Эверест квегъарав магӏарулав
Махӏачхъалаялда хӏасил гьабуна «Лъагӏалил инсан–2017» абулеб регионалияб конкурсалъул. Киналго разилъун, жюриялъ гьеб хӏурматияб цӏар кьуна Эверест квегъарав дагъистанияв, альпинист Рашид Хӏажиясуловасе.
Конкурсалъулаб комиссиялъул председатель, ДГУялъул кафедраялъул заведующий Хӏамид Мухӏамадовас абуна, «Каспий-Медиа» регионалияб журналистлъи цебетӏезабиялъул централъ ва «Море-ТВ» телекомпаниялъ конкурс гӏуцӏун букӏанила регион цебетӏезабиялда кӏудияб бутӏа лъурал ва халкъалда гьоркьор машгьурал чагӏи тӏатинариялъул, кӏодогьариялъул мурадалда.
Гьес квегъана Эверест ва дунялалъул тӏохда (8848 метр) чӏвана Дагъистаналъул байрахъ», — ян абуна Хӏамид Мухӏамадовас.
Дагъистаналъул альпинизмалъул федерациялъул президент Петр Леоновас абуна: «Цебе Дагъистаналдаса лъицаниги гӏахьаллъи гьабун букӏинчӏо Джомолунгмаялде гьарулел экспедициязда.
Экспедициязде унел харжазул масъала тӏубалеб букӏарабани, Дагъистаналъул альпинистаз Эверест цебего квегъилаан. Рес ккарабго, Рашидица гьел мугӏрузул тӏогьиб гӏагараб улкаялъул байрахъ чӏвана», — ян.
Эверест мукӏур гьабурав Рашид Хӏажиясуловасе шапакъаталъе кьун букӏана «Эдельвейс» абураб орденги.
Хӏурматияв Рашид, дур бахӏарчилъиялъе, къохӏехьеялъе, цебелъураб масъала тӏубазабиялъе бахъулеб жигаралъе ва яхӏ-намусалъе мукӏурал руго киналго дагъистаниял. 2017-абилеб Рашидил сонлъун кколеб буго: мун вахана дунялалъул тӏохде ва мустахӏикълъана «Лъагӏалил инсан» абураб цӏаралъе. Дуца дунялалдаго рагӏизабуна мугӏрузул улкаялъул цӏар. Баркула дуда тӏаде щолеб 2018 сон, гьарула дуе ва дур хъизамалъе талихӏаб гӏумру, щулияб сахлъи.
Нури Нуриев