Магӏарулазе йокьулей шагӏир-забазул цояй йиго Тубхӏат Зургьалова.

Гьелъул цӏар ба-хъарабги гӏола – магӏарулазул гьурмазда гьими басандула. Къваридазе дунялги гӏатӏид гьабула гьелъ, гьезул рохелалда жиндирго сариназул маржаназул куназ талихӏалъул тӏугьдулги рекьула гьелъ. Тубхӏатил лирикаялъулъ нилъеда батула цӏакъго бацӏцӏадаб рокьул гӏидра. Гьелъул ватӏаналде бугеб гӏищкъул ахӏилъун ккола имам Шамилги, Хӏажимурадги, Ахӏулгохӏалъул бахӏарчиял руччабиги, гӏагараб Дагъистанги, магӏаруллъиги, гьелда нур базабулел магӏарулалги. Шагӏиралъул шигӏраби нилъгун руго.

Магӏарул адабияталда буго Тубхӏатил шигӏрабазул улкаги, жиндирго хаслъигун, рокьигун, рохелгун, рогьелгун.

Дие ракӏалдещвезабизе бокьун буго гьеб улкаялдаса шигӏраби магӏарул кочӏол гъасде роржунел рукӏинги. Ва цӏидасанги рагӏула нилъеда йокьулей шагӏиралъул хӏайранаб гьаракь…

Магӏарул кочӏолаб маданияталда хасаб бакӏ ккола Тубхӏатил сариназ. Гьез цин рачуна гӏищкъуялъул цӏурал тӏогьолал байдабазде, гьоболлъи бала рокьул куназ накъищал угьарал анищазухъ, заманалдасан гьел гьелчола ва цӏакъго чӏухӏун бицуна магӏарул росабазул къисаги, магӏарулазул гӏумруялъулги, ватӏаналъулги, тарихалъулги хӏакъалъулъ.

Тубхӏат Зургьаловалъул кучӏ — дузе роржен кьуна Мухӏа-мадтӏамир Синдикъовас, Ахӏмад Закариевас, Эльмира Аминовалъ, Ахӏсарат Мухӏамадовалъ, Аминат Махаевалъ, Апанди Мухӏамадовас, Хӏажилав Хӏажилаевас ва цогидалги магӏарул кочӏохъабаз.

«Къоязул маржанал гарбидаги ран…»

Тубхӏатил буго гӏажаибго недегьаб поэзия. Гьелда кӏола лъималазул ракӏал реэдизеги. Киназухъаго гуро гьеб бажарулеб, амма шагӏиралъулъ буго цо балъголъи, лъимал асир гьарун бажарулеб. Гьей гӏемер щола нижехъе школалде, лъималазулгун ва цӏалдохъабазулгун дандчӏваязде. Йокьулей шагӏир ячӏараб къо нижее байрамалде сверула.

Дагьаб цебегӏан букӏана, шагьаралъул школазда гьоркьоб тӏобитӏулеб, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул ва шагӏирзабазул асарал кьочӏое росарал къецал. Гьел, театралияб къагӏидаялъ гӏуцӏарал къецазда гӏахьаллъулелъул, нижер школалъул цӏалдохъабаз бихьизабуна шагӏиралъул «Дир гьайбатаб Алипба» тӏехьалъул кьучӏалда хъвараб спектакль ва мустахӏикълъана лъабабилеб бакӏалъе.

Гьединго кӏудияб асар гьабуна дие «Маржанал» тӏехьалдаса кучӏдузги. Хасго «Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз» ва вацасул хӏакъалъулъ хъвараб «Яцалъул саринал» кучӏдуз.

