Исана тӏубала 75 сон Кӏудияб Ватӏанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса. Гьелда бан, «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ лъазабулеб буго 5-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб «Рагъул лъимал» абураб темаялда хъварал творческиял хӏалтӏабазул къец.

Редакциялде ритӏизе ккола 1939-1949 соназда гьарурал гӏадамазул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби. Кинаб букӏараб рагъул соназда гьарурал гӏадамазул лъимерлъи? Кинаб кумек гьабураб гьез гӏагараб колхозалъе, жидерго хъизамалъе? Кинаб гӏумру бугеб гьезул гьабсагӏаталда? Гьел ва цогидал суалазе цӏалдохъабаз кьурал жавабал хӏисабалде росизе руго, къецалде рачӏарал хӏалтӏабазул хӏасил гьабулеб мехалда.

Макъалаялда цадахъ чара гьечӏого рукӏине ккола суратал: авторасулги, макъалаялда бицен гьабулев чиясулги (лъимерлъуда бахъарабги жакъасебги).

Къецалда гӏахьаллъизе гъира барал цӏалдохъабазул хӏалтӏаби ритӏизе ккола 20 маялде щвезегӏан [email protected] яги [email protected] электронияб почалде.