Цоги магӏирукъ, машинаялъ авария гьабун хварал рукъизе гьаругьин рачӏунел машинабазул читӏир. Шагьаралдаса росулъе арай юссинчӏо эбел, хӏалтӏул сордо-къо лъугӏун, хъизан-лъималазда аскӏоб хӏухьбахъизе анищгун вачӏунев гӏолохъанчи ана абадияб хӏалхьуде, бертаде хӏадурлъулел гӏолилал ккана гъура-чункун чурхдулгун больницаялде…

Жидер лъималазул гӏайибалдалъун хваразул рокъор накабазда чӏун эбел-эмен, полиция гьоркьобе лъугьине биччагеян маслихӏаталъе кӏалъалел хараби… Анкьида жаниб рагӏараб анцӏго авария, агъазго гьечӏого хъамулел машинаби, гьезул хъаравуллъуда харж кьун таразе гьечӏеб ургъел. Щибалъул батӏа-батӏа хъвазе хӏужабазул гӏемерлъи!

Хъил тӏурал, гӏатӏидал шагьранухал руго магӏарухъе. Гьездасан лъикӏлъи буго, хехго щолелги руго, ракӏбагъаризабулеб кӏанцӏейги гьечӏо, машинабиги жагъаллъуларо. Квешлъиги буго лъикӏлъи кӏоченабулеб, занал руго цӏикӏкӏунел нухлул рагӏаллъабазда. Аллагьасул къадарин абун тезе бегьила. Гьелда разилъунгутӏи, божунгутӏи гуро. Бетӏергьанас инсанасе гӏакълу щай кьун бугеб, хирияв аварагасул хӏадисаз нух щай бихьизабун бугеб? Нилъее гӏумру гьабиялъе бигьалъиялъе гурищ? Хӏукуматалъул гӏуцӏи, законал сундулъго тартиб цӏунизе гурищ ругел?

Гӏала-гъважаялде сверараб гӏумру! Къуръангун хӏадисал гӏадахъ росулареб, хӏукуматалъул тӏалабаз чангит бан чӏолареб пахрулъи буго инсанасулъ согӏлъун.

Щибго квалквал гьечӏого, ричун росулел руго машина бачине изну кьолел документал, документго кодоб гьечӏелги руго рулалде гӏунтӏизе гӏурабго кодобе машинаги кьун. Ругелщинал хӏалкъарал мисалал сверухъ, бицун хӏалкӏвеларо.

Эмен тохлъаравго, гьесул машина хъамулеб буго васас къватӏахъе. Эбел, васасдаса чӏухӏун, аскӏой рекӏуней йиго. 13 сон барав васасухъе машина кьезе бегьилищин абулеб якьадалъул хабаралъе нусалъ жаваб кьолеб буго «гьедин ругьунлъичӏони, гьесда машина бачине кин лъалебилан». «Шоферлъиялъе цӏализе гьесул эмен Шураве витӏун вукӏана дица», — ян къварилъахъдулей йиго якьад. «Гьанже лъимал цӏодорал руго», — ян кьвагьулеб буго данде нусалъ. Хадусел къоязго инсул чӏухӏараб машинаялъул чухӏараб банка гӏадаб жо гьабуна гьанжесев «цӏодорав» васас, живго цо бох бекун хвасарлъана…

Эмен гьечӏолъи лъазе теларин, васалги гӏолохъаби гӏолел ругинги абун, налъукье лъугьун гӏарацги гӏезабун, босун буго эбелалъ школалда цӏалулел лъималазе машина. Цӏалунгӏаги рахъинчӏел васазда машина бачине божилъи гьабизе бегьилищин абулезулги рагӏи къотӏизабулеб буго гьелъ: «Кӏудияб квегӏенлъи буго магӏишаталъе рокъоб нижерго машина букӏун, чияда гьардезеги кколел гьечӏо», — янги абун. Эбелалъул рохел къокълъана панкъ гӏадаб машинаги нухлул рагӏалде рехун, лъукъа-къотӏун вас больницаялде ккараб къоялъ. «Алхӏамдулиллагь, вас чӏаго вуго. Гӏадамаздаса намус ккана. Аллагьасул къадар гьадин букӏун бугоха», — ян бецӏцӏулеб буго гьей пакъиралъул магӏу. Мискинаб хъизамалда бесдаллъун руго лъимал гьелъул васасул гӏайибалдалъун. Гьеб кин бецӏилеб?! Гипсалъулъ лъурав васасул къаданийги чӏун щурулеб буго эбелалъ: «Я, дир вас, бегьилищ гьалъал сверабалъан машина хъамизе? Сверуда нахъа гӏадан, хӏайван, машина, гӏодобе тӏун кьуру батизе рес бугелъул». Кватӏун йиго эбел васасе вагӏза гьабизе.