Ишцояз, цадахъхӏалтӏаразвагӏага-божаразмашгьурав журналист вахъвадарухъанНигӏматулагьНурмухӏамадовасда, «Бергьенлъиялъулсолдатал», «ГьезВатӏаналъегӏологӏумрукьуна», «Гӏумруялъулхӏокӏал» абуралтӏахьазулавторасда, ракӏ-ракӏалъ баркана гӏумруялъул 85 сон тӏубай.

Нигӏматулагь гьавуна Къахӏиб (Шамил) районалъул Лъануб росулъ. Къахӏиб росдал школаги лъугӏизабун, балугълъиялде вахарав гӏолилав, Нигӏматулагь, вачӏана Махӏачхъалаялде, ва гьес хӏукму гьабуна Дагъистаналъул пачали-хъалъулаб медицинаялъул институталде цӏализе лъугьине. Хадубги ракӏалде ккана рагъулаб училищеялдего лъугьун лъикӏилан. Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъ гьесул документал къабул гьаризе инкар гьабуна.

Захӏматалъулаб хӏаракатчилъи байбихьана бакӏал ралеб организациялда хӏалтӏиялдаса. Хадув хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул ччугӏил консервал гьарулеб заводалда. Лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул дармилгун кулинарияб школа, гьелдаса хадуб цо лъагӏелалъ Бежтӏа росдал школалда учительлъун хӏалтӏана.

Цо къоялъ гьев вачӏана «Багӏараб байрахъ» газеталде ва гьенив хӏалтӏана 50-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Школалда цӏалулеб заманалдаго, Нигӏматулагьица макъалаби хъвалаан Къахӏиб районалъул газеталде. Бокьулаан суратал рахъизеги. Республикаялъулаб газеталда подчитчиклъун хӏалтӏулагоги, гьес кодоса биччалароан фотоаппарат. Кватӏичӏого гьев тӏамуна «Багӏараб байрахъ» газеталъул фотомухбирлъун. Гьес махщалида рахъарал суратал рахъа-на «Советияб фото», «Театралияб гӏумру» ва цогидал журналаздаги. Гӏахьаллъи гьабуна республикая-

лъулал, тӏолгосоюзалъулал ва халкъазда гьоркьосел фотовыставкабазда, гьесул хӏалтӏабазе щвана грамотаби, дипломал. Хасго ракӏалдаса унареблъун Нигӏматулагьие буго, 1970 соналда Москваялда тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб выставкаялда гӏуцӏиялъулаб комитеталъул председатель, СССРалъул культураялъул министр Е. П. Фурцевалъ кьураб диплом.

Нигӏматулагь Нурмухӏамадовас гӏахьаллъи гьабуна Москваялда, Типлисалда ва цогидал шагьаразда тӏоритӏарал семинараздаги. Гьесул гӏумруялъулъ лъикӏаб лъугьа-бахъинлъун ккана Расул Хӏамзатовасулгун лъай-хъвай ккей. Гьелъие багьаналъун лъугьана Нигӏматулагьица, республикаялъул

цо фотовыставкаялда гӏахьаллъи гьаби. Гьеб выставкаялде Расул Хӏамзатов ахӏун вуго Северияб Кавказалда вукӏарав ТАССалъул фотомухбир Рудольф Дикица. Гьелъул хӏакъалъулъ Расулица гьадин бицунаан:

— Рудольф Дикица гьарун дун ун вукӏана суратазул выставкаялъухъ балагьизе. Гьесие бокьун букӏана дица гьес рахъарал суратал реццун, насихӏатазул тӏехьалда хъвазе. Амма дие Дикил гурел, Нигӏматулагь Нурмухӏамадовас рахъарал суратал цӏикӏкӏун рокьана, — ян.

Гьеб выставкаялда Расул Хӏамзатовасе хасго бокьана, рорхатал мугӏрузул Къахӏиб районалдаса, росдал хабалалъ чӏегӏераб ретӏелги ретӏун чӏарай магӏарулалъул сурат. Доб заманалда гьединал суратал къанагӏат гурони рукӏунароан, щайгурелъул суратазул выставкабаздасан рихьизарулаан партиялъул хъулухъазда хӏалтӏулезул, гӏухьбузул, дояркабазул, спортсменазул ва культураялъул хӏаракатчагӏазул портретал. Хас гьабун гьеб хӏужаялде кӏвар кьун батила Расул Хӏамзатовасги.

