Гьанжеялдаса щуго соналъ цебе анкьабилеб декабралда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Республикаялъул миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Россиялъул Журналистазул союзазул член, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, суратчи, хъвадарухъан Нигӏматулагь Нурмухӏамадовас 80 сон баялъул хӏурматалда данделъи.

Юбилярасул бицунаго мацӏазул, литератураялъул ва искусствоя-лъул институталъул директор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас абуна «Багӏараб Байрахъалъул» щибаб номералда рукӏунаанила гьес рахъарал рекӏее асар гьабулел суратал. «Гьединго Нигӏматулагьил кӏудияб гьунар буго очеркал, макъалаби хъвазеги. Дагъистаналдаго рагӏизабуна гьес рагъул бахӏарзазулги, хӏинкъи-къай лъаларел полициялъулазулги, гӏадатиял гӏадамазулги гӏемерал цӏарал. Нигӏматулагьил асаразулъ, хасго суратазулъ бихьулеб буго нилъер халкъалъул гӏумруги тарихги», — ян бицана М. Мухӏамадовас.

«Молодежь Дагестана» газета-лъул хӏалтӏухъан Марат Хӏажиевас абуна, редакциялъул архивалда ругел Нигӏматулагьил суратал рихьидал, гьесул махщелалъ гӏажаиблъизавунила жив. «Жакъа гьел суратал ккола нилъер халкъалъул тарих. Щибаб сурат буго цӏакъ ургъун бахъараб, тӏубараб сюжет», — ан кӏалъана М. Хӏажиев.

Академик, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Шамил Гӏумаровас бицана Нигӏматулагьица жиндир хӏакъалъулъ хъван букӏанила очерк. Битӏараб бицунев ва хъвалев, ракӏбацӏцӏадав, тӏекъаб жоялда тӏад рекъолареб гӏамалалъул инсан вугила Нигӏматулагь.

Хъвадарухъан, журналист Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовас абуна 50 соналъ хӏалтӏанила жив Нигӏматулагьида цадахъ магӏарул газеталда. Гьесие хасиятаблъун кколила гьабулеб иш рагӏа-ракьанде щун гьаби. «Гьев щвечӏеб росу, вахинчӏеб борхалъи, лъугьинчӏеб кӏкӏал Дагъистаналда хутӏунго батиларо. Гьесул суратал руго балагьарасе асар гьабулел ва гӏадамазул рекӏелъе лъугьунеб къагӏидаялда рахъарал.