Чаялъги, кофеялъги, соказгун компотазги лъеца гӏадинаб асар гьабуларо
Диетологаз абула лъамияб квандасаги соказдасаги чорхое къваригӏараб къадаралда лъим щоларин, кофе-чаялъ гьеб хисуларилан. Чорхолъ лъим дагьлъани, чорхол чӏаголъи хола, бидул кьаби ва бидул тӏадецуй цӏикӏкӏуна, кӏал бакъвала, кӏуш дагьлъула. Къечон гьечӏинги абун, лъим гьекъечӏого тезе бегьуларо. Тохтурзабазги абулеб буго сордо-къоялда жаниб инсанас гьекъезе кколин 2-2,5 литр лъел.
Унтабаздаса цӏуниялъе
Гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехаз чӏезабуна гӏураб къадаралда лъим гьекъолеб бугони, 41 проценталъ рекӏел ва бидурихьазул унтаби дагьлъулин. Чехь-бакьазул хӏалтӏи лъикӏлъулин ва чорхолъ цӏекӏлъи дагьлъиялъе кумек гьабулин. Гьединго 45 проценталъ дагьлъулин рак-унти ккеялда букӏунеб хӏинкъиги. Лъеца квербакъула цӏайи дагь гьабизеги. Масала, кваналелде сагӏаталъ цебе лъим гьекъани, кваниде гъира дагьлъула. Чаялъул, сокалъул бакӏалда гьекъани, лъеца къваригӏел гьечӏел калорияздаса черх эркен гьабула. Чорхолъе бакӏарараб къваригӏел гьечӏеб лъамалъи къватӏибе инабула лъеца.
Гьализабичӏеб яги гьализабураб
Гьекъолеб лъим букӏине ккола черхалъе зарал гьечӏеб, бацӏцӏадаб. Цӏамхӏаллъи гьечӏеб лъелъ рукӏуна черхалъе пайдаял микроэлементал: калий, натрий, магний, гьединго газал: кислород ва азот. Гьалараб лъелъ гьел рукӏунаро, ай гьеб сверула щибго жо бихӏинабизе кӏолареб лъиналде ва гьелъ лугбал гьорозарула. Гьединаб лъеца лъалъазе бегьуларо тӏугьдулцин. Цӏамхӏаллъи гъорлъ гьечӏеб лъим бацӏцӏадаб букӏиналда щаклъи бугони, гьеб цӏцӏвизе ккола фильтразул кумекалдалъун, гӏарцул гъуд лъелъе биччани, гьелъ лъелъ рукӏунел заралиял бактериял ва микробал хвезарула. Пластикаялъул шушбузда жаниб бугеб лъим цӏуниялъе чӏезабураб заман букӏуна ва гьеб цӏикӏкӏун заман базегӏан тани махӏцине бегьула. Гьекъезе бищунго бацӏцӏадаблъун ва пайдаяблъун рикӏкӏуна салулъан ва чабхилъан, ай тӏабигӏиял фильтрабалъан бачӏараб иццул лъим.
Кин гьекъелеб?
Черхалъе зарал ккечӏого букӏиналъе, лъим гьекъеялъе цӏунизе ккола гьадинал къагӏидаби: лъикӏаблъун рикӏкӏунаро кваналеб мехалъ ва кваналелде цебе лъим гьекъезе. Щайгурелъул, лъеца квен бихӏинабулаго чорхолъе бачӏунеб цӏекӏлъиялъул (соляная кислота) къуват хола ва гьелдалъун квен регьине захӏмалъула. Лъим гьекъезе ккола дагь-дагьккун, къойида жаниб чанго нухалъ. Багӏарараб риидалги, бакӏаб хӏалтӏи гьабулагоги лъел роцен цӏикӏкӏинабизе ккола.
Лъел пайда
Лъеца кумек гьабула загьруял ва чорокал жалаздаса черх бацӏцӏад гьабизе.
Бацӏцӏадаб лъимгун цадахъ нилъер чорхолъе лъугьуна пайдаял микроэлементал (йод, калий, магний, фтор ва гь.ц.).
Чорхолъ киналго биологиял лъугьа-бахъинал ккола лъел гӏахьаллъигун.
* Лъим гьекъеялъ берцинлъула тӏом.
* Лъел кумекалдалъун рекъезабула цӏа-кан.
* Лъеца гьукъула гъиз свари.
* Бигьалъизабула тӏулал ва ургьисалабазул хӏалтӏи.
* Лъеца щвезарула инсанасул чорхол киналго лугбузде пайдаял веществаби.
* Лъеца лъикӏлъизабула чорхол тӏолабго хӏалтӏи.