Гьелдаса хадуб Н. Нурмухӏамадов ахӏулаан Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ тӏоритӏулел тадбираздеги. Нигӏматулагьица гӏемерал суратал рахъана Расулилги, гьесул гьудулзабазулгун поэтазулги, хъвадарухъабазулги, машгьурал гӏадамазулги, захӏматчагӏазулги, заводазулгун фабриказул церехъабазулги. Гьел суратаздасан данде гьабуна кӏудияб альбом ва гьеб сайгъат гьабуна Расул Хӏамзатовасе. Гьеб фотоальбомалдаса гӏемерисел суратаз берцин гьарулел руго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул минаялъул къадал, руго гьел Расул Хӏамзатовасул музеялдаги, гьез нугӏлъи гьабулеб буго кӏудияв поэтасул творчествоялъулаб нухалъе.

13 соналъ Н. Нурмухӏамадов хӏалтӏана «Багӏараб байрахъ» газеталда фотомухбирлъун, литературияв хӏалтӏухъанлъун, хасав мухбирлъун, кӏудияв мухбирлъун, жавабияв секретарасул заместительлъун. Хӏалтӏудаса тӏечӏого гьес лъугӏизаруна Москваялда, журналистазул централияб рукъалда цере рукӏарал кӏигосонилал журналистикаялъул лекториял, хадуб Ростовалъул областалъулаб тӏадегӏанаб партиялъул школалъул журналистикаялъул факультет. Гьедин, хъулухъалъулаб ишалъ гьесда тӏаде ккана газеталъул гьурмазда Дагъистана-лъул ихтияралгун законал цӏунулел органазул хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ хъвазеги. Пагьму бугев журналистас Дагъистаналъул милициялъул хӏалтӏухъабазул хӏаракаталъул хӏакъалъулъ нус-нус макъалаби, очеркал, харбал хъвана. Гьелде тӏадеги, гьесул харбал, очеркал ва Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветераназул, ихтиярал цӏунулел органазул хӏалтӏухъабазул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби, рахъарал суратал гъираялда лъолаан республикаялъул газетазда, журналазда.

Кӏиго-лъабго рагӏи абичӏого тӏубаларо гьесул лъади, гӏумруялъул гьудул Рисалатил ва гьезул лъималазул хӏакъалъулъги. Гьелги руго гӏадамазе лъикӏлъи бокьулел, хӏалхъублъи гьечӏел, гьалбал хириял чагӏи. Гьединго гьел гьесул хьолбохъ чӏана Нигӏматулагьил иргадулаб тӏехь басмаялда бахъизе хӏадур гьабулелъулги, гьелъул цебелъей гьабулеб тадбиралдаги.

Гьеб тӏобитӏана Республикаялъул

Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда. Гьенибго тӏобитӏана 2016 соналда

Н. Нурмухӏамадовас рахъарал суратазул выставка, хадусеб соналда Авар театралда букӏана «Расул Хӏамзатов Н. Нурмухӏамадовас ра-хъарал суратазда» абураб цӏаралда гъоркь кӏиабилеб выставкаги.

Н. Нурмухӏамадов ккола ДРя-лъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, гьев вуго Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, захӏматалъул ветеран. Гьесие шапакъаталъе кьун руго ДАССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамота, РФялъул МВДялъул жанисел аскаразул бетӏерав командующиясул грамота, ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота, Дагъоблсовпрофалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамота, СССРалъул Журналистазул союзалъул Хӏурматалъул грамота, Россиялъул Журналистазул союза-лъул диплом.

Гьабсагӏаталда Нигӏматулагь мустахӏикъаб хӏалхьиялда вуго, амма гьес бокьулеб иш гьоркьоса къотӏизе толеб гьечӏо. Гӏолохъанал мухбирал журналистикияб махщалие цӏализарулаго, гьезие жиндирго хӏалбихьи бикьулаго, Нигӏматулагь хӏалтӏулев вуго «Гӏахьвалал-Ашвадо» газеталда.

Нигӏматулагьил асаразул бахӏар-заз яхӏ-намусалда ва ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна жиндирго хъулухъа-лъулаб налъи. Нилъеда къвал бала гӏагараб Ватӏан бокьиялъул чӏухӏиялъул асаралъ, гьелъул унго-унгоял патриотал рокьиялъул шавкъалъ. Щаклъи гьечӏо, гьединал асарал хъвазе къуват гӏола, гьунар бугев ракӏ-ракӏалъ гӏагараб халкъги ватӏанги бокьулев чиясул, унго-унгояв патриотасул.