Шамсигат Майндурова,

Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель

Заманаги, дунги, дир Дагъистанги…

Тубхӏат йиго жакъа шагьаралъул цӏалдохъабазе йокьулей магӏарул шагӏир. Кида ва кие ахӏаниги, гьелъ инкар гьабуларо. Кидаго урхъун рукӏуна гьей йихьизе. Цӏалдохъабазда жалгоги ратула гьелъул шигӏрабазулъ. Гъоркьиса шагьаразул школазда гьоркьоб тӏобитӏараб шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул кучӏдуздаса гӏуцӏараб литературиябгун музыкалияб композиция бихьизабуна дир цӏалдохъабаз, ва гьезие щвана тӏоцебесеб бакӏ.

Дие кӏудияб асар гьабуна шагӏиралъул «Хӏажимурад» кечӏалдаса бахъараб видеоклипалъ. Гьелъ цоги нухалда нахъехун регана магӏарул бахӏарчияб тарихалъул тӏанчал.

Эльмира Жамалова,

Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул Дагъистаналъул адабияталъул учитель

Дир Тубхӏат

— Салам, Тубхӏат!

— Йорчӏами, хирияй.

Тубхӏат, дур гьаракь рагӏидал, дуниялго роцӏунеб куцха дие. Гьале жакъаги гьуинал пикрабалъ мунгун йиго дун. Нахъехун регулел руго дирго гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал. Гьенир руго дур шигӏрабаз хъварал гьурмалги. Гьенисан гьимулел руго дие дур саринал. Гьез ракӏалдещвезабулеб буго гӏолиллъиялъул гӏидраги, гьенир тӏегьазе къуват гӏечӏел гӏишкъул тӏугьдулги.

Миллаталъул ургъелазул угьиялъ рижизарурал гьал цоял сариназги гьурщулеб буго дур рекӏел хӏал. Магӏарул руччабазул къисматги бе-кӏкӏана дуца цӏалдолезул ракӏазулъ, эбелалъухъ чӏвараб дур чӏегӏераб кӏазил махӏ абадиялъего бессун хутӏана дир тӏолабго чорхолъ.

Гӏисинлъималазул кӏалдиб гьоцӏо хъвана дур «Дир гьайбатаб Алипбаялъ». Гӏисинал гьудулзабазе дуца рагьана магӏарулазул хӏикмалъабазул цӏураб дунял.

Миллаталъул гъасде дуца данде гьарурал гьезул лъай-хъвай ккана магӏарул тарихалъулгун, маданияталъулгун, гӏадатал-гӏамалалгун.

Дуца магӏарулазе бицана миллаталъул чӏухӏилъунги бухӏилъунги кколев Хӏажимурадил къиса.

Амма цо-цо мехалда ракӏги къварилъула цо хасаб гугьаралъул кьер чӏвараб дур берцинаб гьурмадасан, гӏанабиги чурулаго, гьулчун бачӏунеб магӏил гӏор бихьидал. Гьеб угьдулеб буго чӏван лъолеб ритӏухълъиялъухъ. Гьединго гьеб нажасалъ чанги лъукъана лъимадул гӏадаб хӏеренаб, недегьаб дур ракӏги, чанги чӏор речӏчӏана дур пикрабаздаги.

Амма дуе къуват кьуна гӏагараб халкъалъул дуде бугеб гӏажаибго гвангъараб рокьиялъ. Гьелъго

батила мун цӏунарайги гӏумруялъул гьураздасаги гӏазу-цӏералдасаги.

Гьелъул кумекалдалъун цӏидасанги тӏирщула дулъ роолги ихдалилги тӏугьдул.

Мун йиго рохалил бакъалъ цӏурай шагӏир. Гьеб бакъул чӏорал киналго магӏарулазе рикьизе хӏадур йиго мун. Гьезул щибалъулги буго цо хасаб кунчӏи. Гьеб кунчӏи рекӏелъ ккун, щола дур саринал магӏарулазул гъасде. Гьез бицуна миллаталде бугеб рокьул цӏураб дур рекӏел хӏалги.

Дур юбилеялъул заманги гӏагарлъулел гьал къояз гьаризеги бокьун буго дур гӏумруялъе даимаб рогьелги, къисматалъе абадияб ихги, пикрабазе гьарзалъиги.

Шамай Хъазанбиева