадамазул бактериологияб ва вирусологияб цӏех-рех гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ нижеца лъазабулеб буго чехь-бакьазул инфекцияздаса цӏуниялъе гӏоло рацӏцӏалъиялъул къагӏидаби цӏунеян. Гьализабураб яги шушбузухъ бичулеб лъим гурони гьекъоге, кваналелде цере овощал ва пихъ чуре, — ян бицана Роспотребнадзоралъул управлениялда.