«Дидо» продукция лъала, Дагъистаналда гуребги, тӏолабго Россиялда

Магӏарухъ гӏуразда гьоркьов къанагӏатги ватиларо урбаялъул хӏалбихьичӏев, гьелъул пайдаял рахъал лъаларев чи. Ахирал соназда гӏемер дандчӏвала батӏи-батӏиял къагӏидабаз хӏадурараб, пайдаял тӏадежураяз бечед гьабураб, санагӏатаб цӏарагӏалъуб лъун бичулеб гьеб нигӏмат. Гьелда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола «Дидо» абураб цӏаралда гъоркь бичулеб урбаялъги. Дида гьеб дандчӏвана Дагъистаналда гуребги, гьеб тун къватӏибги. Дида лъалаан гьеб Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ хӏадур гьабулеблъи, амма дунго гьениве жеги щун вукӏинчӏо. Жакъа щвана, рихьана цехалги, гьабалги, гьабулеб хӏалтӏиги. Киналъулго хӏасил гьабун къокъго абуни, хӏалтӏи гӏуцӏун буго берцинго, низамалда, кванил нигӏматаздехун ругел тӏалабал цӏунун. Гьениб «Дидо» ОООялъул директор Гӏизраил Мухӏамадовасулгун гара-чӏвариги гьабуна дица.

— Гӏизраил, фирмаялда «Дидо» абураб цӏар лъеялъе гӏилла щиб ккараб?

— 1953 соналда Цӏунтӏа район абун цӏар лъуниги, умумузул кидаго букӏараб цӏар буго Дидоэтия, гьелдаса бачӏараб буго дидойцал абураб цӏарги. Район, миллат бокьиялъул, гьеб рекӏелъ цӏуниялъул цо гьитӏинабго бугониги бутӏа хӏисабалда, гӏемермиллаталъулаб Дагъистаналда ва гьеб тун къватӏибехун лъикӏаб, пайдаяб рахъалъан ниж лъай мурадалда лъуна гьеб цӏарги.

— Щиб жанибе бачунеб нужер фирмаялъ?

— Магӏарухъ буго «Нево» (цӏунтӏадерил мацӏалда Мокъокъ росдал цӏар) фермеразулаб магӏишат. Гьелъ гӏезабула цӏоросаролъ, бакӏарула ахбазаналъул пурчӏун. Гьаниб нижер буго 20 гьобо. Гьабула урбаялъул 25 ва ханждал 12 тайпа, гьезда цадахъго риччала батӏи-батӏиял нахал, гьарула хурдузул чаял. Гьеб киналъего нижер вуго 7 хӏалтӏухъан. Гьаб хӏалтӏуе байбихьи 1994 соналда лъуна дир инсуца.

— Къватӏире риччарал нигӏматал кир нужеца ричулел?

— Тӏоцересел соназда, жиндирго ролъ, цӏоросаролъ, лъелъгун урба, ханжу гьабизе ва гьабураб босизе гӏадамал гьанире рачӏунаан. 2005-2006 соназда нижеца байбихьана гьел Гъизилюрт тун къватӏирги, ай тӏолабго Дагъистаналда ричизе. 2011-2012 соназда нижер нигӏматал лъана Россиялъул цоги регионаздаги, гьабсагӏаталда гьел лъала Россиялъул 65-70 шагьаралда. Гьел уна Казахстаналде, Белоруссиялде, ритӏана Турциялде, Гӏизраилалде, Китаялде.

— Ругьунаб гуреб нигӏмат бугелъул, урба кин къабул гьабулеб къватӏисел пачалихъаз ва захӏмат бихьулищ гьенибе гьеб битӏизе?

— Дора бокьарал нигӏматал ругониги, гьезулъ буго химиялъул, сахлъиялъе заралиял тӏадежураязул кӏудияб къадар. Гьединлъидал доз балагьулеб буго химия гьоркьоб гьечӏеб, тӏабигӏияб нигӏмат. Гьеб рахъалъ щибха бащалъилеб нилъер урбаялда. Гьабсагӏаталда, гьанжего-гьанже байбихьун бугелъул, дораса кӏудиял заказал рукӏунаро, гьединлъидалги батизе бегьула, гӏиси-бикъинал захӏмалъаби рехсечӏони, бицине гӏурал квалквалал таможениялъ гьаруларо.

— Дагъистаналда гӏезегӏан руго урба гьабулел гӏадамал. Багьа-даража хӏисаб гьабун, кинаб бакӏ гьезда гьоркьоб нужеца кколеб?

