Шамил районалъул мугӏрузул жаниблъиялда буго найил тӏулби гӏадин тӏатӏала сокӏкӏарал минабазул гьитӏинабго Лъануб росу. Лъандадерил буго жидерго хасаб мацӏги. Бугониги магӏарул газеталъулги адабияталъулги кӏудияб къимат гьабула гьеб росулъ.
Гьитӏинго бижана, доб мехалъ «Магӏарул большевик» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе биччалеб букӏараб, республикаялъул газеталдехун рокьи, гӏумру гьеб газеталъе кьурав фотомухбир ва журналист Нигӏматулагь Нурмухӏамадовасулги. Нурмухӏа-мадовазул рокъоб гьобол камураб мех букӏунароан. Кӏудияб гъираялда гӏенеккулаан гьитӏинав Нигӏматулагь гьезулги инсулги накъиталъухъ, гьез магӏарулазул церехъабазул хӏакъалъулъ рицунел халкъиял биценазухъ. Гьединлъидалги батила, жиндирго кьерилаздаса магӏарул мацӏ гьесда лъикӏ лъалеб букӏарабги. Жеги школалда цӏалулаго байбихьана Нурмухӏамадовас районалъул газеталде хъвадаризе. Хъвадариялда цадахъго Нигӏматулагьица байбихьула суратал рахъизеги. Тӏоцеве Лъанув суратал рахъулев чи вукӏун вуго фельдшерлъун хӏалтӏизе витӏун вачӏарав Иванин абурав цо гӏурусав. Жеги школалде иналдего, «Магӏарул большевикалда» лъурал суратаз хӏикмалъизавурав гьесие кӏудияб давла букӏана нахул чирахъухъе суратал гьарулев Иванида аскӏов вахъун чӏезе щвей. Гьеб махщела-лъул тӏоцересел дарсалги гьев ракӏ лъикӏав инсанасдасан щванин жиндиеян бицуна Нигӏматулагьица.
Лъугӏана школа. Гӏолохъанав магӏаруласда церечӏун рукӏана: «Кинаб махщел тӏаса бищилеб? Киве цӏализе инев?» — абурал суалал. Гӏакълу дандбазе аскӏов вукӏинчӏо эменги, тӏоцебесеб классалда цӏалулаго камуна Нигӏматулагьие гьев.
Махӏачхъалаялъул цо къотӏнов вахъунги чӏун пикрабалъ вукӏуна тӏоцеве шагьаралде щварав гӏолохъанчи. Цин ракӏалде ккола, фельдшер Иванго гӏадин, медиклъун вахъун лъикӏин. Хадуб гьес пикру гьабула цин цо кинаб букӏаниги хӏалтӏуде лъугьун лъикӏ гуродаян. Ахир-къадги Нигӏматулагь цо минаби ралеб организациялда хӏалтӏизе лъугьана. Лъагӏелалъ гьенивги хӏалтӏун, гьев лъугьуна Махӏачхъалаялъул дармил техникумалде. Гьенив цӏалулаго магӏаруласул гьудуллъи ккола сельхозтехникумалда цӏалулев Гӏабдулмажидин абурав цо даргиясулгун. Лъикӏав фотограф ватула гьев, ва Нигӏматулагьил махщел цӏубаялъе кӏудияб квербакъи щола Гӏабдулмажидидасан.
Тӏокӏлъиялда техникум лъугӏарав магӏарулав, директоралъ тӏалабги гьабун, витӏулев вукӏуна Москваялъул къватӏисел улкабазулгун дармил институталде цӏализе. Амма Нигӏматулагь ракӏалъ магӏарул газеталде цӏала. Тӏоцебе газеталде гьесул нух байбихьула подчитчиклъиялдаса. Гьоркьоб Нигӏматулагьица цо лъагӏелалъ Цӏунтӏа учительлъиги гьабула. Амма киве щваниги, Нурмухӏамадовасда кодоб букӏунаан дов даргиясул босараб «ФЭД» фотоаппаратги. Гьабсагӏатги гьесул бечедаб фотоархивалда руго дол соназ шагьаралдаги магӏарухъги рахъарал заманаялъ тӏогьиллъарал суратал. Магӏарухъа Нурмухӏамадов тӏад вуссуна махщел цӏубарав фотографлъун ва гьев «Багӏараб байрахъалъул» фотомухбирлъун хӏалтӏизе лъугьуна. Анцӏила лъабго соналъ кӏудияб махщалида нухда бачуна гьунар бугев магӏарулас гьеб, къечарасе лъимгӏан газеталъе чара гьечӏеб хӏалтӏи. Гьел соназ Н. Нурмухӏамадов гӏахьаллъула республикаялъулги, гьеб тун къватӏирехуниселги гӏемерал фотовыставкабазда. Гьесул суратал рахъула гуржиязул, чачаназул ва цогидал миллатазул газетаздаги централиял журналаздаги. Киса-кибго Нигӏматулагьил творчествоялъе кьуна кӏудияб къимат. Н. Нурмухӏамадов ккола гӏемерал фотоконкурсазул лауреат. Гьесул махщелалъе кӏудияб къимат кьуна Болгариялъулги Югославиялъулги специалистаз.
Нилъеда щибаб къоялъ бихьулеб, нилъеда ругьунаблъун кколеб гӏемераб лъугьа-бахъиналъул, инсанасул гӏумруялъул батӏи-батӏиял рахъазул суратазул мацӏалдалъун бицине, инсанасул рекӏел хӏал суратаздасан баян гьабизе гьедигӏан бигьаяб иш гуро. Фотомухбирасул махщалида бараб буго гӏумруялъул лъугьа-бахъинал битӏараб къа-гӏидаялда, ракӏазе асар гьабуледухъ рихьизари. Ракӏчӏун абизе кӏола Н. Нурмухӏамадовасухъа гьеб масъала бергьенлъиялда тӏубазабизе бажарун бугин. Фотоархивалъул хал гьабидал бихьула Нигӏматулагьил «гаргадулел» суратал ругеблъи. Жакъа республикаялъул батӏи-батӏиял газет-журналазда хӏалтӏулел руго
Н. Нурмухӏамадовасдасан махщел щварал гӏемерал фотомухбирзаби.
Нурмухӏамадовас бажарун бачунеб букӏана «Такъсир ва тамихӏ» абураб тема. Закон цӏуниялда ва гӏадлу-низам букӏинабиялда хурхун хъварал макъалабазе гӏоло гьев мустахӏикълъун вукӏана республикаялъул МВДялъул дипломалъе. Шапакъаталин абуни Нурмухӏамадовасул гӏемерал руго. Ракӏбацӏцӏадаб захӏматалъе гӏоло Нигӏматалугь кӏодо гьавуна «Захӏматалъул ветеран» медалалдалъун.
Хӏурматияв Нигӏматулагь, гӏа-гараб «Хӏакъикъат» газеталъул тӏолабго коллективалъ баркула дуда гӏумруялъул 85 сон тӏубай. Гьарула щулияб сахлъи, халатаб гӏумру, рохел ва талихӏ.