Ахир заманалъул квешлъабаздаса гӏолилал рикӏкӏад гьари, гьезулъ сабругун иман щулалъи — тӏоцебесеб къоялдаса нахъего гьеб мурад буго «Шамил районалъул гӏолилал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул. Киналго соназ гьабунщиналъул бицинчӏого, гӏицӏго 2019 соналда «Шамил районалъул гӏолилал» гӏуцӏиялъ гӏахьаллъи гьабун буго 200-ялдасаги цӏикӏкӏун исламиял, тарбия-лъай, бичӏчӏи кьеялъул, спорталъул ва цоги батӏи-батӏиял тадбиразда. Гьедин гӏахьаллъун гуребги гӏемерал тадбирал, къецал жидецаго тӏоритӏиги гӏадатияб ишлъун буго тӏолабго районалъул гӏолилал цоцалъ гъункараб гьеб гӏуцӏиялъе. Санайилго гьел тадбиразда гӏахьаллъулезул къадар 100 азаргоялдаса гӏодобе кколаро.

— Кин, кида бижараб гьеб гӏуцӏи ва сундуе гӏоло цолъарал «Шамил районалъул гӏолилал»?

— Гьеб рагьулеб буго, кӏудияб кӏваралъул жамгӏияб ишалъе байбихьи лъурав, Зивуриб росулъа Гӏабдулхӏамид Хӏажиевасулгун гьабураб гара-чӏвариялъ.

— Цебеккун Дагъистаналда букӏинчӏеб гӏолилазул гӏуцӏиялъе кьучӏ дуца лъуна. Кин гьеб пикруялде мун вачӏарав?

— Нилъеда ракӏалда буго 2014 соналда Шамил районалда букӏараб ахӏвал-хӏал. Дагъистаналда бищунго гӏемерал такъсирал кколеб районлъун рехсолеб букӏана гьеб. Доб мехалъ гьениб букӏана чӏвай-хъвей, терактал, рес букӏана гӏемерал гӏолохъаби вагьабиязул рахъалде ине. Гьелъие аслияб малъилъунги букӏана нилъер муфтий Ахӏмад-апандиясул ишара. Байбихьана щибаб росулъа бажари бугел гӏолохъабиги ракӏарун, бугеб масъала гьезулгун гьоркьоб лъеялдаса. Аллагьасе рецц буго бичӏчӏи бугел гӏолохъаби, росу-ракь къиматал чагӏи гӏемер рукӏин. Цогиги масъала босани, ракьцоязул бухьен букӏинчӏо цӏакъ гӏемерал ракьцоял росаби рахун къватӏир гӏумру гьабун рукӏиналъ. Лъалеб букӏинчӏо кинаб ишалда, щиб чвахиялда гъорлъ бугеб къватӏиб гӏолеб нилъер наслу. Цо росулъа гӏадамалгицин цоцазда лъалареб бакӏалде ккун букӏана иш. Мурад букӏана районцоял цоцазде гӏагар гьари, ккаралъур гъункун данделъулеб цо жамагӏат лъугьинаби.

— Гӏабдулхӏамид, сунда мугъчӏвай гьабураб ва лъица квербакъараб байбихьуда?

— Щибаб росдал имамзабазде, бегавулзабазде ва жамагӏатчагӏазде букӏана ракӏбай. Гьеб заманалъ районалъул имамлъун вукӏана Гӏасаса Хӏасан-хӏилми. Гьесиеги цӏакъ къабуллъана нижеца байбихьараб иш. Гӏемерисел тадбиразулъ живгоги гӏахьалъун кумек гьабуна хӏалтӏи гӏуцӏиялъе. Районалъул бетӏерлъуда дол соназ вукӏарав Мухӏамад Асиятиловасги кутакалда рахъ ккуна нижер. Амма бищунго кӏудияб мугъчӏвайги божилъиги Дагъистаналъул Муфтиясда букӏана.

— Жакъа къоялъ чан чи гъорлъе вачунев «Шамил районалъул гӏолилал» гӏуцӏиялъ?

— Районалда буго 43 росу, гьел киналго росабазул руго жиде-жидер гӏуцӏаби, спорталъул командаби, гьезул рахъ кколел. Гӏахьаллъи гьабичӏого батӏатӏун чӏарал гӏолохъаби нагагьги ратиларо. Щибаб росулъ вищун вуго гӏолилазул цевехъанги. Гьел кураторал данделъун цере лъола масъалаби, гӏуцӏула хӏалтӏи, гьабула хӏукму.

— Гьенир гӏахьаллъизе гӏолилазул гъира бижизабизе захӏмат букӏанищ?

— Тӏоцебе дагьаб божилъи гьечӏолъиги букӏун батизеги бегьула. Кинаб бугониги политикаялъе гӏоло гӏуцӏараб иш батилин ракӏалде ккезе рес букӏаралъул. Амма нижер хӏалтӏи бихьидал, киназдаго бичӏчӏана ният бацӏцӏадаб букӏин.

— Санайил цӏияв цевехъан хисиялъ щиб кьолеб?

— Щивав чиясе хасиятаб буго цо бакӏалда гӏемераб заман бани, гьев гьелда ругьунлъи. Щуго соналда жанив нижеца хисана анлъго нухмалъулев. Гьел киналго жакъа лъикӏаб нухмалъиялъул хӏалбихьиги щварал, бокьараб даражаялда хӏалтӏи нухда бачине бажарулел гӏолохъаби руго. Росабазул кураторазда гьоркьор лъикӏ хӏалтӏарал чагӏазул цоясда цӏар чӏван вищула.

— Тадбирал тӏоритӏулаго дандчӏвалел захӏмалъаби ругищ?

— Гьаниб абизегӏанасеб захӏмалъи нижеда бихьичӏо. Росабазул бутӏрулги имамзабиги рекъон гьабулеб бугони хӏалтӏиялъул захӏмалъиги батичӏо.

— Нужедаса мисал босун цогидал районаз гьабулеб бугищ гьединабго хӏалтӏи?

— Дагъистаналда гӏемерисел районазда гьединал гӏуцӏаби нижер мисалалдалъун гьаруна. Гьел киналго районазул гӏуцӏцӏаби данделъун гьабуна жакъа киса-кибего машгьураб, «Ас-Патриоты» ассоциация. Гьеб буго Россиялъулго даражаялда гӏолилазул пикру загьир гьабун цебе бахъунеб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул нухмалъудаги вуго Унсоколоса Гӏабдулхӏажиев Шамил.

— Щуго сонил хӏалтӏул хӏасилаздаса рази вугищ?

— Аллагьасе рецц, нижеца цебе лъун букӏараб масъала гӏемерисеб рахъалъ тӏубана. Росабазулъ ва къватӏир ругел жамагӏатазда гьоркьоб гьабураб хӏалтӏул хӏасил — диналъ ва законалъ гьукъараб такъсирияб нухде унев чи районалда гьечӏолъи бугин абизе бегьила. Цере цоцазда лъаларел рукӏарал гӏолилал гъункун цо жамагӏатлъун лъугьана. Гӏицӏго цо-кӏиго чиясда гьабун бажарулеб хӏалтӏи гьеб гуро, лъикӏалщинал гӏолохъабиги гъорлъе журайдал, батӏияб рухӏ лъун цебетӏуна гьеб иш.