Къваригӏунеб къадар
Кӏудияв чиясе сордо-къоялда жаниб 1,5-2 литр лъел къваригӏунин рикӏкӏуна. Гӏелмиял цӏех-рехаздалъун чӏезабун буго, 24 сагӏаталда жаниб инсанасул чорхол цо килоялъе 30 грамм бацӏцӏадаб лъел къваригӏунеблъи. Масала, 80 килограмм цӏайи бугев чиясе къваригӏуна 2,5 литр лъел.
Гьекъезе лъикӏаб
Гьекъезе ккола иццул, гӏазу-цӏер биараб лъим, гьеб щолеб гьечӏони, бацӏцӏадаб яги минералияб. «Лечебно-столовая» абулеб лъим тохтурасда дандбан гурони гьекъезе бегьуларо.
Къанагӏат гурони дандчӏваларо чорхое хӏажатаб къадаралда лъим гьекъолев чи. Гьеб гъалатӏ бигьаго битӏизабизе бегьула гъоркьехун рехсараб щуго гӏакълу къабул гьабуни.
1. Лъим гьекъей бухьинабизе ккола кинаб бугониги ишалда, гьелъ кумек гьабула гьелде ругьунлъизе. Масала, ворчӏана – лъел стакан гьекъана, хӏалтӏуде щвана – лъел цоги стакан гьекъана, къадекваназе иналде – цоги стакан… Гьедин лъим гьекъолеб бугони, гьелде ругьунлъула, ай хӏажатаб къадаралда чорхое лъим щола.
2. Бачӏинахъего тӏубараб стакан лъел гьекъезе бокьичӏого букӏине бегьула. Хӏал гьабуге, цин гьекъе бащдаб стакан, 5-10 минуталдасан цоги бащдаб. Анкьго-анцӏго къоялдаса 24 сагӏаталда жаниб гьекъела лъел 2,5 литр.
3. Хӏалбихье, балагье, щиб дандекколеб бугебали. Кидаго бацӏцӏадаб лъим гьекъезе захӏмалъулеб бугони, хӏалбихье лъелъе бацӏцӏадаб гьоцӏо жубазе, гьацӏул лъим цӏакъ пайдаяб букӏуна. Яги лъелъе рехе лимоналъул, гьуинаб пихъил кесек. Гьединаб лъел кьерги, махӏги, тӏагӏамги лъикӏаб букӏуна, пайдаги ккола. Амма тӏагӏамалъеги кьералъеги цӏакъго дагьаб къадаралда гурони я гьоцӏо, я лимон, яги цоги батӏияб тӏагӏам жубазе бегьуларо.
4. Кванде къасд лъунищ – гьекъе лъим. Тӏадчӏун лъим гьекъезе ругьунлъи гуребги, гьелъул кумекалдалъун гӏодобе ккола черхалъул цӏайиги.
5. Лъим кидаго бихьулеб бакӏалда лъун букӏине ккола. Гӏураб къадаралда лъим гьекъечӏого хутӏиялъе аслияб гӏилла ккола гьеб гьекъезе кӏочонеб букӏин. Гьединлъидал, лъим жаниб бугеб тӏагӏел кидаго лъезе ккола бихьулеб бакӏалда.
Специалистасул баян
Лъел терапиялъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана тохтур-диетолог Гӏисаев Ахӏмадица:
— Бацӏцӏадаб, цӏамхӏаллъи гьечӏеб лъим инсанасул сахлъиялъе пайдаяб букӏин цебего лъала. Амма, тӏадчӏун, щибаб къоялъ лъим гьекъезе киназухъаго бажаруларо, гьединлъидал, гьеб гьекъолел чагӏи цӏакъ дагьал руго. Гьезие дица гьадинал малъа-хъваял гьарила: гьалараб лъел сахлъиялъе щибго пайда букӏунаро, гьекъезе ккола хинаб ва бухӏизабураб лъим. Цӏорораб лъим гьекъезе бегьуларо, гьеб хинлъизабулаго гӏадада уна черхалъул гӏемераб къуват. Гьекъезе лъикӏаб буго газ гъорлъ бугеб лъим.
Гьалараб чаялъулги кофеялъулги сахлъиялъе кинабгӏаги пайда букӏунаро. Европаялъул рестораназда чаялъул яги кофеялъул чашкаялда хадуб кьола бацӏцӏадаб лъел стакан.
Кваналелде лъеберго минуталъ цебе бухӏараб лъел стакан гьекъани, квен лъикӏ бихӏуна, кваналаго гьекъани, чорхолъ бугеб лъамалъи дагьлъула ва кванараб жо бихӏунарого букӏуна.
Нури Нуриев