Буйнакск районалъул Хъараниса Акаев Нажмудиница 28 соналъ хъулухъ гьабуна СССРалъул ва хадубккун Россиялъул балъгояб аскаралъул хасаб батальоналда. Гьев хӏалтӏана диверсантал хӏадурулеб школалда инструкторлъунги, рагъулал цӏалул идарабазда преподавательлъунги. Кӏиго лъагӏелалъ Афгъанистаналда вукӏарав гьесулгун гара-чӏвари тӏобитӏана нижеца.

— Нажмудин, кин байбихьараб дур рагъулаб хъулухъ?

— 1965 соналда дица лъугӏизабуна Орджоникидзеялда (Владикавказ) бугеб рагъулаб училище. Витӏана хӏалтӏизе. Кӏиго моцӏидасан дица хъулухъ гьабулеб рагъулаб часталде вачӏана маршал Москаленко. Ниж кьвагьдолеб бакӏалде вачӏана гьев. Дун кин кьвагьдолевали халги ккун, гьес дида абуна: «Дир вас, вилълъа дида цадахъ», — ан. Вачана округалъул командующиясухъе. «Иван Макарович, исана училищеги лъугӏизабун вачӏарав гьав гӏолохъанав лейтенантасе щвана инспекциялда «щуйилаб». Гьале гьав тезе бегьула разведротаялъул командирлъун», — ан абуна маршалас командующиясда. Гьедин ккана дун Одессаялда букӏараб хасаб батальоналде. Хадубккун микьго соналъ батальоналъул командирлъун вукӏана, щвана капитанасул чинги.

— Афгъанистаналде кида ккарав?

— 1980 соналда гьенибе битӏана нижер батальонги. Дун гьеб заманалда вукӏана хасаб командировкаялда. Батальоналъул командир чӏвана дова. Гьеб мехалда нухмалъиялъ дун ахӏана ва досул бакӏалде витӏана. Кабулалде щведал, буюрухъ бачӏана тӏадвуссаян абураб. Кабулалде щведал дида абуна, тӏадеялъул рагъулаб операция букӏине бугин ва гьелъие хӏажалъизе ругин мугӏрузда хьвадун ругьунал аскариял. Нижер батальоналъул солдатал куцалаан Казбекалде, Эльбрусалде ва цогидалги мугӏрузде ххаризеги мугӏрузда рагъулал ишал гьаризеги. Щивав солдатасухъа цого хӏалалда бажаризе кколаан авлахъалдагун мугӏрузда цебелъураб масъала тӏубазабун.

— Нилъер солдатал Афгъанистаналде ритӏи битӏараблъун рикӏкӏунищ дуца?

— Афгъанистаналда кӏиго лъагӏел бана дица. Исана 31 сон тӏубала нилъер аскариял гьениса нахъе рачаралдаса. Рагъалъ инсанасул гӏакълуги, гӏумруги, пикруги хисизабула. Доб заманалда гьениб букӏана жакъа Сириялда бугебго гӏадинаб хӏал. Гиндукуш мегӏер буго ралъдал гьумералдаса анкьазарго метр борхалъи бугеб. Гьел мугӏрузда лъезе къасд букӏана НАТОялъ радарал. Гьелдалъун гьезда, хъатиниб гӏадин, цебелъолаан Саратовалде щвезегӏан нилъер мухъ. Дозда ракӏалда букӏана Кандагаралдасан Индиялъул океаналъул рагӏалде маххул нухги бахъун, гьениб Америкаялъул рагъулаб база базе. Гьениса рехарал ракетаби бигьаго щвезе рукӏана нилъер ракьалде. Гьелде данде гьабураб иш букӏана советиял солдатал Афгъанистаналде ритӏиги. Афгъанистаналъул нухмалъиялъ 5-6 нухалъ ахӏун, унги рукӏана гьенире нилъерал аскариял.

— Солдатал куцазе хӏажатал шартӏал кин гӏуцӏун рукӏарал?

— Самолеталъ яги вертолеталъ ниж рехулаан хӏажатаб бакӏалде. Кӏиабизе бугони, Сочиялда гӏагарлъухъ букӏана гӏатӏидаб полигон. Гьениб хӏадурулаан пуланаб бакӏалъул макет-копия. Масала, гьениб букӏана Турциялъул пуланаб провинциялъул копия: гьениб бугеб плотинаги, фугасалги, нижеца рахъизе кколел нухалги, ай цебелъураб масъала тӏубалаго, щвезе кколеб щибаб пункт. Нижер батальоналда цебелъураб масъала букӏана Турциялъул Чаталжинский районалда ругел ядерниял фугасал кьвагьизе течӏого, кодоре роси. Фугасал кьвагьани, кьвагьулаан гьениб гӏагарда букӏараб лъел сангар. Гьеб сангар биххараб мехалда, хӏинкъи букӏана Турциялъул Европаялъул рахъалда бугеб ракь тӏубанго лъелъ гъанкъиялъул. Нагагь рагъги байбихьун, нилъер аскар добе бачӏани, гьебги лъелъ гъанкъизе букӏана. Гьединлъидал нижеда цебелъураб масъала букӏана, нагагь рагъ байбихьани, сордо-къоялъул болжалалда жаниб гьел фугасал Босфоргун Дарданеллги тун, Турциялъул гӏорхъодаса къватӏире щвезари. Гьеб масъала тӏубазе кколаан Одессаялдаса вертолеталъ Болгариялъулгун Турциялъул гӏорхъоде рехизеян хӏадурараб нижер десантазул батальоналъ.

