«2013 соналда дица кредит босун букӏана, 2014 соналда гьеб тӏубан бецӏана, гьелъул квитанцияги дихъ буго. Гьедин бугониги, кредит бецӏизе абун, дир пенсиялда тӏаса гӏарац кколеб буго. Гьелъул хӏакъалъулъ судалде гӏарза хъван букӏана, амма гьел дихъ гӏенеккичӏо. Дица щиб гьабизе кколеб?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна Махӏачхъалаялъул Сбербанкалъул кредитазул отделалъул начальник Хӏусен Хӏусеновас:

— Кредит тӏубанго бецӏанин абураб хӏужа-квитанция кодоб бугей дур пенсиялда тӏаса гӏарац кквей рикӏкӏуна закон хвезабилъун. Гьединлъидал дуе чарагьечӏого къваригӏуна хӏалбихьи бугев адвокат. Гьес цӏех-рехги гьабун, документалги ракӏарун, судалде гӏарза хъвазе ккола. Судалъ хӏукму къотӏула, законги хвезабун, дур пенсиялда тӏаса ккураб тӏолабго гӏарац тӏадбуссинабизе банк тӏамизе.

«Дицаги дун гӏадинал цогидазги газеталъул редакциялде ритӏула кучӏдул. Нижер мурад букӏуна гьел газеталъул гьурмазда рахъи ва цӏалдолез къимат кьей. Рукӏунел ратиларо гьел щвалде щваралги, щайгурелъул дунги дунго гӏадиналги профессионалиял шагӏирзаби гурелъул. Загӏипал ругинги абун, гьел нахъе рехичӏого, бегьуларищ, «нижер хӏисабалда гьал загӏипал ругин» абун цеберагӏиги хъван, газеталда рахъизе. Гьедин гьабулеб бугони, нижерги ракӏбалаан газета цӏализеги гьелъие подписка гьабизеги. «Хӏакъикъат» магӏарулазул газета кколин абун тӏоцебесеб гьумералъул тӏарадаса гӏебедеги хъванги бугеб мехалда, бокьилаан, цо-цо ниж гӏадинал магӏарулазеги ихтияр кьуни газеталдаса цере рахъине. Яги цере рукӏаразул ялъуни гьанже халкъияллъун рахъаразул шагӏирзабазе гурони букӏунарищ газеталда бакӏ?»

Гьеб суалалъе жаваб кьуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас:

— Битӏараб суал борхулеб буго цӏалдолес.

«Хӏакъикъат» ккола магӏарул халкъалъул газета, гьединлъидал щивав магӏаруласул ихтияр буго гьелъул хӏалтӏулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе. Нилъер газета литературияб альманах кколаро ва гьанибе бачӏунеб щибаб кечӏги тӏадегӏанаб асар (шедевр) букӏунаро. Гьединлъидал хадубккун нижеца тӏад кверги бахъун, къачӏа-кӏатӏан цӏалдолезул асарал газеталда кьезе руго.

«Жинцаго гӏарза кьечӏого бетӏер жагъалав чи психбольницаялда лъезе бегьулищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул мустахӏикъав тохтур, психологияб централъул тохтур Мустӏапа Гӏалиевас:

— Бегьуларо. Законалда рекъон, жинцаго гӏарза хъвачӏого, бетӏер жагъалав чи психбольницаялда лъезе ихтияр букӏунаро. Батӏияб жо, гӏорхъолъа ворчӏун, гьес гъалмагъир яги сверухъ ругезеги жиндирго чорхоеги зарал гьабулеб букӏин. Гьединаб ахӏвал-хӏал бугони, медицинаялъул хехаб кумекалъул машинаялда гьев больницаялде вачуна ва, 48 сагӏтил болжалалда документалги хӏадурун, судалде кьола. Судалъул хӏукмуялда яги жинцаго хъвараб гӏарзаялда рекъон, унтарав психиатрическияб больницаялда лъола.

