Хьитазул устарасда бахиллъун…

Кӏиго ставкаялда хӏалтӏаниги, «маялъул указал» тӏуразаризе захӏмалъулеб буго

«Сахлъи» абураб медицинаялъул хъулухъазул халгьабиялъул фондалъги Тӏолгороссиялъул халкъияб фронталъги (ОНФ) цӏех-рех гьабуна «Тохтурасул справочник» абураб мобильнияб приложениялъул. Гьениб хъвай-хъвагӏай гьабун буго 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун медицинаялъул хӏалтӏухъанас. Гьез баянал кьуна моцӏрол харжалъулги, 2017 соналда жидер харжал цӏикӏкӏун рукӏанищанги, чан ставкаялда хӏалтӏулел ругеланиги ва харжал заманалда кьолищалиги.

РФялъул Захӏматалъул кодексалда рекъон, тохтурасул ихтияр буго анкьида жаниб 39 сагӏаталъ хӏалтӏизе. Гьелъухъ тохтурасе щвезе бегьула 15000-20000 гъуруш. Цӏех-рехалда гӏахьаллъарал тохтурзабазул 21,4 проценталъ абуна цо ставкаялъухъ жидее щолин 15 азарго гъуршидаса дагьаб гӏарац. 21,7 проценталъе щола 15-20 азарго гъуруш ва 16,3 проценталъе – 20-25 азарго.

25-30 азарго гъуруш щолин абуна 10,8 проценталъ. 30-35 азарго – 8,5 проценталъ, 35-50 азарго щола 12,9 проценталъе ва 8,4 проценталъе – 50 азарго гъуршидаса цӏикӏкӏун.

Кколелдасаги цӏикӏкӏун хӏалтӏула

2017 соналъул январь-сентябралда Росстаталъ кьурал баяназда рекъон, Россиялъул тохтурзабазул гьоркьохъеб моцӏрол харж бахуна 53,1 азарго гъуршиде. Официалияб баяналдаги тохтурзабаз бицаралдаги гьоркьоб буго кӏудияб батӏалъи. Гьеб батизе бегьула, официалияб статистикаялъ гӏемерисел тохтурзаби цо чанго бакӏалда цадахъго хӏалтӏулеллъи кьочӏое босунгутӏиялъул хӏасил. Цӏех-рехалдалъун чӏезабуна, цо ставкаялда хӏалтӏула тохтурзабазул 42 процент, 20 процент хӏалтӏулев вуго цогун бащдаб ставкаялда ва 11 процент – кӏиго ставкаялда.

Цӏикӏкӏун гӏарац щвеялъул мурадалда ставкаялдасаги гӏемер хӏалтӏи тӏаде боси ругьунаблъун лъугьун буго тохтурзабазе. Хъизан хьихьизе рес гьечӏолъиялъ гьел хӏалтӏулел руго Захӏматалъул кодексалъ чӏезабураб заманалдасаги цӏикӏкӏун. Цо-цояз абулеб буго, хьитазул устарлъун хӏалтӏаниго, цӏикӏкӏараб хайир щвелаанин.

Росстаталъул хӏалтӏухъабаз абулеб буго, тохтурзабазул харжазул хӏисаб гьабулеб мехалда жидеца кьочӏое босулин хайиралдаса кьолеб налогалъул 13 процентги. Гьелде тӏадеги, гьезул пикруялда, цӏех-рехал гьарулеб мехалда, гӏадамазе хасиятаблъун буго жидее щолеб харж дагьлъизаби.

Харж чӏезабулеб къагӏида

2017 соналда тохтурзабазул харжал цӏикӏкӏана 17 проценталъ. Гьебго заманалда тохтурзабазул 63 проценталъул ставка хисичӏо ва 20 проценталъул – дагьлъана.

РФялъул хӏукуматалъул планалда рекъон, тӏоцебесеб октябралда медиказул моцӏрол харж цӏикӏкӏине кколаан 180 проценталде щвезегӏан, регионалъул экономикаялда бугелде дандеккун. 2018 соналдаса нахъе, улкаялъул президент Владимир Путиница 2012 соналда гъолбасарал указазда рекъон, тохтурзабазе щвезе ккола регионалъул гьоркьохъеб харжалъул 200 процент.

Тохтурасе харж кьола Медицинаялъул чарагьечӏеб страхованиялъул федералияб фондалдасаги (ФОМС) регионалъ тӏаде кьолебги гӏарцул бутӏабаздасан. ФОМСалъул бюджеталъул проекталъул цеберагӏиялдасан баянлъула, сахлъицӏуниялъул бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏикӏкӏинаризе ккани, ФОМСалъе камулеб буго 266 млрд гъуруш. Регионазулги рес гьечӏо, бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏикӏкӏинаризе. Масала, Карелиялъ цебеккунго лъазабуна, жидер гьелъие рес гьечӏеблъи. Амма РФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул пресс-централъ лъазабуна, улкаялъул президентасги хӏукуматалъги цебелъураб масъала жидехъа тӏубазабун бажарулин.

Полина Звездина,

РБК

Ракӏунтараб тӏалаб гьабула гьаниб

Ниж, ай унтарал разиго хутӏана Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда бугеб больницаялда регаразул гьабулеб тӏалабалдаса ва хӏалимаб бербалагьиялдаса.

Ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго больницаялъул бетӏерай тохтур, медициналъул гӏелмабазул кандидат Мухӏамадова Заремае, неврологиялъул отделениялъул нухмалъулей Хӏамзатова Салихӏатие, функционалияб диагностикаялъул ва УЗДГялъул тохтур Набиева Элмирае ва тӏолабго коллективалъе.

Больницаялда чӏезарун руго унтаразе хӏажатал шартӏал, дараби, къойида жаниб щибаб ригьалъ 3-4 нухалъ кьола тӏагӏамаб квен, киса-кибего чӏезабун буго рацӏцӏа-ракъалъи. Больница хьезабун буго медициналъул гьанжесел алатаздалъун, хӏухьбахъиялъе буго хас гьабураб бакӏ, как базе рукъ ва цогидабги. Ниж гӏадин, Аллагьги разилъаги гьеб больницаялъул коллективалдаса.

Унтаразул гьариялда рекъон хъвана Гӏашилтӏаса Исмагӏилов Мухӏамадица ва Кӏуядаса Хӏасанов Мухӏамадица.

* * *

Гьебго больницаялъул хӏалтӏухъабазе баркала кьураб кагъат бачӏун буго редакциялде Цӏатӏанихъа Патӏимат Шамсудиновалъги.

«Унтарасдехун тӏалаб-агъаз цӏикӏкӏарал, инсанасул рекӏелъе нух батулел, ракӏ аваданал ва хӏеренал тохтурзабигун дандчӏвана дун. Хасго больницаялъул бетӏерай тохтур Мухӏамадова Зарема, врач-терапевт Хӏамзатова Салихӏат, медсестра Дибирчуева Мадина. Ракӏалъ тӏасабищараб махщел гӏумруялде, гӏамал-хасияталде дандеккарал ругоан гьел киналго. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго киназего», — ян хъвалеб буго гьелъ.