— Конкуренция буго, гьеб кидаго букӏинеги ккола, гьелдаса хӏинкъизе ккараб хӏал нижер гьечӏо. Нижер нигӏматазул лъикӏаб даража буго, гьеб гӏодобе ккезе толаро, рекъараб багьаги буго. Жакъа гӏемераб хайир щвезейин жуварав, метер заралалде ккола. Ниж инчӏо гьеб нухдасан. Нижеда битӏараблъун бихьана дагьаб бугониги хӏалаллъи бугеб, тӏаде-гӏодобе кколареб хайир щоледухъ хӏалтӏи гӏуцӏи. Нижеда батана ва нижеца ккуна нижерго бакӏ. Республикаялда, цониги нухалъ нижер нигӏматазул хӏалбихьаразда цохӏо лъикӏаб рахъалъан лъала «Дидо» цӏар ва гьелъул хӏалтӏи.

— Мун вуго гӏолохъанчи, дур буго 21 сон. Гьаб жавабчилъи бугеб, гӏезегӏан захӏматаб хӏалтӏиги тун, жакъа гӏолохъанаб гӏелалъе цӏикӏкӏун бокьулеб шагьаралъул «бацӏцӏадаб» хӏалтӏудехун ракӏцӏаларищ дур?

— Нижер росулъ (Мокъокъ-Нево) букӏана лъел гьобо, дир кӏудияв эмен хӏалтӏулаан гьенив. Дие цӏакъ бокьулаан гьевгун цадахъ гьениве ине, доб мехалъго берцин бихьулаан гьеб хӏалтӏи. Хадуб, гӏодоблъиялде гочиндал, дие бокьун букӏана дунго бетӏергьанаб хӏалтӏуда вукӏине. Гьаб буго дир умумузги гьабулеб букӏараб, дие бокьулеб, дида лъалеб, дие данде кколеб хӏалтӏи. Дир буго кӏиго лъимер, буго тӏадегӏанаб экономикияб лъай, вукӏана Махӏачхъалаялдаги. Дора гӏемерал гӏолохъаби руго, хӏалтӏиги гьечӏого, хӏажат гьечӏел ишазда, гьелда рекъараб хьвада-чӏвадигун. Гьеб дие данде кколаро. Хӏалтӏул захӏмалъиялъул бицани, гӏадада гурелъул абулеб — захӏмат бихьичӏони, рахӏат букӏунарин.

— Пачалихъалъул рахъалдасан кумекго щванищ нужее?

— Ниж чанго нухалъ лъугьана къарзалъе гӏарац босизеги, грантазда гъорлъе лъугьинеги, амма нижеда бичӏчӏана, «откатал» дора тун гурони, гӏарац щвезе толареблъи. Гьеб къагӏида нижееги бегьуларо, гьедин хӏалтӏун ругьунал гьечӏо ниж.

— Халгьабияз бизар гьарулищ?

— Гьел гӏемер рукӏуна, гьезде ругьунлъун руго ниж. Гъоркьиса нижехъе щвана Москваялдаса кӏиго комиссияги — нижее лъикӏаб къимат кьун гурони, гӏунтӏизабизе гӏайиб гьезул букӏинчӏо. 2012 соналда Москваялда тӏобитӏараб «Меседилаб хасалихълъи» выставкаялда нижер урбаялъе щвана меседил медаль. Гьединабго выставкаялда 2014 соналда щвана мазгарул медаль, 2015 ва 2016- абилел соназда — гӏарцулал медаль.

— Нужер нигӏматал лъикӏаб даражаялъул ва гьел «Дидо» цӏаралда гъоркь риччалел рукӏиналдаса чӏухӏи букӏунищ дур?

— Дун вуго хӏалтӏулев чи, бусурбанчи. Бусурбанчиясул жиндасаго, жиндирго хӏалтӏудаса чӏухӏи букӏине бегьуларо. Дир чӏухӏи буго дирго халкъалдаса, дир умумуздаса, нус-нус соназ, захӏматал шартӏазда гьал миллиял кванил нигӏматал къватӏире риччаялъул иш хвезе течӏого цӏунизеги цӏунун нижехъе кьеялдаса.

— Кинал ругел хадусел планал?

— Гьаб хӏалтӏи гӏатӏид гьабун, даража борхизабун гурони, гьеб тезе ракӏалда гьечӏо. Гьабсагӏат гӏемерал гӏадамазул, хасго гӏолохъанаб гӏелалъул аслияб масъала буго хӏалтӏи гьечӏолъи. Хӏалтӏуца ккун вугев чиясул квешлъиялда, чорокал ишазда тӏад ургъизе заманги, ресги, хӏажалъиги букӏунаро. Хӏалтӏи ва тарбия — гьеле гьелъ цӏунула гӏолохъаби къваригӏел гьечӏел пикрабаздаса ва ишаздаса. Дие цӏакъ бокьилаан гьеб кӏвар бугеб ишалъулъ цо гьитӏинабго бутӏа нижецаги лъураблъун букӏине.

Гӏабаш Гӏабашилов