Тӏоцебесеб февралалда дунялалъул гӏемерисел улкабазда кӏодо гьабула хӏижабалъул къо. Гьелъие кьучӏ лъуна Бангладешалдаса Назма Кханица. Назма жеги гьитӏинго йикӏаго, гьелъул эбел-эмен гочун руго СШАялде. Америкаялъул школалда ва институталда цӏалулеб заманалда, хӏижаб чӏварай гьелда тӏад релъулаан цадахъ цӏалулел. Гьеб мехалда байбихьана Кханица Интернеталдаса хӏижабалъул хӏакъалъулъ бицунеб хасаб къокъа гӏуцӏизе, хӏижабалъул кӏваралъулги гьениб гӏемер бицунаан.
Гьелъул пикруялъул рахъ ккуна дунялалъул цогидал улкабазда гӏумру гьабун ругезги. 2016 соналда букӏараб дунялалъулго халкъазда гьоркьосеб хӏижабалъул къоялда гӏахьаллъи гьабуна 116 улкаялдаса 10 миллион чӏужугӏаданалъ. Египеталъул телевидениялдасан передача бачуней яс хӏижабги чӏван цее яхъиндал, гьелъул хӏакъалъулъ хъвана тӏолабго дунялалъулго СМИяз. Цебеян абуни телевидениялда хӏалтӏулел руччабазул гьединаб ихтияр букӏун гьечӏо.
Кӏазил щай бицунеб гӏочӏодаги чӏван?
Хӏижаб ретӏаразе квекӏенал камулел гьечӏо нилъер улкаялдаги. Лъидаго кӏочон батиларо РФялъул Верховный судалъ школазда ясаз кӏаз чӏвазе гьукъиги, гьединго цее йикӏарай лъай кьеялъул министр Ольга Васильевалъ школалда хӏижаб гьукъиялъул рахъ кквейги. Гьединал харбал сабаблъун чӏезабуна школазда цогояб форма.
Нилъ светияб пачалихъалда гӏумру гьабулел ругин, диниял гӏаламатал рихьизарулеб бакӏ школаги гурин абун, хӏижаб ретӏиналда тӏасан гӏарзал камулароан нилъер республикаялдаги. Амма «светияб» абураб рагӏул магӏна дин гьукъи кколарелъул, РФялъул конституциялъул 28-аб. статьяялда рекъон, щивав чиясе рес буго эркенго дин гьабизе.
Руччабазул ратӏлида сверухъ рицунел харбал Интернет-мухъаздаги жеги гьоркьоса къотӏулел гьечӏо. Жамгӏиял гьиназда хӏижабги чӏван жидерго суратал цере лъурал ясазде «гъегъ балел» камуларо, нечоларищ нуж нужерго гьурмал цере лъезеян абун. Камуларо миллияб ретӏелги, жакъа бусурбанал руччабаз ретӏулебги дандеккун, хӏижаб какулелги.
Кинабха букӏараб нилъер умумузул ретӏел?
Жакъа гьеб бихьизе рес буго музеязда, батӏи-батӏиял этно-фестивалазда. Рамазан Гӏабдулатӏиповас Дагъистаналъул цолъиялъул къоялде киналго хӏакимчагӏазда ретӏинабун букӏана миллияб ретӏел. Хъулухъчагӏазул мухъилъги цогӏаги миллаталъул чӏужугӏадан расалги гьурщун йихьичӏо. Гьез бетӏер бахчигун щай тӏад рагӏи абулев чи ккечӏев? Цебесеб чохтӏо-кӏазалъ бахчани бегьулеб, щибаб къойил гӏадатияб хӏижаб ретӏани бегьулареб-гӏажаибаб пикру!
Жакъа бусурбабазул руччабаз ретӏунеб хӏижабги (гьумерги квералги хутӏизегӏан тӏолабго черх бацараб ретӏел) дагъистаниязул миллияб ретӏелги релълъараб бугищали лъазе бокьарал ралагьизе бегьула цересел суратазухъ. Хал гьабе Шамил имамасул хъизаналда руччаби кинаб къагӏидаялъ ретӏа-къан рукӏаралали. Миллияб ретӏелги гьанжесеб хӏижабги бусурбабазул къагӏидаялъ черх бахчараб буго. Доб, щибаб бодул, миллаталъул хаслъи цӏунараб заманалда ратӏлилъги букӏана жиндирго хаслъи. Магӏарулазул, лъарагӏазул ва цогидал миллатазул букӏана жиндалъун гьел миллатазул руччаби ратӏарахъизе лъалеб хасал гӏаламатал гъорлъ ругеб ретӏел. Ретӏелгун цадахъ рукӏунаан гьеб берцин гьабулеб гӏарцул яги цогидаб магӏданалъул алаталги рукъараб гурде, бетӏер бахчизабулеб хасаб къагӏидаги. Палхӏасил, Дагъистаналъул халкъазул миллияб ретӏел букӏана бусурбабазе рекъонкколеб.
