(Цебесеб 3-абилеб номералда)

Хӏеренаб чирахъ

Херав кӏкӏал

Гвангъараб кӏодо

Гӏолохъанав рас

Гъваридаб чи

Хӏалимай яс.

VIII. Дарсил хӏасил гьаби.

Тест

1. Прилагательное буго: а) рагӏул бутӏа; б) каламалъул бутӏа; предложениялъул член.

2. Прилагательноялъ бихьизабула: а) предмет; б) иш; в) предметалъул гӏаламат.

3. Прилагательное жаваблъун бачӏуна гьал суалазе: а) щиб? щив? щий? щал? б) кинаб? кинав? кинай? кинал?

4. Гьелъул буго … жинс: а) 3; б) 4; в) 2.

5. Чиясул жинсалъул прилагательноялъе кьола суал: а) кинаб? б) кинав? в) кинай?

Цӏалдохъабаз халгьабила цоцазул хӏалтӏул. Къиматал лъолеб къагӏида: 0 гъалатӏ – «5», 1 гъалатӏ – «4», 2 гъалатӏ – «3», 4 гъалатӏ – «2».

IХ. Рефлексия.

Гьалеха, лъимал, щвана нилъее гъамас. Гьанже бице нужеца, щиб нужеда лъараб жакъасеб дарсида? Щиб захӏмалъараб? Нужго нужедасаго рази ругищ? Сунца нужее квалквал гьабураб дарсида?

Гьанже балагье гьал ункъбокӏоназухъ – багӏараб, тӏогьилаб, цӏахӏилаб. Нужеца тӏаса бище жакъасеб дарсие ункъбокӏон.

Х. Рокъобе хӏалтӏи.

Гамидаса гъоркье рещтӏиналде, лъимал, нилъеца цадахъ босизе ккола рокъобе хӏалтӏиги: 110-абилеб гьумералда бугеб №238 хӏалтӏи гьабе рокъоб.

Хӏ. Дарсида гӏахьаллъарал лъималазе къимат кьей.

Щивха, нужер пикруялда рекъон, бищунго лъикӏ хӏалтӏарав жакъасеб дарсида?

Дарс лъугӏана. Къомех лъикӏ, лъимал.