Свана Мариналги талихӏалъул чирахъ
Мухӏамадгӏалиева Марина. Гьаюна 1964 соналъул анкьабилеб августалда Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъ учительзабазул хъизаналда. Эмен вукӏана химиялъул ва биологиялъул учитель, эбел — гӏурус мацӏалъул учитель. Маринал букӏана кӏудияб хъизам. Гьединаб хъизамалда гьаюрай Марина гӏолей йикӏана гӏаданлъи цӏикӏкӏарай, магӏарул яхӏ-намус тӏадегӏанаб борхалъиялда лъурай гӏолохъанчӏужулъун. Школа лъугӏидал, гьелъ тӏасабищана бухгалтерасул махщел ва цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул финансалъулаб техникумалде. Хӏалтӏана Хьаргаби росулъ банкалда бухгалтерлъун. Гьениб Маринал лъай- хъвай ккана гӏумруялъул вукӏинесев гьудул Гӏалилгун. Берцинаб хъизамалъулъул гъасда канаб цӏа бакана Маринаца. Гьеб берцинлъиялда дагьабги гвангъараб нур базабуна гьезул лъималаз. 1988 соналъ гӏуцӏана «Ватӏан» абураб лъималазул кьурдул ансамбль. Киса-киего Гӏалил кумекчӏужулъун йикӏана Марина. Гьелъ росасул ракӏчӏезабулаан ансамблялъул цӏарги гьунарги Дагъистан тун къватӏибехун рагӏизе букӏиналда. Гьелъ кумек гьабулаан кьурдухъабазе костюмал рищизеги, гьей йикӏана гьесул секретарьлъунги менеджерлъунги. Марина йикӏана Гӏалил гӏумруялда цӏакъго цӏакъ гвангъараб цӏвалъун, гьесул къисматалда талихӏалъул накъишал угьарай хӏурулгӏинлъун. Гӏалил машгьурлъиялъулъ буго Мариналги кӏудияб бутӏа. Гьел кидаго цадахъ унаан ансамбльгун. Бокьулаан гьелъие гьитӏинал гьунарчагӏазул тӏалаб-агъазалда йикӏине, эбелалъе гӏадин хириял рукӏана гьелъие Гӏалил «лъимал». Абула, цӏакъго гвангъараб цӏва хехго сунилан. Свана Мариналги талихӏалъул чирахъ. Гъанситохъ бакараб цӏадул кунчӏигицин букӏина гьанже кьерукъаб. Гьеб цӏадул щибаб хӏенхӏилъан гьимила Гӏалиеги, лъималазеги, гьезулги лъималазеги хӏикматай лъадулги, йокьулей эбелалъулги, недегьай дахӏабабалги хӏайранаб сипат. Камуна Гӏалие жиндир цӏар тӏадегӏанал цӏвабзазда гьоркьоб хъварай чӏужугӏадан. Бакъвала ясазул рекӏел тӏегь. Гьеб бухӏизе, чӏурхӏизе буго гьезул бухӏараб ва цӏакъго цӏамхӏалаб магӏуялъ. Инагьдила гъасда цӏа… Тӏадегӏанас сабру кьеги Маринал хъизамалъе ва гӏагарлъиялъе. Свана Мариналги талихӏалъул чирахъ. Гьелъухъ валагьидал, Гӏалида ракӏалдещвела гӏумруялъул гьудулалъ хъван тараб талихӏаб рокьул къиса…
«Хӏакъикъат» газеталъул коллектив
***
Мухӏамад Юсупов
11 январалда 82 сонил ригьалда къадаралде щвана Россиялъул жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, пачалихъалъул тӏадегӏанал хъулухъазда хӏалтӏарав Мухӏамад Юсупов.
Мухӏамадица нахъа тана цӏакъ бечедаб ва гьебго заманалда халкъалъе пайдаяб нух. Киве кканиги, щиб хӏалтӏи тӏадкъаниги, гьес кинабго гьабулаан ракӏбацӏцӏадго, гӏадамазул мурадал тӏурай букӏана гьесул борчлъун ва рекӏел ахӏилъун.
Сугъралъ росдал школа лъугӏидал, гьев цӏализе лъугьана Москваялъул пачалихъалъулаб экономикияб институталде. Хӏалтӏана ДАССРалъул Госпланалда экономистлъун, Совнархозалъул отделалъул начальникасул заместительлъун, 1963 соналда тӏамуна Госпланалъул председателасул заместительлъун.
1969 соналда Мухӏамад вищана КПССалъул Буйнакск шагьаралъул комитеталъул тӏоцевесев секретарьлъун ва нахъисеб соналъго гьесда тӏадкъана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул промышленносталъул ва бакӏал раялъул рахъалъ секретарасул хъулухъ.
1978-1983 соназда вукӏана ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул председательлъун. 1983-1990 соназ Мухӏамадица тӏубазабуна КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тӏоцевесев секретарасул хъулухъ. Хадуб гьев вачана Москваялде ва хӏалтӏана РСФСРалъул Госпланалъул председателасул заместительлъун. 1992-1994 соназда хӏалтӏана Россиялъул экономикаялъул министрасул заместительлъун, 2001 соналде щвезегӏан вукӏана Грециялда РФялъул дармилал гьоркьорлъабазул вакиллъун.
М. Юсупов вукӏана хӏалтӏуе вижарав инсан. Гьесда лъалароан хӏухьбахъи щибжоялигицин. Мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде индалгицин, Мухӏамад тӏамуна «Сулахъалъул гидрокаскад» ОАОялъул генералияв директорасул гӏакълучилъун.
Къойида жаниб цо чиясул мурад тӏубазе кӏвани, гьеб къо гӏадада араблъун рикӏкӏунарин абулаан гьес.
Республикаялъул захӏматчагӏазул рекӏелъ гьев кидаго вукӏана ва хутӏана ракӏбацӏцӏадав нухмалъулевлъун. Аллагьас иманалда тӏовитӏун ватаги Мухӏамад, алжаналъул агьлулъунги гьавун ватаги.