Миллияб ратӏлица бацунарищ черх?
Магӏарул руччабазулги букӏана жидеего хасиятаб ретӏел, чохтӏо, чаба, гӏоркь, кӏаз, кверлъин… Амма гӏарабазул улкабазда гӏадин цӏакъго халатаб гуреб, дагьаб къокъаб гурдеги гӏебаб тӏажуги букӏунаан. Ракь баччун кьурул парсахъцин ах-хур гьабулел магӏарул руччабазе рес букӏинчӏо ракьалда хъвалел гурдалги ретӏун чӏезе. Цӏакъго захӏматаб букӏана гьезул магӏишат-яшав. Бихьинал чабхъад яги рагъде индал рукъалъул, боцӏи хьихьиялъул, хур-хералдалъун магӏишат гьабиялъул хӏалтӏи чӏужугӏаданалъул гъуждузде кколаан. Гьединлъидал диналдаги рекъараб, хур-хералъул хӏалтӏи гьабизе санагӏатаб партал букӏана нилъер цересел умумузул.
Нилъер умумул гьедин хьвадулароанин ахӏтӏолезе мисаллъун босизе бегьила жакъа къоялдаги нилъер чӏахӏияб ригьалъул руччабаз кӏазида гъоркьан чӏвалеб чохтӏо. Гъежде кӏаз рехарай кӏудияй гӏаданалъул букӏунеб къадру-асги кӏочон теларин. Тарихалде ва фольклоралде раккун ракӏалде щвезабилин гӏандадерил, гьидерил руччабазул миллияб ретӏел, щибаб халкъалъе хӏатта щибаб росдаегицин хасиятаб ретӏел букӏана нилъер умумузул.
Дагъистаналъул некӏсияб ратӏлил хал гьабулаго, Интернеталда тӏаде ккана «Гӏасрабазул гъварилъудасан» («Из глубины веков») абураб Патӏимат Гьитӏиновалъул видео-фильмалде. Гьениб бихьизабулеб буго гьидерил руччабаз жакъа къоялдаги къиматалда жидерго хаслъи цӏунун букӏин. Коммунистаз гьукъулеб заманалдаги данде рагъун цӏунана гьезул руччабаз жидерго чохтӏогун чаба. Тутигъветӏалъул къазихӏутӏ (тутовый шелкопряд) абураб рухӏчӏаголъиялъул къвачӏаялъул (кокон) кунги гьабун бессулаан чаба. Цебе гьеб хӏутӏ жидецаго хьихьун гӏезабулаан, цо-цояз Гуржистаналдаса бичун босунги бачӏунаан. Къанагӏат бугониги, жакъа къоялдаги гьеб устарлъи цӏунун буго гьидерица. Амма масъала буго чаба бессизе материал щунгутӏиялъул. Гьеб киналъго батила хӏотӏол кунал чабаялъул багьа 40-50 азарго гъурущалде бахун бугеб. Чабаян руччабазул ботӏрода къалеб шарфалда релълъараб алаталда абулеб буго Лаваша мухъалъул даргиязул росабалъги.
Дагъистаналъул чӏужугӏаданалъ, щияй бусурманай чӏужугӏаданалъул фарзлъун кколеб, гьумергун кверал хутӏизегӏан черх бахчулеб хӏижаб ретӏине байбихьараб мехалдаса нахъе гьелда чӏвалел гӏайибал камулароан. Хӏижаб чӏварал руччаби цо-цо бакӏазда хӏалтӏудецин росулароан. Эбел-инсул ва цогидаб гӏагарлъиялъулгицин рагӏи камулароан ясалъ ботӏрода чӏвараб кӏазалда тӏасан. Гьелъие батӏи-батӏиял гӏиллабиги рукӏанин абизе бегьула: диналде руссунин абун, тӏубанго мекъаб рахъалде лъимал руссиналъул хӏинкъи букӏаралъул гӏемерисел улбузул ракӏазулъ. 10-15 соналъ цебеккун чӏегӏераб никаб (берал хутӏизегӏан тӏолабго черх бахчизабулеб чӏужугӏаданалъул ретӏел) ретӏарал руччаби жамгӏиял бакӏазда рихьидал, гӏадамал хӏинкъадго ралагьулаан. Заманги хӏинкъараб букӏаралъул. Жакъайин абуни, щияй кӏиабилей чӏужугӏаданалда ретӏун бихьула хӏижаб. Амма гьеб гӏарабазул мода бугин абулелги камулел гьечӏо.
