(Володя Путинилгун пасатаб гара-чӏвари)

— Физкультпривет, Володя!

— Салам, салам, Андийский!

— Кинаб гьороца хъамун мун нахъеги Дагъистаналде вачӏун вукӏарав гъоркьиса риидал?

— Дирго политикияб роржен байбихьараб Болъихъ районалъул юбилей кӏодо гьабизеги кӏинусго гарам горячий напитокалъул цадахъ биччалин джигит Умаргаджиевасе кьураб рагӏи кквезеги щун вукӏана дун нужехъе.

— Тӏубанищха дур мурад?

— Пидиса на пидиса ккана.

— Гьеб кин, откатал гӏадин, 50 на 50?

— Умаргаджиев эмехвадаз юбилеялде ахӏунго ватичӏо, дунгун гӏемер гьекъолин хӏинкъун.

Дицаги цо такъия лъурав, михъал тарав чиясулгун нусго гарам биччана, балъхъадерил ополченцазе сахлъиги гьарун.

— Сахлъияли гьезул ганщазул гӏадаб бугин, гарамги гӏарац щвезе бугищ ополченцазе?

— Щибаб рухӏ рикӏкӏун моцӏрое лъабаза-азар гъурущги щвезе буго, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазего гӏадал льготабиги рукӏине руго. Гӏандиса Гӏумаханил, Госдумаялъул депутатасул гьунарги буго гьеб ишалъулъ.

— Дагъистаналда кинавниги 22 азарго ополченец вукӏин лъалищ дуда?

— Лъеца агиха нуж..Астагъфируллагь, прости меня Господи, погорячился!

Лъала, амма цевесалалъ дун Дагъистаналде вачӏиндал, гьеб тарих как минимум щуго нухалъ дагьаб букӏана. Цӏад бан хадуса гӏурдахӏанал гӏадин гӏемерлъулел руго гьал нужер рагъухъаби. Ничего, ничего, улкаялъул казнаги бечедаб буго, квер гӏатӏидав чи дунги вуго.

Тем более дирго кореш Узархановичасе кьураб рагӏуе хилиплъизегӏан хвезе вегила дун.

— Владимирыч, цо халкъалъго кьолеб суалги буго, дагьаб санагӏат гьечӏеб. Кьеладай, кьелародай?

— Кьуркьудичӏого, давай валяй, дружок!

— Нижер власталъул тӏогьир рукӏанщинал чиновникал, чолониса чахъаби киниги, рачун туснахъалъур гъуна. Цо-цо «гъаримаз», жидеего чӏаголъи гьабун, Чӏегӏерралъдал берегазде бухъизабуна. Цойги тайпа Турциялда тӏепун чӏана. Лъабабилел розыскалда руго.

Гьелда бан халкъалъ гьикъулеб буго: нилъер гьайбатаб улкаялда бикъа-хъами цохӏо Дагъистаналда гурони гьечӏебищила. Нагагь батани, бегьуларищила нижер хутӏаралгӏаги чиновникал чангит бачӏого тезе.

Дицаго дагьаб батӏайиса гьикъилаан. Ччугӏа бетӏералдаса махӏцунелъул, Москов шагьаралдаса байбихьун лъикӏ гьечӏищ чиновниказда михир бачине?

Миллералги киллералги, шуваловалги шуллералги, сечиналги субалучалги самсин рекӏеда рекӏун ругоха ле, Володя.

— Халкъалъул суалго бокьана дие дуралдаса.

Жакъа миллераздаги киллераздаги квер хъванани, пачалихъалъулаб строй биххизе, жагъаллъизе, жибго хӏукуматалда жаниб кутакаб гъалмагъир багъаризе рес буго. Тогда прощай, могучая Русь! Гьелде хиялалгун халккун чӏун гьечӏищ Америкаги Западги? Гьединлъидал московалъул суалалде щулаго нуцӏа къан лъикӏ.

Гӏагараб Дагъистаналъул коррупционерал жанир гъеялъул суал босани, гьеб букӏана чара гьечӏого хӏажатаб тадбир. Гӏадада гуре-лъулха дица Дагъистаналде бищун согӏав генерал витӏарав нужер тӏадчагӏазда чангит базе. Эбелал чиновникал туснахъ гьаридал, танкун, тамахлъун, сасун ана гӏисинал хӏакимзабиги. Лъалеб куцалда камиллъана, лъикӏлъана халкъалъул яшавги. Жакъа балагье киса-кирго гӏумруялде рахъинарулел ругел берцинал проектазухъ – «Мой Дагестан — моя вода», «Мой Дагестан — комфортная городская среда», «Мой Дагестан — мои дороги»! Дубаялде сверизе буго цо чанго соналдасан Дагъистан!

— Тохта, Володя, тохта! Кинаб Дубай, дуца бицунеб щиб?

Дур вода щай халкъалъе еда гьечӏони? 10 азарго цӏулал гъурщиде щиб комфорт букӏинеб шагьараздани щиб гурин, магӏарухъ колодацин? Кида харжал цӏикӏкӏинел гӏадатиял хӏалтӏухъабазул?

— Гьале гӏажаибго жагьилав журналист.

Дица гӏададайищ чвархъан гӏодоб лъураб, гӏумруялъ хьолбохъ вукӏарав, некӏсияв дружок Дима Медведевасул Хӏукумат?

