«Цӏар лъалареб» росулъа эротикияй бизнесменка Мама — Розахъе
Хӏурматияй Мама-Роза!
Дица цӏакъго тӏадчӏун, мухӏканго хал гьабуна дур махщел-пишая-лъул, дуе щолел щакал гъурщазул, палхӏасил, радал яхъаралдаса къаси сордо бащалъизегӏан щибаб къойилаб дур деятельносталъул.
Цо кибего берги-кверги щолев бахьикъосарав дир гьалма-гъас гӏинзунибе щурараб жоялда божичӏого, дирго беразда бихьизелъун, дур хъулухъазде хӏажатав клиент хӏисабалда, духъе вачӏана дун.
Дагьа-макъабго мехтараб ххвелги гьабун, дуца гьарараб гӏарцул жоги духъе кьун, дуцаго витӏизавун лъураб бакӏалда хьибилса рехун чӏана дун, щибдай гьалъул хадуб ккелаян.
Гӏемер гьоркьоб мех бачӏого тӏадагьаб, бихьинчи азарталде вахинавулеб тайпаялъул квана-гьекъолеб жоги босун, ячӏун хьибилалда рекъезабураб столалда нахъа гӏодой чӏана мун.
Хапараб квералъ бер къапилелде шишидасан сакӏги инабун, цо-цо осто-осто граммги кӏиязего тӏун, «За неспокойная ночь», — ан гӏурус рагӏиги рехун, гӏанкӏуялъ мугь гӏадин къулчӏун тана дуца гьеб.
Гьаб цӏуяб жоялъулгӏанги гьунар гьечӏев вукӏине кканиян ракӏалдеги ккун, дицаги гьединго гьабуна. Амма хӏалил-мададалъ хутӏана тӏаде тӏурабги гъоркь букӏарабги столалде чӏехьечӏого.
— Почаще хади к нам, научу тебя уму-разуму, — ян дидаги тенкезабун, чӏухӏараб хъалияналда цӏа рекӏинабуна дуца.
Хӏадурлъиялъул сеанс лъугӏа-раблъунги рикӏкӏун, дуца диргун диалогалде байбихьана.
— Балъголъи батичӏони, киса кколев мун?
— Кинабгӏаги балъголъи гьаниб гьечӏо, дун ккола Асахъ мухъалда бугеб Махъалалъ росу бакьулъа.
— Гӏумруялъул чан тӏамач бегараб дур?
— Дица исана марталъул 20-абилелъ 38 хасел сверула, — ян анцӏго сон тӏаса бахъараб гьересияб жаваб кьуна дица.
— Хъизаналъул хӏалалдасан цо-кӏиго рагӏи абиларищ?
— Абила, хъизанги йиго, гьелда хадуб микьго гьакӏкӏараб кӏалги буго, дие моцӏрол харж кидадай бачӏинаян ралагьун чӏарал.
— Вахӏ! Хъизанги, гьедигӏанал колода лъималги ругев мун щиб цӏехезе гьанив дир цӏобалде вачӏарав, — ан чӏваркьизарун бералгун ялагьана мун дир бадие.
— Дир хъизан йиго цӏорол гьаюрайгӏанги цӏоро-гъорорай гӏадан, гьелдасан щвечӏеб хинлъи гьаниб батилародайин хӏалбихьулеб заман буго дир.
— Это обстоятельство меняет положение, — ян разилъун бачӏана нахъойги дур гьумер.
— Давайте ближе к делу, — ян серезний видги гьабун, дуе кинаб тайпаялъул товар бокьулеб? — ан цӏехана дуца.
— Кина-кинаб дур гьаниб букӏунеб? – илан суалалъе суал кьуна дицаги.
— Дир гьаниб букӏуна: беревно тайпа, торт тайпа, с опитом – без опита. Хӏасил – 9-10 батӏияб ассортимент. Жанир цӏурал – хӏалакъккарал, с ростом – без роста, баландинкабигун брюнеткаби, — ян кӏиябго квералда анцӏабго килищ сукӏун лъугӏана дур, гьел рикӏкӏунаго.
Дие яче дудаго лъикӏ йихьарай ясилан, гӏемерго хӏалакараб ххвел гьабуна дицаги.
Лъикӏ буго, гьедин гьабилаян диргун диалог лъугӏараблъиги бичӏчӏизабун, нахъе ана мун дун жанив тӏамураб къоринисан.
Мун аралдаса нахъе гӏонкӏкӏол картӏихъ кето гӏадин нуцӏихъ бералги лъун, таманаб мех бана дица. Хӏалакун кӏетӏолеб букӏана каранда ракӏ. Щибаб секунд сагӏтиде сверун бихьарав дие, гӏагарлъулеб букӏана развязкаялъул заман.
Гьале цинтӏаго, рагьун нуцӏагун, ячӏун жанисан ратӏлилъ рукъ бакьулъ эхетана битӏахъе хӏурулгӏин гӏадай берцинай яс. Гьурщун риччан тарал ботӏрол расаз бащдаб лага бахчун бугоан гьелъул, гьурмада цо дагьаб намуслъиялъул гӏаламат – багӏарлъиги бугоан.
Хьибил чӏван вукӏарав дун, дидаго лъачӏого, вахъун ккун ватана, лъачӏого гьакӏкӏан ун батана кӏалги.
(Хадусеб букӏине бегьула балагьила)