Щиб хӏинкъи бугеб чӏужугӏаданалъул ратӏлидаса?
Хӏижаб ретӏунезул къадар къойидаса къойиде цӏикӏкӏиналъе гӏилла щиб? Модайищ, фарзищ гьез тӏаса бищулеб бугеб? Гьадинаб буго жалго хӏижаб чӏвалел гӏолил ясазул жаваб:
Мариян, Махӏачхъалаялъул лъималазул ахалда тарбиячӏужу: «Бусурманчӏужуялда тӏадаб къагӏи-даялъ хӏижаб чӏвазе дица байбихьаралдаса кӏиго лъагӏел сверана. Фарзалда рекъон, кколеб къагӏидаялъ бох-гъеж бахчизабичӏониги, ма-гӏарухъ ругьунаб къагӏидаялъ гьитӏинаб кӏаз чӏвалаан цебеги дица. Гьединлъидал дица хӏижаб ретӏунин абун сверухъ ругезеги батӏияб асар гьабичӏо. Хӏалтӏудаги дир ратӏлида тӏасан кӏалъалев чиго вахъинчӏо».
Марият, бизнесчӏужу: «Дие кидаго цӏакъ бокьулаан киназдаго дун берцин йихьизе, цогидал гӏадамаз дирго ретӏа-къай беццизе ва дир хӏалтӏулъ щолел бергьенлъаби киназдаго рихьизе. Ратӏлица чи гьавулин абухъего, бизнесалъулъ цеетӏезе хьулгун офисалъулаб къагӏидаялъул лъикӏаб ретӏелги ретӏун, лъикӏ хадуб хъулухъ гьабурал расалги риччан тун хьвадулаан. Ракӏалде кколаан, дун лъикӏ къачӏадани, цадахъ хӏалтӏулел бихьиназгун руччабаз дир цӏакъ къимат гьабизе бугин. Росасги дида гӏайиб гьабулароан. Фарзалда рекъон черх бахчизабичӏониги, какги балаан, кӏалги кколаан дица. Хӏижаб щияй чӏужугӏаданалда Аллагьас тӏадкъараб фарз бугелъул, кида-къадги гьеб ретӏине кколеблъиги лъалаан дида. Ракӏалде кколаан бизнесалъулъги хӏижаб чӏварай чӏужугӏаданалъе квалквал букӏинин, дун лъицаго санги гьайиларин. Амма кинабго гьелъул гӏаксалда ккана, дица хӏижаб чӏвайдал эбел-эменги рохана. Дида бичӏчӏана жамагӏаталда гьоркьоб хӏижаб чӏварай чӏужугӏаданалъул цӏикӏкӏун къимат гьабулеб букӏин. Цере цадахъ хӏалтӏулел бихьинал къимат кьолеб гӏадаб балагьигун дихъ ралагьулел рукӏун ратани, гьанже яца-лъухъ гӏадин ралагьула. Хӏалтӏулъги гӏадамазул рахъалдаса дидехун божилъи цӏикӏкӏана. Хӏижабалъ дие цӏияб дунялалде нуцӏа рагьанин рикӏкӏуна дица».
Гӏайшат, пенсионер: «Дирго цохӏо йигей ясалъ хӏижаб чӏвай дие байбихьуда рекӏее гӏечӏо. Жиндирго гӏелбащадал гӏолилазго гӏадин, модаялда рекъараб, амма черх цебе рехулареб гӏадаб ретӏелги ретӏунаан, кӏазги нахъехун бухьунаан. Амма росгун ятӏалъаралдаса нахъе байбихьана цин чӏегӏераб ретӏел ретӏине, цинги берал хутӏизегӏан тӏолабго черх бахчараб никаб ретӏине. Гӏагарлъиялъ гьоркьоса къотӏичӏого чӏвалел гӏайибалги чӏалгӏун рукӏунаан, дур яс цощинай вагьабияйцин гурищан бадиб хӏунччизабулелги камулароан. Гӏадамазул бугьтаназ ракӏги хӏинкъизабун ракӏалде ккана яс психологасухъе ячине. Дунялалдаса ракӏ буссиндал, ратӏлил пардавалдалъун жийго яхчизаюлей йикӏун йигоан гьелъ. Тохтурасул малъа-хъваяздаса хадуб гьелъул ракӏ цӏилъана. Гьанже хӏижабги канчӏаб кьералъул буго ретӏунеб».