30 январалда тӏобитӏараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъуна 20-гӏан суал. РФялъул президентас Федерациялъул Советалде гьабураб хитӏабалда тӏасан пикраби загьир гьарун хадур, жидерго хӏалтӏул хӏасил гьабизе цере рахъана МВДялъул министрги, Хӏисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулевги, инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъаль ДРялда вугев официалияв вакилги, цогидалги.
Гьенир рорхарал суалазул цояб букӏана Махӏачхъалаялда басриял минабахъа гӏадамал цӏиял бакӏазде гочинариялъул программа хадуб бехъерхъун хутӏиялда хурхараб.
Депутат Марат Гӏалияровасул рагӏабазда рекъон, кӏиго сонгун бащдаб заман буго ипподромалда гӏагарлъухъ цӏияб мина баралдаса. Амма 383 хъизаналда гьоркьоса 30 хъизан гурони гочинабизе кӏвечӏо гьенибе. Судалдецин ккун рагӏула иш. Щайин абуни гӏадамал рази гьечӏо гьеб мина бараб къагӏидаялда. Гьезие кьолел рукъзалги цӏакъго гӏисинал руго, басриял минабазда жидер рукӏаразда дандеккун. Гьединго бачун гьечӏо газ. Цӏакъго рикӏкӏад руго школа, ясли-ах. Ясли-ахни гьениб 2017 соналдаго бан буго. Амма щаялиго хӏалтӏулеб гьечӏо. Шагьаралде рачӏине транспорталъул рахъалъги буго захӏмалъи.
Депутатас бицунелда тӏадрекъана парламенталъул спикер Хизри Шихсагӏидовги. Гьелъул гӏайиб Махӏачхъалаялъул мэриялдаги Бакӏал раялъулгун ЖКХялъул министерствоялдаги бугин абуна гьес.
Рагӏа-ракьанде щвечӏого рарал гьединал минаби ратани, гьел лъугӏизаризе, гьенир шартӏалги чӏезаризе ккелин абуна Шихсагӏидовас:
«Гьанжелъагӏан рукӏана квешал нухмалъулел, мустахӏикъал гурел гӏадамал, гьанже рачӏун руго мустахӏикъал. Кӏиго соналъ щиб гьабулелха рукӏарал? Щибниги гьабичӏогойищ рукӏарал? Щай тадбирал гьаруларел?… Ясли-ахги берцинлъиялъе бараб жойищ? Гӏарац харж гьабуна, амма налогал щолел гьечӏо, гӏадамазда жидерго рукӏа-рахъиналъул шартӏал лъикӏлъизаризе бажаричӏо, лъималги ясли-ахазде инчӏо. Амма лъиениги гьелъул ургъел гьечӏо. Киналго руцӏцӏун чӏун руго, кинабго лъикӏ буго».
Гьединго депутат Гӏамирхан Гӏамирхановас борхана сакъатал лъималазе шартӏал чӏезариялъул суал.
Гьесул рагӏабазда рекъон, гьединал лъималазе хадубккун гӏумрудулъ хӏажалъулеб махщел щолеб къагӏида камиллъизабизе ккола. Амма республикаялъул коррекционнияб 11 учреждениялда гьоркьоса У. Муртазагӏалиевалъул цӏаралда бугеб социалияб централъ гурони букӏине кколедухъ гьединаб лъай кьолеб гьечӏо.