Рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабула дуниял
Кигӏан бокьаниги руго дунялалда лъикӏал гӏадамал. Ралагьея сверухъе. Унго- унгоги ракӏ бохуларищ, гьезда берчӏвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб радал нилъее гьимулеб бакъги бакъул чӏоралгун нилъехъе талихӏ рещтӏинги. Рогьалил щубилъан гӏурччинаб гӏидраги гьимула нилъее, гӏидраялда рижарал кьер-кьерал тӏугьдузги салам кьола. Рекӏелъ рещтӏараб савуги биун уна, лъикӏал гӏадамал рихьидал. Тӏубараб къоялъ, кигӏан хӏалтӏаниги, свакги лъаларо, къварилъабиги кӏочона, гьезул гьурмада гьими бихьидал. Гьеле гьединал гӏадамазул сабруялъги, хӏеренлъиялъги, недегьлъиялъги, цогидаздехун бугеб тӏалаб-агъазалъги баччун буго дунял. Гьез нилъер ботӏролъа хъамула пашманал пикраби, къварилъиги кӏочона гьелгун ругебгӏан мехалда.
Гӏумруялъ диего гьабураб сайигъатлъун рикӏкӏуна дица Патӏиматгун гӏагарлъи. Умумузул гӏакъиллъиялдаса ккола гьаб ирсги — рукӏуна гӏадамал, жал дандечӏвани, цогидазе нухбитӏи кьолел, цо-цо чиясда берчӏвазецин бокьуларо, хасго сапаралъ унел ругони. Гьелда дун божула. Радалго Патӏимат йихьани, дие къо битӏулаан. Пашманлъиги аскӏоса лъутулаан, гьелъул гьимиялъ салам кьедал. Анкькьераб нургицин рещтӏун бугин гьелъухъилан кколеб асар лъугьунаан рекӏее. Сундулго агъазалдаги йикӏунаан Патӏимат — мадугьалзабазул рокъор лъалъачӏого хутӏарал тӏугьдулги рихьулаан гьелда. Гьезие лъимги босун, тӏаде гӏунтӏулаан Патӏимат, гьезие бадибчӏвайги гьабулаго. Ракъарал хӏанчӏазул чӏирчӏириги катитӏанчӏазул мимидиги рагӏулаан гьелда, лъехъ гӏашикъал маккалги рихьулаан гьелда. Цо къоялъ хӏалтӏуде инегицин кватӏана гьей, рукъ сверун къараб чали тун къватӏибехун сардилъ жиндир мимиди рагӏараб катитӏинчӏ хвасар гьабулей йикӏун. Гьеб къоялъ хъулухъалдасаги махӏрумлъана гьей. Доб букӏана штатал къокъгьарулеб заман. Начальникасе бокьичӏо ва рекӏее гӏечӏо гьей хӏалтӏуде кватӏиялъул гӏилла. Гьединал маргьаби жиндие рицунгейилан, гӏенеккизецин гӏенеккичӏо гьев Патӏиматихъ. Лъикӏ ургъани, унго-унголъунги щиб жоха кколеб кӏудияв хӏакимасе, эбелги хун, бакъуца холеб бугеб чиякъаб катитӏинчӏ!? Гьединал ишазухъ гьелъие кьеларо пачалихъияб премияги цогидал шапакъаталги. Конкурсалда бергьанин абураб дипломги кьеларо гьелъие. Амма нижер хӏикматай Патӏиматил буго кӏудияб сахаватаб ракӏ. Гьеб гӏола гӏумру тӏегьазеги, ракьалда толел лъалкӏал гвангъизеги, сверухъ ругезе талихӏалъул къатӏраби рикьизеги.
