Улкаялда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул къадар мухӏкан гьабиялъул мурадалда, Росстаталъ исана тӏобитӏизе буго халкъалъул хъвай-хъвагӏай гьабиялъул тадбир. Гьелъул хӏасилалда нилъеда лъазе буго халкъалъул гьоркьохъеб ригь, руччабазул ва бихьиназул къадар. Хъвай-хъвагӏай гьабиялъул тадбир исана тӏоцебесеб нухалда гӏуцӏизе буго тарихазул технологиязул кьучӏалда.

Гьелде тӏадеги щивав чиясе рес щвезе буго жиндир хӏакъалъулъ баянал жинцаго гъорлъе ккезаризе. Гьединаб рес кьолеб буго Госуслуги абураб порталалъ. Гьеб порталги рагьун бажарула МФЦялъул сайталда бугеб щивасул кабинеталъул кумекалдалъун.

2020 соналда халкъалъул хъвай-хъвагӏай гьабулаго, гӏадамазул цӏарал бачӏинахъего хъвазе руго мобильнияб приложениялда, ай кагътил вариантаздаса инкар гьабулеб буго. Гьелъул мурадалда хӏадурун буго переписалъул хасаб электронияб тӏамачги.

Интернет-перепись байбихьула тӏоцебесеб октябралда ва халат бахъине буго 25 октябралде щвезегӏан. 4-27 октябралда хъвай-хъваял гьаризе руго хасал хӏалтӏухъабаз – щивасул азбаралдеги щун, планшеталда яги ноутбукалда. GPS-навигаторалъул кумекалдалъун, гьезул букӏине буго Росстаталъулгун битӏахъеяб бухьенги.

Хъвай-хъвагӏай гьабулеб мехалда, гьикъизе буго щивасул цӏар, ригь, жинс, гражданство, хӏалтӏулев вугищали, миллат, батӏи-батӏиял мацӏал лъалищали, къватӏисел улкабазде щвеялъул ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.