Херал-беццал рос-лъадуда цӏе-хон буго, щиб гьабулелин нуж рукӏунел къаси рокъорилан.

Мокъидаса рортарал гӏанкӏаби гӏадин рукӏунилан жаваб кьун буго хераз.

***

Васас инсуда абула:

Дада, эбелалъ абуна мун рокъов хӏатӏида гӏицӏго хьвадейилан. Щай эб элъие?!

— Эбелалъухъа рукӏкӏби рилун руго, гъолъие къваригӏун буго дуда эл ратизе.

***

«Дир гьаракь нужеда жеги рагӏизе буго», — ян абунила хӏамица, гьелъул тӏом къолода балеб мехалъ.

***

Цо чи хвараб бакӏалда цояв нахъаса къотӏичӏого синкъдилев, гӏодилев вукӏун вуго. Хварасул гӏагараз абун буго гьав чияс жакъа тӏубан настроение хвезабунилан.