Гьанже, Патӏиматидаса дагьай рикӏкӏалъидал, араб заманалда хъвазе ккана цеберагӏиги. Буйнакск шагьаралда гьей йигеб заманалда, бищун цее гьелъухъ рещтӏунаан магӏарухъа ячӏарай дун. Бокьулаан гьейгун гара-чӏваризе, бихьа-таралъул хӏакъалъулъ бицине. Заманалдасан къисматалъ Патӏимат ячана Гъизляр шагьаралде. Лъабабго лъимерги каранде къан, гӏемер гӏодана гьей, бигъараб къисматалъул квачӏикье ккедал. Росас цӏияб хъизан гӏуцӏидал, гьей тӏадюссана жиндирго гӏагараб шагьаралде. Амма Патӏимат къуркьичӏо. Гьелъ гӏумру цӏидасан байбихьанилан абизе бегьула. Гӏисинал лъималги жалго тун, унаан гьей рогьалилъ яхъун, базаралде йичаризе, (рогьиналде бачӏунаан риидал пихъ базаралде). Къаденахъе цо-цо лъималазде щвезе рокъоеги ун, бакъинегӏан базаралда йичарулаан гьей.
— Рокъой дун пашманал пикрабаз квегъулей йикӏуна, инсухъ гӏашикълъарал лъималазул берал рихьидал, магӏуги кквезе кӏоларо. Хӏалтӏудаго бигьалъи букӏуна дие, — ян абулаан гьелъ.
Диргоги гӏемерлъана сапарал Гъизляралде. Урхъун йикӏуна дун гьанжеги дие хирияйлъун ва абадиялъе гӏагарайлъун хутӏизе йигей хӏикматай Патӏиматихъ.
Квеш-лъикӏ, Тӏадегӏанасул кумекалдалъун, кӏудиял гӏуна Патӏиматил лъимал — кӏиго ясги цо васги. Гьезул буго тӏадегӏанаб лъай, гӏуцӏана хъизамалги. Киналго хӏалтӏулелги руго. Цо-цо базаралде йичаризеги ун, лъималазул лъималги хьихьун, хӏухьбахъиялда йикӏана Патӏимат.
Иргадулаб нухалда гьоболлъухъе щведал, Патӏимат ятана, гьанжего гьанже гьабураб чияр лъимерги хьихьизе бачун. Лъимадул эбел ячӏун йиго жий Москваялде иней йигила, лъагӏалидасан тӏадги юссинин, кӏиго анкь бараб жиндир лъимер хьихьейилан. Гӏолохъанай эбелалъ бицараб талихӏкъосараб къисаялда божарай Патӏимат разилъун йиго лъимер хьихьизе.
Долдаса нахъе унеб буго кӏигогӏаги лъагӏел. Тӏокӏаб хабар лъачӏо лъимадул эбелалъулги…
Гьале дун нахъеги Патӏиматихъ гьоболлъухъ. Кигӏан гӏагарлъиялъ абуниги, лъималазул рокъобе лъимер кьезеги разилъичӏо гьей.
Дир меседил торгӏойиланги абун, гьелъ гьеб пакъир беэдулелъул, рухӏарал магӏил гараз, изнуги цӏехечӏого, чурула дир гӏанаби.
— Гьаб лъимергун дир рокъобе бачӏанщинаб талихӏ. Щибдай дица гьабилеб букӏараб, гьитӏинав Гӏали веэдизе щвечӏевани. Гьесие кинидахъ кучӏдул ахӏулелъул рекӏее бачӏунеб рахӏатги рокъобго рещтӏунеб дунялго цӏураб талихӏги. Гьасда цадахъ дир рокъоб рещтӏанщинаб баракатги. Цо минуталъгицин макьу щвезе гьечӏо гьанже дида, Гӏалиги лъималазул рокъове кьун. Лъималазул рокъове чияхъеяли киса гурин, жийго гьесул эбел ячӏаниги, кӏвеларо гьанже дида Гӏали нахъе кьезе, — ян абула Патӏиматица.
Жиндиравлъунго лъугьарав чияр васас цӏияб, батӏияб нуралъул талихӏ бачӏана Патӏиматихъе. Гьеб талихӏалъ хӏайран гьаюн йиго гьей.
Гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал нахъехун регулелъул, Патӏиматида гьенир ратула талихӏалъул лъалкӏалги — гьел руго гьитӏинав Гӏалица гьелъул къисматалда угьарал рокьиги, талихӏги, сахаватлъиги.