Гьал къоязда Дагъистаналъул хӏукуматалъул рокъоб араб соналъ гьабураб хӏалтӏул хӏасил гьабуна республикаялъул Бетӏерасда цебе бугеб жамгӏият цебе тӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъ.

Данделъи рагьулаго, Советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана Россиялъул Президентас Федералияб Собраниялде гьабураб Хитӏабалда инсанасул ихтиярал цӏуниялде, халкъалъул рукӏа-рахъиналъул даража борхизабиялде кьураб кӏваралъул ва нилъер республикаялда гьел суалазда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва араб соналда Советалъ гьабураб хӏалтӏул.

Гьес тӏадчӏей гьабуна республикаялда гӏаммаб куцалда инсанасул мурадал тӏураялъе гьабулеб хӏалтӏи, гӏадамазул жамгӏияб хӏаракачилъи тӏадеялдаса тӏаде борхулеб бугониги, гьеб рахъалъ цо-цо районазда ва шагьаразда ругел гӏунгутӏабаздаги. Хасго гьел руго халкъалъе медицинаялъул рахъалъ гьабулеб гӏей гьечӏеб хъулухъалда рарал.

Араб соналда Лаваша, Гъизилюрт районазда, Избербаш шагьаралда Советалъул членаз гӏадамал тӏаде къабул гьарун, гьезул суалал тӏураялъе кумек гьабуна.

Амма гьелдаго цадахъ республикаялда ккана журналист, «Черновик» газеталъул мухбир Гӏабдулмумин Хӏажиевасул ихтиярал мукъсан гьарун, гьев туснахъалда лъеялъул хӏужаги. Жегиги тамихӏалде цӏан гьечӏо вацал Муртазгӏалиевал чӏварал такъсирчагӏиги.

Советалъул данделъиялда гьоркьоб лъуна гьаб соналъ гьаризе ругел хӏалтӏабазул план ва гьеб къабул гьабуна.