— Гьеб тӏадкъаялъул аслияб мурад щиб букӏараб, Турциялъул гӏадамал цӏунийищ, яги…

— Варшаваялъул къотӏиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб дандечӏей букӏиндал, дозукьа къун чӏезе бегьулароан. Доб заманалда букӏараб Турциялъул армиялда бажарулароан тушманасде данде 3-4 сагӏаталъ гурони дандечӏей гьабун – солдатазул къадарги дагьаб букӏана гьезул, армиялъул къуватги загӏипаб букӏана. НАТОялъул планазда бихьизабун букӏин букӏана, Варшаваялъул къотӏиялъул пачалихъазухъа кӏиго сордо-къоялъ гурони, жидеде дандечӏун бажаруларин абун. Гьеб заманалда Босфор-Дарданеллалъулги, Гибралтаралъулги, Европаялъулаб бутӏаялъулги иш лъугӏулаан, дозул пикруялда рекъон.

— Хасаб батальоналде рачунел рукӏун ратила тӏаса рищарал солдатал…

— Батальоналда хъулухъ гьабизе ритӏун рачӏунаан турказул мацӏги лъалел, лъикӏаб сахлъиги бугел гӏолилал. Гьенир рукӏана татаралги, лъарагӏалги, турказул мацӏалде гӏагарал цогидал халкъазул вакилзабиги. Буйнакск районалъул магӏарул росулъ гӏурав вукӏиналъ, дидаги лъалаан лъарагӏ мацӏ.

15 маялъул радал сагӏат микьгоялда рахъинеги гьарун, 40 километралъ Одессаялдаса рикӏкӏад бугеб бакӏалда хьуцӏил рагӏалда рещтӏинабуна нижер аскар. Гьениб цо бакӏалда ракьулъ гӏучӏги къазабун, полкалъул командирас абуна: «Анисимов, гьаниб букӏина дур штаб. Гьадаб рахъалда техника лъезе паркги гьабе, гьаб цояб рахъалда – чадралги чӏвай. Гьале гьаниб базе буго кинабго инфраструктура гъорлъе бачараб рагъулаб городок. Анкьабилеб ноябралда нуж жанире лъугьине ккола цӏирарал минабахъе», — ян. Анкьабилеб ноябралде гьеб хьуцӏил рагӏалда бан букӏана ичӏтӏалаяб 20 минаги, дивизиялъегун полкалъе штабалги, солдатазе казармабиги, офицерзабазул мина, клуб, стадион, бассейн, школа, лъималазул ах ва цогидалги бакӏал. Гвардейский абураб шагьаралъул тайпаялъул поселок бана рииялда жаниб! Гьединаб гуч букӏана доб заманалда.

— Дагьалъ цебе ккана кӏудияб ахӏи бахъинабураб лъугьа-бахъин: солдатас чӏвана цадахъ рукӏаразул чангояв. Гьединал хӏужаби кколаанищ дол соназда?

— Доб заманалда кинабго тӏалаб гьабулаан командирасухъа. Дида, мисалалъе, командир хӏисабалда лъазе кколаан щивав солдатасул пикру, гӏузру, рохел-пашманлъи. Рес рекъарабго, цӏехолдулаан дун: рокъосан кагътал рачӏунищан, йокьулелъул хабар щолищан, эбел-инсул щиб хӏал бугебин абун. 15 соналъ хӏалтӏана дун солдаталгун – цониги гьединаб хӏужа ккечӏо.

Доб заманалда офицерас малъараб гьабуларев, масала, дагъистанияв пуланаб заманаялъ витӏулаан дагъистанияв-офицер вугеб часталде. Гьесулгун гара-чӏвариял гьарулаан. Цо-цо мехалда гӏемерал дагъистаниял ругеб бакӏалде унаан дун, гьелгун дандчӏвазе, гьезул ахӏвал-хӏал цӏехезе. Кколаан солдатазул мукӏурлъунгутӏиялъе гӏилла цӏехонгутӏиялъул хӏужабиги. Масала, шагьаралда тира-сверизе цогидал солдатал риччалел ругони, дагъистаниязе инкар гьабулаан. Гьелда бан камулароан солдатазулги офицерзабазулги дандечӏей. Масала, цо нухалда дун ккана Белгородалда бугеб часталде. Дандчӏвана киналго дагъистаниялгун. Цӏехана гьезда бугеб ахӏвал-хӏал. Гьенив вукӏана Дагъистаналдаса 300-ялдаса цӏикӏкӏун солдат. Гьезде гӏайибги гьабулеб букӏана командирзабазухъ гӏенеккуларин абун. Хӏасил-калам, рачана дица гьел киналго, дидаго тӏаде жавабчилъиги босун, шагьаралде тира-сверизе. Гьабуна къотӏи: пуланаб заманалда аслияб майданалда ракӏареян абун. Бихьизабураб заманалда гьениве щвана дун. Рачӏун ратана солдаталги. Амма гьез гьабулеб бихьараб жоялъ гӏадаллъизехъин вукӏана. Аскӏосан унел руччаби толаро, ахӏдолаан. Гьединаб хьвада-чӏвадиялъул солдатал лъиеха бокьилеб увольнениялде ритӏизе?

Ахираб заманалда батӏи-батӏияб къимат кьолеб буго Афгъанистаналъул рагъулъ советиял солдатал гӏахьаллъиялъе. Доб заманалъул хӏисаб гьабидал бичӏчӏулеб буго, гьеб тадбир пачалихъалъе кӏудияб кӏварги магӏнаги бугеб иш букӏараблъи.