Цебего заманалда дида цо чи вихьана Магнитка шагьаралъул Урал гӏурухъ гӏодов чӏун ччугӏа кколев. Щивдай гьав гӏабдал гьадин квачараб сардилъ гьанив гӏодов чӏун ччугӏа кколев абун ракӏалде ккарав дунги «Къули» Мага абулев цо хъаранисевги рилълъана аскӏоре.
Мага вахъана, гьасие саламги кьун, магӏарул мацӏалъ щиб- кинилан гьикъа-бакъизе.
– Я, вац Мага, хъахӏилал беразул гьав чи кинав магӏарулав вукӏунев, цо жо квеш букӏунев гӏурусав ватила, те магӏарул мацӏги, кӏалъай гӏурусалъ, — илан абуна дица.
Дица гьеб абун бахъиналде гъовги гьавги данд хурхана, вацал гӏадин. Цин лъикӏ гӏодана, къвалалги ран, хадуб байбихьана хабар-кӏал, квешаб-лъикӏаб.
Ма, вукӏун вуго Чӏарадаса магӏа-рулав. Гьикъа-бакъун хадуб якъинлъана гьавги гьенив Уралалда гьобоги бан хӏалтӏулев чи вукӏин. Цӏарги Казя бугила жиндир.
– Щай гьадин пашман вугев, щиб ккараб жо? Дов дурго гьудул Гӏамирхан киве арав?-илан Магаца гьикъидал, гьав ццидахун лъугьана. Жинца Гӏамирхан чӏвачӏого толарила. Цо кодове щвезе тейила чехькӏодо! Хӏалалъ гӏодов вуссинавун хадуб якъинлъана ккара-тараб.
Ма, ун вуго гьасул гьудул Гӏандиса Гӏамирхан ячун гьасул йикӏарай Елена Григорьевнагун, абурай гӏаданха, гьейги Уралалдаго берцинай. Гьасул хасалил, кутакалда хириял хьиталги рикъун ун руго.
Унги вуго рикӏкӏадаб Крымалде.
Гьелъ вукӏун вуго, тӏубан дунялалдаса ракӏги буссун, гьанив живго цохӏо хутӏун.
— Зубайиргӏаги вачӏуневищ гьаниве, дурго гьудул? — ан гьикъана Магаца гьасда.
— Вачӏунаан цеве, гьанже гьесдаги Элдаридаги нух къосана гьанибе, бечелъун ратила, — ян кӏалъана гьав пашманго.
Регӏилищ гьасда Зубайир, мехтидал гурони жиндирго дядя Адухӏидецин мобилалъ кӏалъаларев. 800 чуги хьихьун, гьениб фермаги рагьун вугев. 20 чу бугила гьасухъе кьун доб мехалъ вукӏарав Президент Мустӏапа Рахимовас.
Зубайирицаги гьел рича-хисун хӏурда рарал. 10 соналъ букӏараб гьезул разборка, ахир рекъел ккана, гъорасан-гьанисан маслихӏатчагӏиги рачӏун, цойиде бачана. Гьелдасан хадуб чанцӏулго Зубайирги Муртазаги ратула цо къажарасул «Рекъваб хӏанкъва» абулеб кафеялъусан мехтун къвалалги ран къватӏире рачӏунел.
— Маслихӏатгӏаги кин ккараб гьазул, — абун гьикъана дица цо нухалъ данде ккарав Элдарида.
Гьевги кив ватарав дова Тюменалда цо кӏкӏаралавгун ражи бичула, лъикӏабго даран кканилан вахъана. Гьес бицана маслихӏаталъе довго Мутагӏелум, Иман-гӏали, гъовасан Гӏангис, ай киналниги бищун къиматал гӏакълучагӏи данделъун рукӏанила. Дова Таш-башалдасан Шайтӏан Гӏалицин вачӏанила гьел рекъезаризе. Гӏалица ахирги данде рачанила.
Гьелъ гьанже Зубайир гьасде регӏилищ?
Гьеб кинабго ракӏалдеги щун Казяде хъвараб букӏана гьаб сарин.
Урал гӏорухъ гӏодов чӏун
вуго гьабигьан Казя.
Гьабулеб жоги лъугӏун,
гӏумруялда ццим бахъун.
Гьабил малърал гъурана,
гъеду рохьоб къвагъана,
Ячуней гӏурусайги
гӏандисес хъамун ана.
Огь, биххаяб дуниял,
дие кьолареб талихӏ.
Тана гьаниве рехун
лъикӏал «бахьикъосаца».
Гьудулзабиго гурел,
хӏалихьатал ратана,
Чвантиниб жо лъугӏидал,
чиго аскӏове къачӏо.
Гьедин гьанив вугони,
дун лъие хӏажалъилев,
Ина гьанисан ихдал,
гьобоги чияй бичун.
Кӏудияб Россиялда
дие бакӏ камиларо.
Буйнахъский шагьаргӏаги
буго жегиги чӏаго.
Чӏужу гьений ятила —
я лъарагӏай,я тумай
Гӏурусай, магӏарулай
дие данде кколаро.
Дир гӏамал-хасиятги
«бахьикъосазе» тела,
Тавбу гьабун как бани,
кинабго битӏун ккола.