Дица гӏададайищ материнский капиталалда битӏахъегояб революция гьабураб?

Цохӏо лъимер гьабуразецин гӏарац кьезехъин буго гьанже хӏукуматалъ. Улкаялъулго роцада борце гьеб жо-это же десятки миллиардов денег из государственной казни. Кому не лень лъимал гьаризе лъугьине руго гьанже россиянал. Россазе цо секундалъги хӏалхьи тезе гьечӏо гъурщаца куркьбал гъурал супругабазги. Андийский, ты вообще представляешь масштаб?!

— Бахчун щай, Вова, щуйил къимат лъуна халкъалъ дур исанасеб Посланиялъе. Цересел Посланиязда послать гьабулаан дуца сихӏирго население страны, гьанжесалалъ хӏакъикъаталдаги революция гӏадаб жо гьабуна. Хӏалчӏахъаги дур! Диргогицин хиял ккана харадунив вахъун цо гӏолохъанай чӏужуги ячун, дур капиталалъе гӏоло къасиги къадги рухӏалда барахщичӏого къеркьезе.

— Гьелеха! Херав дурцин хиял лъураб мехалъ, гӏолохъаби чӏезаризего кӏвелищ нилъеда. Хасго мугӏрузул Игитал! Риччанте къеркьезе — къо бухӏараб халкъалъе лишний шагьи-параги щвела, Россиялъул населениеги цӏвабзахъе бахина.

Полезное с приятнимин абула гьединаб жоялда Жириновскияс.

— Дур Послание нижер политикияб системаялда хъатӏизе бугищ, хӏурмат тӏадегӏанав нижер бетӏер?

— Пока гьечӏо. Гӏабугӏалиевичасе цӏакъ бокьула гьадинаб калима: « Я доброволна в Дагестан не пришел и доброволна отсюда не уйду», –

йилан.

Виччанте гурун гъуждулгун хӏалтӏизе хӏукуматалъул проектазда тӏад. Мугӏрузул улкаялда канлъидул нур чӏвазегӏан. Гьеб мехалда тӏад руссина нилъ Васильевасул суалалде.

— Здунов абулев чи Чувашиялъул бетӏерлъун витӏулев вугилан цо рекӏкӏал харбалги руго ахираб заманалда халкъалда гьоркьор. Гьеб жо, лъачи, лъица букӏаниги ургъунго биччан тараб «утка» бугодай?

— Уткайищ, курицайищ дида лъаларо, амма дир ботӏролъ пока гьединаб Указ паркъичӏо. Васильевги Здуновги кутакалда рекъон ккараб тандем буго, те хӏалтӏизе.

— Тана, вац Володя, нужерал тана жахӏалго.

Нижералгониги хисеха ле анцӏ-анцӏ соназ, цӏвакизе риццатал гарбалги гьарун, министерствабаздаги парламенталдаги хӏалтӏила ругел.

— Масала?

— Не-не, Вова, дураков нет. Дица цӏарал рехсарабго, цӏам ххинабула гьез дидаги дир тухум-кьибилалдаги.

Дирго рекӏее бигьалъиялъе букваби рехсезени кӏолебха цо чанго чиновникасул: БМ, ХШ, Гӏ-РМ, АШК ва гь.ц.

— Азбука Морзе дие данде кколаро, рехсе цӏар, инсул цӏар, инсул инсул цӏар. Иначе-готовая статья – гъибат ва бугьтан. Это тебе надо, Андийский?

— Валлагьги не нада, Володя. Я-пас! Буцӏцӏун чӏараб кӏалалъе кӏал ккурабгӏан кири букӏунин абула нижер аксакалаз. Карочи говоря, я- могила, малчу, ничерта жо лъаларо. Лъол хӏарпалги гьересиял, ургъун рахъарал жал руго.

Цо ахирисеб суалги кьелаан, нижедаго мухбирзабазда хурхараб. Бегьилищ, хӏурматияв?

— Узухъа, бегьила. Хотя дида лъим гӏадин лъала мухбирзабазул эбелаб суал цо букӏин — бабло, кӏванагӏан цӏикӏкӏун бабло!

— Вай, дур бабаги, дадаги, даим сагӏат гӏадин хӏалтӏулеб бетӏерги чӏахъаяв Президент! Кӏванагӏан цӏикӏкӏун бабло — гьеб нижее киданиги щвараб яги щвезесеб жо гуро. Анцӏила щугоялдениги бахинародай минимальни харжазул къадар?

— Гьеб жо цӏияв премьер Мишустинида лъала. Гьес щулияб рагӏи кьолеб буго лъагӏалил ахиралде МРОТ 25 азарго цӏулал гъурущалде бахинабизе кӏвечӏони, Шамилхъалаялъул объединении налоговий инспекциялде мухъилав инспекторлъун ине вугила жив. Яги Шишиликӏ магӏарда гӏиявехьлъун вукӏинила.

— Баркала, керентурад, гьадинаб камилаб хабар-кӏалалъухъ. Ниж кӏочараб къо къалъугеги улкаялъул эбелал хӏакимзаби — дуеги Миша Мишустиниеги.

Улкаялъул Кӏудиясулгун хӏин-къи-къай гьечӏого накъит гьабуна бахьикъосазул удаман