Гьанжесеб Россиялъул лъай кьеялда лъугьун буго хадургъезе захӏматаб хӏал. Сон байбихьарал реформаби мекъал рукӏанин мукӏурлъулеб гӏадатги гьечӏо, амма реформаби цӏигьарун хисизариялъул ахирги гьечӏо. Реформаторазул пикрабиги батӏи-батӏиял руго. Масала, гӏемер бицунаан, сон-церекъад, ай советияб заманалда школаздагун вузазда лъай щварав учителасухъа жакъасев цӏалдохъанасе дарс кьун бажаризе рес гьечӏин абун. Щай гьеб бажарулареб? Гӏасраби хисаниги, хисун гьечӏелъул методикиял къагӏидабиги педагогикияб гӏелмуялъул кьучӏалгиян кколаан ракӏалде. Дир пикру хисана дагьалъ цебе Гъуниб районалъул Гъоркь Кӏогьориб росдал гьоркьохъеб школалде гьабураб сапаралдаса хадуб.

Гьеб школалъ гьабулеб буго кӏудияб хӏалтӏи. Школалда вуго 60-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Гьитӏинабго школалъе ругел хӏалтӏухъаби гӏун ругин абун чӏечӏого, гьелъул директор Зада Макъсудовалъ хӏаракат бахъулеб буго районалъул школазда хӏалтӏулел ругел бищун лъикӏал учительзаби, махщел гӏахьал гьабизе, пикраби дандразе, гьенире ракӏаризе. Масала, гьенив хӏалтӏулев ватана гъоркьиса «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалъул гӏахьалчи, Хӏутниб росдал школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Рамазан Гъазимухӏамадовги. Гьедин гьение хӏалтӏизе ячӏана гӏурус мацӏалъулгун адабияталъул учительница Мадина Шагьоваги.

Мадинал буго хасаб методика. Абизе бегьила, гьелда гъорлъе журан ругин батӏи-батӏиял методикиял рахъазул лъикӏаллъун рихьарал бутӏабиян. «Советиябги гьелдаса хадусебги заманалъул цӏалдохъаби рукӏана жидее кьураб лъайги босулел, гьеб камилги гьабулел лъимал. Нилъ школалда цӏалулеб мехалда дарсил аслияб ва цӏикӏкӏарасеб заман унеб букӏана цӏияб тема малъиялда. Учителас бицунаан цӏияб дарс ва цӏалдохъаби гьесухъ гӏенеккун рукӏунаан. Гьанжесев цӏалдохъанасул сабру гӏоларо кӏиго минуталдаса цӏикӏкӏараб заманалъ цо чиясухъ гӏенеккизе. Учителас бицунеб жо гьес бигьаго балагьула Интернеталдаса, рес буго цӏалул тӏехьалдаса цӏализеги. Гьединлъидал ратизе ккола батӏиял къагӏидаби. Дир пикруялда, жакъасев учителасе чарагьечӏеблъун ккола психологиялъул лъай. Цӏалдохъанасул пикруялъухъ халкквезеги, гьесул жанисел сурсатал битӏараб рахънире ккезаризеги, цӏалул программаялъул тӏалабал тӏуразаризеги кумек гьабула психология лъаялъ. Технологиязул рахъалъги цӏалдохъанасдаса нахъе хутӏун вуго жакъа учитель», — ан бицана Мадина Шагьовалъ.

Гьелъ абуна, учителасда цебе чӏараб аслияб масъала бугила живго хисизавизе, ай цеветӏезе, хӏадурго вукӏин. Цӏалдохъанасул пикруги жигарги берзукь кквезе гьелъие кумек гьабула цӏияб лъай балагьизе тӏамулел методиказ. «Дица цӏалдохъабазда киданиги бицунаро цӏияб дарсил тема. Дарсги байбихьула цӏалдохъабаз – щибаб къоялъ батӏияв «учитель» вукӏуна. Гьедин гьезда бичӏчӏула учителасул захӏматалъул къимат. Дарсида такрар гьарула ва лъазарула цӏиял рагӏаби – гьелги ралагьула «учительзабаз». Гьезие бищунго захӏмалъулеб жо ккана кьериласул жавабалъе къимат кьей. Гьайгьай, гьеб методалда хӏалтӏизе байбихьараб мехалда дарсие заман къокълъулаан. Амма дагь-дагьккун ругьунлъана гьелде. Ва дида ракӏалде ккола гьебги бугин цӏалдохъабазе дарслъун. Нилъеца лъай гуреб тарбияги кьезе кколелъул гьезие. Дарсил ахиралда цӏалдохъабаз жидецаго хӏасилги гьабун, чӏезабула, кинаб темаялда рекъон дарс гӏуцӏун букӏарабали», — ян бицана Мадинаца.

Мадинал хӏалтӏул ккарал хӏасилал рехсана Зада Макъсудовалъ. «Цо цӏалдохъан вукӏана, ичӏго класс лъугӏизегӏан, лъабилалги лъун, хадув вехъерхъун. Щивав учитель ва гьесул эбел-эменцин мукӏурлъана гьесухъа цӏали бажарунгутӏиялъе. Мадина ячӏараб мехалда гьев тӏуванго хисун ккана. Гьелъу-хъа бажарана цӏалдохъанасул рекӏеде нух батизе. Лъикӏал къиматазда гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, вузалдаги цӏалана гьев хадувккун», — ан бицана директоралъ.

Гӏажаиблъана дун цоги хӏужа халлъидал. Гъоркь Кӏогьориб росдал школалъул цӏалдохъабаз цӏалулел руго художествиял асарал! Гьебги ккола Мадина Шагьова-лъул хӏаракаталъул хӏасил. Гьелъул дарсида гӏуцӏула адабияталъул асаралда тӏасан гургинал столал, бахӏсал. Цо цӏалдохъанас абуна, бахӏсалда гӏахьаллъулеб мехалда мекъи ккезе гурин абураб пикруялъ цӏаланила жинца тӏоцебесеб тӏехь ва дагь-дагьккун ругьунлъанила гьел цӏализе. «Тӏахьазулъ батана дида гӏажаибаб ва нилъер жакъасеб гӏумруялдаса тӏубанго батӏияб дунял», — ан абуна гьес.