«Захӏматалъул ветераназе кьолеб гӏарцул къадар бищунго дагь щай Дагъистаналда бугеб? Ставрополь ва Краснодар краязда ветераназе щола 1500 гъурущ. Дагъистаналда ругел гьеб къадар гӏарцул кьезе мустахӏикъал гьечӏищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул финансазул министерствоялъул ветераназул ишазул отделалъул хӏалтӏухъан Гӏалиева Мадинаца:

— Россиялъул киналго регионазул ветераназе федералияб хӏукуматалъ чӏезабун буго 526 гъурущ пособиялъул. Бюджеталъул ресалда рекъон, щибаб регионалъул ихтияр буго гьелде тӏаде гӏарцул бокьараб къадар жубазе. Ставрополь ва Краснодар краял ккола бечедал регионал, гьединлъидал гьез ветераназе кьола 1500 гъурущ.

Абулеб буго исана тӏоцебесеб февралалдаса нахъе ветераназе кьолеб гӏарцул къадар цӏикӏкӏине бугин. Амма жеги гьелъул хӏакъалъулъ нижехъе щвараб хӏукму гьечӏо.

Махӏачхъала шагьаралдаса Хӏажимурадица цӏехолеб буго: «Дун лъадигун ватӏалъана, хӏалтӏулевги гьечӏо. Дицаго хьихьулеб буго анлъго ва анкьго сон бараб кӏиго лъимер. Пачалихъалъул рахъалдаса дир лъималазе кинаб кумек-бигьалъи букӏунеб? Моцӏрое щвезе кколеб лъималазул пособие, ай 150 гъурущги, гьезие бачӏунаро. Пособие щвезе ккани, кинал документал дица хӏадуризе кколел ва, гьелги росун, дун киве ине кколев?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул хъизамалъул пособиязул отделалъул хӏалтӏухъан Хӏажимухӏамадова Патӏиматица:

— Ихтияразулалгун нормативиял актазда гьечӏо жинцаго лъимал хьихьулев эмен (одинокий папа) абулеб бичӏчӏи. Амма, законалда рекъон, гьесул ихтияразулаб статус бащалъула жинцаго лъимер хьихьулей эбелалда.

Гьединаб статус щвеялъе чара гьечӏеблъун ккола:

1. Чӏужугӏадан эбелалъул ихтияраздаса махӏрун гьаюн йикӏин.

2. Эбел хвей.

3. Эбелалъул гӏакълу-пикру жагъаллъи.

4. Лъимер инсул къайимлъиялда букӏиналъул официалияб хӏужа.

Ратӏалъиялъул хӏужа ва гӏемераб заманалъ эбел лъимада аскӏой гьечӏин абулеб баян эмен жинцаго лъимал хьихьулевлъун рикӏкӏиналъе гӏоларо.

Анлъго ва анкьго сон бараб щибаб лъимералъе хӏукуматалъ щибаб моцӏалъ кьолеб 206 гъурущ гуреб, цоги батӏияб кумек букӏунаро. Гьеб пособие щвеялъе хӏажалъула хадусел документал: инсул паспорт, захӏматалъулаб книжка ва СНИЛС, хъизаналъулъ чагӏазул хӏакъалъулъ справка, лъимал гьариялъул хӏакъалъулъ, свидетельстваби ва ригьин биххиялъул хӏакъалъулъ свидетельство. Гьел документалги росун мун ине ккола дур хъвай-хъвагӏай бугеб бакӏалъул социалияб рахъалъ цӏуниялъул управлениялъул хъизамалъул пособиязул отделалде.

«Москваялъ цере лъолел руго киназего гӏаммал стандартал. Масала, ясли-ахал рихьичӏел, гьеб щибалицин лъаларел мугӏрузул росабалъ гӏумру гьабун ругел лъималги, шагьаразда ясли-ахазде хьвадулелги ращад гьари битӏун бугищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:

— 2012 соналъул 29 декабралда къабул гьабураб №273-ФЗ «Об образовании в РФ» абураб федералияб законалда рекъон, Москваялъ цере лъолел ругел стандартал ккола Россиялъул киналго регионазе гӏаммал, ай кьуричӏого тӏуразаризе кколел.

Гьединлъидал ДРялъул хӏукуматалъул ихтияр букӏунаро гьел хисизаризе.